Аслияб гьумералде

ЦIияб соналъул хIакъикъат

ЦIияб соналъул хIакъикъат

ЦIияб соналъул хIакъикъат

Дунялалдаго тIибитIараб цIияб соналъе аслу буго ГIиса авараг (гI.с) гьави. Гьев гьавураб мехалъул мухIканаб баян гьечIониги, юлианиябгун григорианияб тарих гьев гьавиялда хурхинабула. ХIакъикъат Аллагьасда лъала.

 

ГIиса авараг вуго щуго улулгIазмабилъун кколел чIахIиял аварагзабазул цояв. Гьев гьавуна Марьямие, эменги гьечIого. Марьямил гордил къвалинибе ЖабрагIил малаикас пуялдалъул ургьиве вачIана ГIиса авараг. Росасе инчIого ургьибе лъимер бачIунин абун гIемераб хабар-калам ккана Байтул макъдисалъул агьлуялда гьоркьоб. Гьеб хабар ханасухъеги бахъун чIвазе къотIиялъул хIукмуялда хIинкъарай Марьямица тезе ккана Байтул макъдис.

КъватIий, ай гIалахалда йикIаго хIара чIварай Марьям ана цо бакъвараб чамасдакил гъотIокье. Гьеб бакIалда ГIиса аварагги вачIана дунялалде. ГьабсагIат гьеб бакIалда цIар БайтуллахIм буго, насранияз Вифлием абула. Гьесул баракаталъ аскIоб иццги баккун, бакъван букIараб гъотIода цIидасан пихъги бан, Марьямгун васасде тIаде гьетIун бачIана. ГIаркьел цIан гьеб кванайин ва гъвинабейин абун Къуръаналдаги бачIана гьелъул бицен.

 

ХIатIакьан ицц баккана,

бакъвараб гъветI цIилъана,

Барщараб чамасадакалъ

чурхъун цIураб лъугьана.

«Ва гьуззи илайки», - ян

гьеб гьурщизе малъана,

«ТусакъитI гIалайки», - ян

гъине букIин бицана.

Цинги малаикзабаз Марьям

сверун йосана,

Инсалгин женаздаса жидеца

гьей цIунана.

Гьенив ГIиса гьавуна,

гIаламатал тIатана,

Хъанчал гIодоре къулун,

щайтIаби цоцахъ рана.

(ЧIикIаса СагIид-афанди)

 

ГьитIинав ГIисаги вачун Байтул макъдисалде тIадюссана Марьям, цо нохъода кIикъого къоги бан. ТIадюссунелъул Аллагьасул рахъалдасан гьелъие амру букIана, гIадамаз суалал кьуни, юцIцIунги чIун, васасда гьикъеян ишара гьабеян абун. Амруялда нахъйилъун Марьямица лъимаде ишара гьабидал гIадамал лъугьана дагьалги рагъизе, жал ралъаргъунел ругин, гьитIинаб лъимада кинин жо гьикъулебин абун. Кинниги цояс гьикъана хIалбихьизе. Цинги гьитIинав ГIисаца жаваб гьабуна жив вугин Аллагьасул лагъ, ай ГIабдуллагьилан абун. Нахъа жив гьереси гьавун данде рахъине рукIиналъулги бицана. КIикъого къо бараб лъимер пасихIаб мацIалдалъун кIалъаялъ цIакъ гIажаиблъизаруна бану исраилалъулал. ГьитIинав ГIиса кIалъачIевани, мекъи хьвадиялъул мунагьги тIадчIезабун, гьеб халкъалъ Марьям чIвазе рес букIана.

ГIумруялъул лъеберго сон баралдаса нахъе авараглъиялъул хIалтIи тIадкъан халкъалъе дагIват гьабуна ГIиса аварагас. Гьесул букIинчIо щибго магIишат, чIужу-хъизан, мина-карт. Цо нухалъ гIалхуда къаданиб гамачIги лъун кьижарав ГIиса аварагасухъе бачIун шайтIалъ кIалгьикъун буго дуцагийищ дунялалдаса кеп босулебин абун. Къадалъаги босун гьелда хадуб речIчIун буго гамачI. Гьелдаса нахъе тIокIаб гьебгицин хIалтIизабунги гьечIо.

