Аслияб гьумералде

Ихдалил хIурмат

Ихдалил хIурмат

Гьале тIаде щвана тIогьолаб ихдалил заман. ГIемерисеб халкъалъе бищунго бокьулеб мехги ккола гьеб. Иснанасул къаркъалагун сверухъ бугебщинаб тIабигIат цIилъулеб заманги буго гьаб. Гьединго ихдалил заман буго хурзал-ахал рекьулеб, къачIалеб ва кIурулеб мех. Щайгурелъул, гьелда бараб буго инсанасул бетIербахъи. Ракьалда бекьаралдалъун гурони БетIергьанас инсанасе ризкъи гьабун гьечIо.

 

Гьаб макъалаялда ракIалде щвезабизе буго хур бекьигун гъвет чIеялъул хиралъи. Щайгурелъул, гьаб заманалъул гIолилазда кIочонеб буго хур-ахалъул хIалтIи. Тукадул кванидеги руссун, жидерго квералъгун гъиналъ щиб бугониги жо гIезаби гIадаб, ничаб жолъун лъугьунеб буго. ХIакъикъаталдаги гьеб буго кIудияб балагь, гьелъ нилъер хадур рачIунел наслаби загIипал, унтараллъун рахъинаризе руго. Гьелде тIадеги, хур-ахалъул хIалтIи ккола исламалъ беццараб, Бичасул аварагас ﷺ жинде ахIулеб ишлъун.

Аллагьасда ﷻ аскIоб гъветI хIурматияб ва къимат бугеблъун букIин нилъеда бичIчIизелъун, Аллагь ﷻ хирияб Къуръаналда гъветIалдалъун гьедана. ХIатта ТIадегIанав Аллагьас ﷻ хирияб Къуръаналда анцI-анцI бакIазда рехсей гьабун буго гъветIалъул. Гьелъул рехсей гьабун буго Аллагьас ﷻ гьедулеб бакIалдаги: «ИнжиралхIаги ва ОливкаялхIаги», - абун. Гьединго, Аллагьас ﷻ гъветIалдалъун мисал бачун буго хирияб Къуръаналда Жиндирго хIалкIвей гIадамазда бичIчIизабизе. Цоги сураталда Аллагьас ﷻ бицунеб буго аварагас муъминзабазулгун гьабураб къотIиялъул. Гьеб вакъигIат бицунаго Аллагьас ﷻ абулеб буго (магIна): «Гьез дургун къотIи гъотIода гъоркь гьабидал», - абун.

ГIали-асхIабас бицунеб буго жив Аварагасда ﷺ цадахъ Макка шагьар бахун къватIивехун унаанин. Ниж мугIрузда ва гъутIбузда аскIосан унаго гьез абулаанин: «Ассаламу гIалайка, я Расулаллагь». Цоги мугIжизат буго хирияв Аварагас ﷺ ахIидал гъветI гьесда аскIобе бачIиналъул хIакъалъулъги. Цо нухалъ хирияв авараг ﷺ пашманго вукIана. Маккаялъул гIадамаз кьабиялъ гьесул гьурмадаса бачIунеб биги букIана. Цинги зобалаздасан ЖабрагIил малаикги вачIун, хириясда ﷺ гьикъулеб буго: «Щиб дуе ккараб?» - абун. Аварагас ﷺ гьесие жаваб кьолеб буго: «Гьаз дие гьабги гьабги гьабуна», - абун. Цинги ЖабрагIилица Аварагасул ﷺ ракI гIодобе биччазабизе абулеб буго: «Цо мугIжизат бихьизабизе бокьилищ дуе?» - абун. Бихьизабейин Аварагас ﷺ абидал, ЖабрагIил кIкIалалда нахъа бугеб гъотIохъ балагьана ва аварагасда ﷺ абуна, гьеб духъего ахIеян. Хирияс ﷺ ахIидал, кьолболъаги бахъун аварагасда ﷺ цебечIана гъветI. Гьанже нахъбуссинабеян ЖабрагIилица абидал, Аварагас ﷺ гъветIалда абун буго: «Мун тIадбусса», - ян. ГъветIги жибго букIараб бакIалде тIадбуссана. Нилъер хирияс ﷺ ракIбохиялъ абун буго малаикасда гIелин абун (ибну Мажагь).

ГъветI чIей ккола хирияв аварагасул ﷺ ва цере рукIарал лъикIал гIадамазул нух. Салманул Фарисица бицун буго: «Лагълъиялдаса дун тархъиялъе шартIлъун бихьизабуна щунусго пихъ кьолеб гъветI дица гIезаби, гьеб гIейдал дун узденавлъунги лъугьунаан. Дица гьеб шартIалъул Аварагасда бициндал, гьес абуна: «Дуе чIезе бокьун батани, дуца дие изну кье, дица чIела гьел гъутIби», - абун. Изну кьедал, хирияс ﷺ цо хутIизегIан киналго гъутIби чIана, гьеб цо гъветI дицаго чIун букIана. Кинабго гъветIалъ пихъги кьуна, дица чIаралъ хутIизегIан».

Аварагас ﷺ гIемерал гъутIби чIана, хIатта гьесул хириял квераз чIарал гъутIбуздаса чIараб сагIаталъго пихъги кьун гIадамаз кваналебги букIана. Жинцаго чIеялда гIей гьабичIого хирияв аварагас ﷺ нилъ ахIана ва гьесизаруна гъутIби чIеялде. Муслимица бицунеб буго Жабирицаги Анасицаги бицанин: «Бусурбанчияс гъветI чIани яги рекьи гьабуни ва цинги гьеб гIадамаз яги хIайваназ кванани, гьесие гьелъухъ кири букIуна», - ян. Гьелъул кири букIуна гъветI чIварав чи хун хадубги. Анас бин Маликидасан бицун буго, Аварагас ﷺ абунин: «Нужер цоясда къиямасеб къо чIолеб бихьани ва гьесда кодоб гъотIол чIорги бугони, гьесда гьеб чIеян абе».

ГъотIодаса пайда босула жагьиласги гIалимасги, беццасги канасги, кIудиясги гьитIинасги, хIатта кинабниги рухIчIагоябщинаб жоялъ. ГъотIол бахъараб цIулалъул къаламалдасан гIалимас хъвала гIелму. Жагьилас гьеб цIалула. ГъветIалдасан гьабула цIул, къалам, тIамач, сивак, унтуе дару, минаялъе чIалу. ХIатта ракьалда ругел хIутI-хъумур буссунеб бакIги ккола гъветI. ГIалхул хIайваналдаса тIурулев чи вахунеб бакIги гьеб буго. Риидалил бухIараб къоялъ рагIдукь чIолеб бакIги гъветI буго. ЦIадалдаса вахчулеб бакIги гьеб буго. ГъотIол пайдалъул гIорхъиго гьечIо. Гьелъул бищун кIудияб пайдабаздасанги ккола, инсанасе къуват бачIиналъе квенлъун гьелда бижараб пихъ букIин. Гьедин, Аллагь ﷻ гурхIун, Аллагьас ﷻ гIадамазе ракьалда бижана чанго хIикмат жиндилъ бугеб гъветI.

 

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...