ГIелмуялъул нухда – 25 сон
ГIелму цIалиялъул хиралъиялъул хIакъалъул рачIарал гIемерал аяталгун хIадисал, салафазул асарал руго. Мажгитазул минбараздаса, казияталъул тIанчазда, исламиял тIахьазда гьелъул бицунебги гIемераб рагIула халкъалда. КигIан гьеб бицунеб бугониги гIелму цIалиялъул унго-унгояб хIасил цебелъун бихьуларо киназдаго. Амма гьеб бакъ гIадин бихьана Дагъистаналъул муфти, накъшубандиябгун шазалияб тIарикъаталъул шайих АхIмад-афандиясда.
ЗахIматал 2000-абилел соназда, муфти СайидмухIаммадги шагьидлъун бесдал хутIараб Дагъистаналъул къисматалъул жавабчилъи тIаде бегарав АхIмад-афандиясда цебе букIана кутакалда захIматаб суал. Гьеб щибин абуни, Совет Союзалъул атеистаз накалде ккезабураб ислам къокъабго заманалда тIаде борхун, цIияб гIумруялде бахъинаби.
Гьединаб масъала жинда цебе чIарав динияв цевехъанасе рукIуна чанго батIиял къагIидаби ва нухал бугеб ахIвал-хIал лъикIлъизабизе. Масала, гIадамазе дагIват гьабиялда тIадчIей гьабун вагIза-насихIатал гьарун бакI-бакIазде хьвадиялде кIвар буссинаби. Гьединго исламияб литература кинавниги чиясухъе щвезабизе хIаракат бахъи. ГIадамазухъе рокъо-рокъоре хьвадун иман-ислам щивасда малъи. Гьезда релълъаралги цогидал гIемерал нухал. Узухъда, гьел киналго камилго гIумруялде рахъинаризе ккани чара гьечIого къваригIунеб букIана гIелму бугел, хIадурарал гIалимзаби. Гьеб мехалда букIана кIиго нух, цIикIкIарасеб тIадчIей сунда гьабилеб, кинабго къуват дагIваталъ къватIире рахъиналдейищ кьелеб яги дагIваталъе хIадурлъилъун букIине гIун бачIунеб гIелалда гIелму малъиялдейищ кьелеб абураб. Гьайгьай АхIмад-афандияс тIаса бищана гIун бачIунеб гIелалда исламияб гIелму малъиялда тIадчIей цIикIкIинаби. Гьелъие кьучIлъунги ккана Меселасул МухIаммад-афандияс АхIмад-афандиясе киналниги загьириял гIелмаби халкъалда малъизе гьабураб ижазагун гьелда тIадчIей гьабеян абураб аманатги. АхIмад-афандияс жиндирго устарасул аманат рехун течIо, кинабниги жиндир бугебщинаб сурсат буссинабуна гIелму тIибитIизабиялде.
Дагъистаналъул муфтилъун вищизегIан АхIмад-афандияс нухмалъи гьабулеб букIана Гъизилюрт районалъул Комсомольское росулъ бугеб исламияб институталъе. Муфтилъиялъул жавабчилъи тIаде бачIингун гьес жеги цIикIкIинабуна гIелмуялда тIадчIей гьабиялъул хIалтIи.
МахIачхъалаялъул централияб мажгиталда цебе букIана муфти СайидмухIаммад-хIажияс исламияб университет базе кьучI лъун чанго тIала борхараб мина. АхIмад-афандияс гьеб хIалтIи рагIалде бахъинабуна. Гьеб кIалгIаялда жаниб гIуцIана унго-унгояб гIелмияб къебелъи. Лъимал цIализе росун хIалтIи байбихьараб мех букIана 2000-абилел сонал. Гьелдаса нахъе ана 25 сон. Гьеб универститеталда жанир цIалун рахъана нус-нус гIалимзаби.
ЦIалулел идарабазде хIажат
Темаялдаса дагьал дорегIанги ун, бицинин цогидаб ишалъул. Гьел сонал рукIана Дагъистаналда гIелмияб хIажалъи цIикIкIарал, гIелмияб ракъи бугеб мех. Советазул хIукуматги биххун, къватIисел улкабазде нухал рагьараб заман. Щвараб ресалдаса пайдаги босун байбихьана халкъалъ жидерго лъимал гIелму цIализеян абун гIараб улкабазде ритIизе. Аслиял цIалулел бакIал рукIана Сирия, Египет, СагIудия, Ливан. ГIелму цIали кигIан лъикIаб иш бугониги, щибго кьучI гьечIел гIолохъаби къватIисел улкабазде ритIараб мехалда чара букIинчIо гьел мекъаб нух ккуразул, вагьабиязул, ихваназул гудракье ккечIого. Гьелго гIолохъаби ватIаналде тIадруссиндал рес букIана батIи-батIияб рекIелчIей цадахъ бачIине, агьлу-сунна-вал-жамагIаялде данде кколарел пикрабигун рачIун гьел тIиритIизаризе лъугьиналда. Гьадинаб иш бугин эбел-инсуда бицараб заманалда гьез абулеб букIана нилъерго гьаниб цIализаризе рес гьечIолъиялъ ритIулел ругин лъимал къватIиреян.
