Аслияб гьумералде

Дагъистаналъул муфтияталъ 2021 соналъул хlасилал гьаруна

Дагъистаналъул муфтияталъ 2021 соналъул хlасилал гьаруна

29 декабралда, МахIачхъалаялъул аслияб мажгиталда тIобитIана 2021 соналъ муфтияталъ гьабураб хIалтIул хIасил гьабиялъул гIалимзабазул мажлис. Гьеб баракатаб данделъиялда гIахьаллъи гьабуна лъабазаргоялдасаги цIикIкIун чияс.

Мажлис байбихьана ва гьелъие нухмалъи гьабуна муфтияталъул председатель МухIаммад Майрановас. Жидерго хIалтIул лъагIалил хIасилалгун цере рахъана муфтияталъул киналго отделазул нухмалъулел. Муфтияталъул хIалтIуе кIудияб къимат кьуна ДРялъул миллияб политикаялъулгун диниял ишазул рахъалъ министр Энрик Муслимовас.

Мажлисалда гIахьаллъи гьабуна Дагъистаналъул гIалимзабазул советалъул председатель, муфти, шайих АхIмад-афандиясги. Жиндирго кIалъаялда гьес баркала загьир гьабуна гьаб соналъ муфтияталъул хIалтIухъабаз гьабураб хIалтIухъ, гьеб гьабизе кьураб ресалъухъ БетIергьанасе щукруреццги гьабуна. Гьаб бугин цохIо хIалтIухъабазул гуреб, тIолго гIалимзабазул цадахъаб хIалтIул хIасилинги абуна гьес.

«Гьале ана сон. Дие бокьун буго Аллагьасда гьаризе гьаб соналъ ккарал мунагьаздаса тIаса лъугьайин абун ва цоги нухалъги бокьун буго Аллагьасе шукру загьир гьабизе. Щайгурелъул, гьаб кинабго хIалтIи цохIо Аллагьасул кумекалдалъун гьабураб буго», - ян абуна гьес.

Дагъистаналъулъул миллияб политикаялъулгун диниял ишазул министрасегун гьезул хIалтIухъабазеги кьуна муфтияс баркала цадахъ лъугьун гьабураб хIалтIухъги гьезул кумекалъухъги. Жиндир кIалъаялда гьес пикру буссинабуна гIалимзабаз лъураб кIудияб бутIаялде халкъалда гьоркьоб рекъелмаслихIат букIинабиялъулъ. Гьелъие хIужалъунги бачана Шамалъул кIудияв гIалимчи МустIафа ал-Бугъал рагIаби. Гьесда цIехедал Сириялда рагъ ккеялъе щиб гIиллайин ккарабин абун, гьес жаваб гьабун буго рагъ ккечIого букIине рес букIанин гIалимзаби цо пикруялде рачIун рукIараланиян.

«Гьединлъидалин дица нуж, гIалимзаби, ахIулел цоцалъ рекъон, цоцаздехун адабхIурмат цIунун рокьа-хинлъиялда рукIине хIаракат гьабейин абун», - ян абуна муфтияс.

Эбел-инсул адаб цIуни, учительзабазул, мугIалимзабазул хIурмат гьаби, хъизамазде гIадилаб гьоркьоблъи гьабизе ккеялъул суалалги рорхана АхIмад-афандияс. Мажлисалъул ахиралда, жигар бихьизабурал гIалимзабазе Баркалаялъул кагъталги сайгъаталги кьуна.

«Бищун лъикIав имам» абураб цIаралъе ва шапакъаталъе мустахIикълъана Ахты районалъул Къакъа росдал имам ГIузаиров Шамил.

«Бищун лъикIав районалъул имам» абураб цIаралъе ва шапакъаталъе мустахIикълъана Гъаякент районалъул имамзабазул советалъул нухмалъулев Ахалов ГIабдуллагь.

«Бищун лъикIав шагьаралъул имам» абураб цIаралъе ва шапакъаталъе мустахIикълъана Гъизилюрт шагьаралъул имамзабазул советалъул нухмалъулев, Гъизилюрт шагьаралъул имам МухIаммад-гIариф Сиражудинов.

«Бищун лъикIав вагIзачи» абураб цIаралъе ва шапакъаталъе мустахIикълъана исламиял гIелмабазул доктор Урмаса МухIаммад МухIаммадов.

«Бищун лъикIав мугIалим» абураб цIаралъе ва шапакъаталъе мустахIикълъана МухIаммадгIарип афандиясул цIаралда бугеб мадрасалъул мугIалим МухIаммад-гIарип Садикъов.

Гьаб соналъ жидерго хIалтIулъ гьединал хIасилал рихьизаруразе АхIмад-афандияс жинцаго кьуна сайгъаталги.

ГIАБДУЛЛАГЬ МУХIАММАДОВ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...