Киб квер тунканиги гьениса баккулаан лъимгун бокьараб тIагIам. Цадахъ ругел хIавариюнал ракъун ругин зигардидал гьезие квен ракьалда квер тун кун бачIинабулаан. Цо къоялъ гьезда гьоркьоса цояс цIехон буго ГIиса аварагасда жидедаса лъикI вугев чи вугодай абун. ГIисаца жаваб гьабун буго ругин абун. Щал гьелин суал кьедал, жаваб гьабун буго жидерго квералъ хIалтIун, чорхол гIетI тун гъин бихьун бетIербахъи гьабулел гIадамал ругин абун. Гьеб къоялдаса нахъе хIавариюназ кванил гIарз бахъичIого жидецаго гьабуралда гIей гьабун чIун руго.

ГIиса аварагасул мугIжизатал цIакъ гIемер рукIана. Жеги гьитIинго вукIаго лъималгун васандулелъул гьезул рокъоб бугебщинаб бицунаан. Гьес бицухъе батизеги батулаан. ХIатта цо-цо умумуз гьев сихIручиясде аскIоре къагеян лъимал цIунулел рукIун руго. Гьедин цо къоялъ лъимал цIехун арав гьесда, цо рокъор лъималги рахчун, гьечIин абун буго ягьудияз. Гьаб рокъор ругел щалхаян абидал, болъонал ругин жаваб гьабун буго. Гьез жаваб гьабухъе болъоналлъун лъугьун ратунги руго рокъор рукIанщинал лъимал.

ГIиса аварагасул бищунго кIудияб мугIжизатлъун кколаан унтарал сах гьари. ХIатта сахлъи гьечIеб унтуца унтаралгун хваралцин чIаго гьарулаан ГIиса аварагас. Жибго гьел сах гьарилалде цебе хIакъаб диналде рачIиналъе къотIиги гьабулаан.

 

ГьитIингоги гIедалги

ГIиса аварагасул

ГIемерал мугIжизатал

халкъалда загьирлъана,

Дару гьечIеб унтуца

унтарал сах гьаруна,

Гьес дугIа гьабун,

чанги хваралги чIаголъана.

Гьесдехун халкъ гьетIана,

атбагIал гIемерлъана,

ГIемерав унтарав чи,

дугIа гьабун, сахлъана.

Сахлъун хадур иман лъей

гьезий шартI гьабулаан,

Гьаб хIалалъ ГIисадехун

рокьи гьезул цIикIкIана.

(ЧIикIаса СагIид-афанди)

 

ГIиса авараг лъеда тIасан унаго щибго регьел хъвалеб букIун гьечIо. АскIобе ахIун ритIучIги хъун, бежа-белъун кванан хадуб бахъайин абидал, цIидасан чIаголъун, жиндирго нухда ун буго. ХIарщул гьабун хIинчIалде, Аллагьасул изнуялдалъун бахъайин абигун, боржун унеб букIун буго. Гьединал гIемерал мугIжизатал рукIун руго ГIиса аварагасул. Гьезул магIна киназдаго бичIчIунгутIиялъ гьев Аллагь кколин абизе лъугьун руго цо бану исраилал. Гьединлъидалин Бичасул аварагас ﷺ нилъеде хитIаб гьубураб: «Насранияз Марьямил вас ГIиса авараг гIадин гIорхъолъа ун дун нужеца веццуге. Дун лагълъидал вугев, Аллагьасул лагъ ва Аллагьасул расулин абе», - ян.

 

Акмагьал, дугIа гьабун,

бихьулел лъугьунаан,

Лъеда тIасан унелъул

хIетIе биччулароан.