ХIакъикъаталдаги гьеб суал цIакъго кIвар бугеблъунги букIана. Лъиего балъгояб жо гуро исламалда жанир кигIан гIемерал рикьалаби ругелали. Киналго гуро гьезул ритIарал ругел, цо нух буго битIараб, цогидал мекъалги руго. Гьаб хIакъикъат нилъеца ургъараб жоги гуро. Гьеб буго БетIергьанас нилъер хIалбихьизе тIаде тIамураб жо. Щивав чиясе рес кьун буго битIараб нух бищизе, гьединго мекъалдаго вукIинеги. Амма мекъаб рахъ бищарасул ахир талихIаб ккунгутIиги балъгояб жо гуро. КигIан кин бугониги гIисинаб гIелалда гIакълу дагьаб гурони букIунарелъул, гьеб бугезул малъиялда нахърилъани, ритIун ккола гьелги.
Гьаб бицаралда банги кутакалда хIажат букIана халкъалъул киналго тIалабал тIуралеб, гъваридго гIелму малъулеб исламияб идара. Гьеб хIажатги тIубана Дагъистаналъул муфтияс исламияб университет хIалтIизе биччаялдалъун.
Университеталъул программа
Лъай кьеялъул идараялъул хIасил бараб букIуна гьениб малъулеб жоялъул ва программаялъул даражаялда. АхIмад-афандияс гьелдеги кIудияб кIвар буссинабуна. Дагъистаналда умумузул заманалда гIелму малъулеб къагIидагун программа букIана доб заманалда дунялалдаго цIар рагIараб исламияб лъай кьолеб «ЖамигIу азгьаралда» рекъезабун. Гьебго программа лъазабуна, кIвар кьуна гьелда рекъон хIалтIизе. Гьелъ кIудиял хIасилалги кьуна.
ДИУялъул хIалтIи
АхIмад-афандияс жиндир бугеб кинабниги къуватгун кIвар буссинабуна мадрасаби хIалтIизариялде, мутагIилзаби цIикIкIинариялде. ХIатта цо-цоязул пикру гьесулгун рекъон кколароан. Дагьаб гIайибчIвай гIадаб жоцин букIунаан мадарасазда тIадчIей гурони тIокIаб хIалтIиялъул гIемер ургъелго гьабулеб гьечIин абун.
Хур бекьулаго бачIин бакIарулеб гIадат гьечIо. ХIалухъин бакIаризе ккани заман къваригIуна. Доб заманалдаса гьалде щвезегIан чIаго хутIаразда бихьана гьелъул хIасил. Дибирлъун росулъ тезе гIарабият лъалев чи щвечIого гIажам лъалел имамзаби рукIана. Гьанже балагьани щибаб росулъ тезе имамасулгун мугIалимасул кIудияб ургъел гьечIо. Мадрасалда цIаларал гIолохъаби гIезегIан руго.
КигIан нилъее бокьичIониги мадрасабазде лъимал гIемерго ритIичIел росабиги камун гьечIо. Гьезул росдал хьвада-чIвадиялде балагьун бигьаго ратIа рахъизе лъалеб хIалги буго. Исламалъе гьабулел хIалтIабазул бищунго асар цIикIкIараб, пайда-хайир гIемераблъун ккола гIун бачIунеб гIелалда исламияб гIелму малъи. Балагье нилъго, цо тухумалда жанив цIаларав чи лъугьани, тIубараб тухумго нухда бачуна гьес. Щибаб тухумалда кигIан гIемер ругебгIан гьезул гIелмияб даражаги борхараб букIуна, мекъи ккеялдаса цIунаралги рукIуна.
Гьанже нилъее хIажат буго, щивав гIолохъанчи мадрасалда цо лъабго соналъгIаги цIаларав вукIине. Гьелдаса хадуб кинаб хIалтIи, махщел гьес гьабуниги диналда жаниб мекъаб рахъалде иналдаса цIунаравлъун вукIуна гьев.
Жакъа Дагъистаналда кинаб лъикIлъи диналъе ккун батаниги, гьеб буго исламияб гIелму малъиялъул баракат.
ДИУялда чIезарун руго мута-гIилзабазе къваригIунелщинал санагIалъаби. ЦIали гьабиялдаса бахъараб спорт цебе тIезабиялде щвезегIан гIуцIун буго мутагIилзабазе.
ХадурагIи
ТIадрусинин добго хIасилалде. ГIелмуялъул хиралъиялъул бицунеб рагIидал тIубанго гьелъул магIна бичIчIуларого рукIарал гIадамазда гьелъул асар бихьизе рес буго жакъа къоялъ. ДИУялъул мутагIилзабаз жакъа Дагъистаналда гуребги, тIолабго Россиялдаго гьабулеб буго исламияб дагIваталъул хIалтIи. Гьеб буго Аллагьасул кIудияб рахIмат. Гьелъие гьабулеб шукруги ккола, бугеб ресалдаса пайдаги босун, лъималазда гIелму лъазаби, гьел мадрасабазде ритIи. Аллагьас кумек гьабеги!