Аслияб гьумералде

Дунялалъул тIабигIат – Аллагьасул аманат

Дунялалъул тIабигIат – Аллагьасул аманат

Дунялалъул тIабигIат – Аллагьасул аманат

ХIурматиял бусурбаби, гьале тIаде щвана хинаб заман. Гьеб буго гIадамал хIухьбахъи гьабизе гIалхуде, рохьоре, ай тIабигIаталде яги жидерго магIишат-яшав гьабизе къватIире рахъунеб мех. Гьеб буго кутакалда лъикIаб иш, бетIер чучизе, нервабазе бигьалъи щвезе ва къаркъалаялъул сахлъи щула гьабиялъе кумек бугеблъунги.

 

ТIабигIат ва гIурччинлъи ккола БетIергьанас нилъее гьабураб сайгъат. Гьелда жаниб буго пайда-хайирги. Аллагьас нилъее пайдаялъе гьеб бижун букIиналде тIоритIел гьабула хирияб Къуръаналъул аяталъги: «Гьединав Аллагь вуго, гьаб ракьалда бугебщинаб нужее гIоло бижарав», - ян. (Сура «ал-Бакъара», аят 29)

Жеги гьеб мухIкан гьабула дунялалда бугебщинаб жо инсанасе мутIигI гьабун букIиналъги. КигIан кIудияб хIйван бугониги, инсанасдаса хIинкъулеблъун, мутIигIаблъун гьабун буго гьеб Аллагьас. Гьединго кигIан кIудияб хъитI-гамачI батаниги, гьебги мутIигI гьабун буго нилъее. Гьединлъидалин гьеб киналъулго жавабчилъиги нилъеда базабун бугеб.

Гьелъул магIна ккола кинабго тIабигIат цIуни ва къачIай нилъер налъи бугин абураб. Гьаб тIабигIат цересел наслабаз цIунун нилъехъе щвараб кинниги хадусеб гIелалъги пайда босулеб хIалалда тезе хIаракат бахъизе ккола.

Инсанасул тIабигIат цIунизе рес бугебго гIадин, гьеб чорок, пасат гьабизеги буго бажари. ГIадамазда гьоркьор камуларо дунялалъул дагьабго боцIуе гIоло сахаб рохь гъурун лъолел, гьединго, гIурччинлъи пасат гьабулел. Гьеб вахIшилъи исламалъул нух гуро. Инсанасе пайда босизе гьукъараб гьечIо тIабигIаталъул бечелъиялдаса. Амма гьеб букIине ккола гIицIго хIажаталъул къадаралда.

Нилъер заманалда хIухьбахъиялъе рахъуна гIалахазде. Цо-цоязда кIочона тIабигIат Аллагьас кьураб нигIмат букIин. Гьениб бугеб жо чурхъараб гIечIого, жидерго рищни-къулцин гьенибего бан тола. ТIабигIат чорок гьаби гуребги, рищни-къул ккезе рес буго рохьазда ва гIалахалда цIаял ккеялъе сабаблъунги. Гьединго рощнолъ ругел къучIбуз ва пластикаялъ ракь хвезабун, гьениб щибго жо бижулареблъун лъугьинабизе рес буго.

Нилъер умумуз гьадин берцинго цIунун букIинчIебани тIабигIат, нилъехъе щвезе рес букIинчIо. Рохьазул бакIалда хIухьдул ратилаан, гIурччинлъиялъул бакIалда - кьварун бакъвараб ракь букIинаан. Гьединго берцинго цIунун кьезе ккола нилъеца хадусеб гIелалъухъеги.

Тохтурзабазул баяналда рекъон, тIабигIат цIуни ккола чорхол сахлъи цIуниялъе бугеб кIудияб сабаб. Гьаваги лъимги чороклъани, гьеб хIалтIизабулел гIадамазулъ гIемерал унтаби загьирлъула. 

Дунялалъул тIабигIат буго цоцаца ккун, берцинго гIуцIун бугеб махлукъат. Гьелъул цо рахъ жагъаллъани, цогидал рахъаздеги сакъат ккечIого хутIуларо. ТIабигIаталде хIухьбахъизе къватIире рахъин сахлъиялъе пайдаяб жо буго. Амма цояб бахъинабун цогидаб бегизабуни, зарал нилъеего букIуна.

Аллагьас кумек гьабеги кинабго лъикIабщиналъе.

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...