Рокъоб кваналеб бугеб,

иддихар гьабурабги,

- Гьабги, гьабги гьечIищан

гьезие бицунаан.

Буцун, хIарщул хIинчI гьабун,

гьелда тIаде пулаан,

ГьебсагIаталъ чIаголъун,

рухI бугеб лъугьунаан.

Лъугьинеги бищунго

гIажаибаб махлукъат,

Къохьол лъалкIачги лъугьун,

жиб боржунги унаан.

Гьединал мугIжизатал

ГIиса аварагасул

ГIорхъи-рахъ лъаларелгIан

гIемер рукIарал руго.

ГIадамаз жал ургъарал

маргьабиги гьел гуро,

Гьалъие Каламуллагь –

Къуръанги нугIлъун буго.

(ЧIикIаса СагIид-афанди)

 

ГIиса аварагасде рещтIараб тIехь ккола Инжил. ГьабсагIат гьелъул аслияб ва битIараб нусха щвезе рес гьечIо. Щайгурелъул гьеб хисизабуна чанго нухалда. МухIаммад ﷺ аварагасухъе рещтIараб Къуръан гурони цIунизе тIаде босун букIинчIо БетIергьанас. ГIиса авараг вукIана Бану исраилазухъе витIарав авараг. МухIаммад авараг ﷺ гурони инсалгун жиназде ва тIолабго халкъалъухъе витIарав цоги авараг вукIинчIо.

 

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-07-15 (Сафар 1448 с.) №14.


НухIил тIупан

НухӀ аварагасул заманалда тIолабго дунялалдагойищ тIупан тIун букӀараб? ГӀемерисел гӀалимзабазул ва Къуръаналъул тафсирчагӀазул пикруялда рекъон, тӀолабго дунялалдаго тIупан тIун букӀун буго. Гьелъие далил хӀисабалда гьез рачана гьеб лъугьа-бахъиналъе сипат гьабулел аятал.   ТIадегIанав...


Къиямасеб къоялъул гIаламат

Магьди ккола Аварагасул ﷺ яс ПатIиматил наслуялдаса, гьев загьирлъараб мехалъ гIадлу-низамалъул рахъалъ дунялго цIола. Дажал вуго капурав, халкъ къосинабулев, цояб бер беццав, кIиябго бералда бакьулъ капурчийин хъварав, жив Аллагь вугилан чIарав, жинда нахърилълъарал жалго толев, нахърилълъинчIезе...


РакI - инсанасул рагъул майдан

Исламалда тарбия кьеялъул бищунго кIвар бугел масъалабазул цояб ккола рекIел ургъел гьаби. РакIалъ чIезабула Аллагьасда цебе лагъасул хIакъикъияб хIал, гьесул къасдал, ракIбацIцIалъи, цогидаздехун ва жидерго БетIергьанасдехун бугеб бербалагьи. Инсанасул къватIисел ишал ккола гIицIго жаниб бугеб...


ГIайна ХIамзатовалъе кьуна ХӀурматалъулаб грамота

Жигараб хIалтIухъ ва хасаб рагъулаб операциялъулъ гӀахьаллъаразе гьабураб кумекалъухъ ХӀурматалъулаб грамота кьуна ДРялъул ЖамгӀияб палатаялъ ДРялъул муфтиясул гӀакълучIужу  ХӀамзатова ГIайнае. Гьеб шапакъат кьуна Дагъистаналъул ЖамгӀияб палатаялъул председатель Черкесов ГӀазизбекица, хасаб...


«Юсуф» сура

ТIадегIанав Аллагьас хирияб Къуръаналда абулеб буго (магIна): «Дуца бице, Авараг ﷺ, дурго къавмалъе Юсуф аварагас жиндир эмен ЯгIкъуб аварагасде абураб: «Я, дир эмен, дида бихьана макьилъ анцIила цо цIва ва бакъги моцIги. Дида гьел рихьана зодоса гIодореги рещтIун, дие сужда...