Аслияб гьумералде

БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.

 

Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал гӀарзалгун асхӀабзаби Аварагасухъе рачӀунаан ва гьес бицунаан боцӀи харж гьабичӀого гьединабго кири кин щвезе бегьулебали.

Муслим Бухарияс Абу Гьурайратидасан бицана Аллагьасул Расулас ﷺ абунин: «Щибаб къоялъ, бакъ баккараб мехалъ, садакъа кьезе рекъола лугбазул (чурхдузул) къадаралда: дуца кӀиго чиясда гьоркьоб ритӀухъаб хӀукму къотӀула, гьебги ккола садакъа. Дуца цониги чи жиндирго чода, вараниялда тӀад рекIинавула, яги кумек гьабула къайи тӀад лъезе, гьебги ккола садакъа. ГIадамасдехун гьабураб берцинаб каламги ккола садакъа. Мажгиталде унелъул бахъараб щибаб галиги ккола садакъа. ГӀадамазе зарал гьабулеб жо нухдаса нахъе босиги ккола садакъа», - ян.

 

РитӀухъаб хӀукму гьаби

ДагӀбадулев кӀиго вац рекъезавуни яги цоцаздехун бугеб мал-мулкалъул дагIбаялъе ритӀухъаб хӀукму къотӀани, къадиясул (шаригӀаталъул диванчи) тӀадкъаял тӀуразарулев вугониги, мун лъугьуна дуца гьел кӀиязего садакъа кьуравлъун. Щайгурелъул дуца гьел цӀунана пайда гьечӀел дагӀба-рагӀияздаса, цоцазда гӀайибал чӀваялдаса. ГӀадамазда гьоркьоб рекъел гьабиялъул кӀвар гьедигӀан кӀудияб букӀуна, гьелъие гӀоло цо-цо гьереси бицинеги изну кьола кIиго чи рекъезавиялъул мурадалда.

 

Инсанасе кумек гьаби

ХӀадисалда мисал бачунеб буго чода яги вараниялда рекIинавиялъул, гьесул къайи тIад лъун кумек гьабиялъул хIакъалъулъ. Гьебго жо буго инсанасул мурад тӀубаялъулъги. Гьаб заманалда автомобилалъ хисула цебе заманалда букIараб хIайван. Инсанасе машинаялъ кинаб кумек гьабуниги, доб хIадисалда рехсарал гIадамазул мухъилъе ккола. Кинаб рахъалдасан батаниги диналъул вацасе кумек гьабурав чиясе садакъа кьураб гӀадинаб кири щола.

 

ЛъикӀаб рагӀи

ЛъикӀаб рагӀиялъ гъорлъе рачуна киналго азкаралги дугӀабиги, гьеб гьес жиндиего яги цогидасе гьабулеб бугищали балагьичӀого. Инсанасе салам кьей, гьесие мустахӀикъаб рецц-бакъ гьаби, гӀадамазулгун гьоркьорлъабазда лъикӀаб гӀамал-хасият бихьизаби ва гьелда релълъараб бокьараб инсан рази гьавулебщинаб жо ккола садакъа.

 

Как базе унаго бахъараб щибаб гали

Аварагас ﷺ нилъ ахӀулел руго щибаб как мажгиталда базе. Мажгиталда как балев чиясе, жамагӀат-какалъухъ кьолеб 27 как барабгIанасеб кириялде тӀадеги, мажгиталде унаго бахъараб щибаб галиялъухъги кири щола.

ГӀадамазе зарал гьабулеб жо нухдаса нахъе боси

Ахираб заманалда гьеб иш буго цIакъго кIвар цIикIкIараб, щайгурелъул, цо-цояз гьабулеб жо битӀахъе гьелъул гӀаксалда кколеб бугелъул. Масала, гӀадамаз нухде рехун тола бокьараб жо. Гьединаб хьвада-чӀвадиялъ жамгӀияталъе лазатбахъи гьабула. Амма гӀадамазе санагӀалъи гьечӀолъи ккезабулел жал нухдаса нахъе росани, гӀадамазул рахъалдасан реццги, ТӀадегӀанав Аллагьасул рахъалдасан кириги щола.

Гьел киналго гӀамалазухъ кири щвеялъе шартӀлъун ккола ният бацӀцӀадаб, гьабулебщинаб гӀицӀго ТӀадегӀанав Аллагь разилъиялъе гIоло гьабулеб букӀин.

 

ХIамид МухIаммадов

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Ахиралде щвана

Баракатаб РабигӀул аввал моцӀ ахиралде щвана. Гьаб моцӀги Авараг ﷺ гьавураб къоги, цогидал моцӀал гӀадин нилъеца тӀобитӀичIо. Цогидаб заманалде ккун гьаб моцIалъ чияс дагьаб бугониги цӀалун батани Аварагасул ﷺ хӀакъалъулъ, абизе бегьула гьес хайир босанин.   ГӀумруялъ гьесул хӀакъалъулъ цӀаланиги...


Президентас ХасмухIаммадида баркана

Россиялъул президент Владимир Путиница баркана Дагъистаналъул хӀурматияв инсан, 95 сон тӀубарав ХасмухӀаммад Абубакаровасда гьавураб къо. Дагъистаналъул кӀудияв эменин абула гьесда гьев лъалел чагӀаз. Гьесул гӀумру буго къвакӀиялъул ва исламалъе хъулухъ гьабиялъул мисаллъун. Гьес гӀумру гьабуна...


Мадраса рагьана МагIлибги

Хьаргаби районалъул МагIли росулъ рагьана цIияб мадраса. Гьелъие цIарги кьуна Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афандиясул. Мадрасалда чIезарун руго киналго шартIал. Руго цIалул кабинетал, библиотека ва мутагIилзабазе хIажатабщинаб. Мадраса рагьиялъул хIурматалда тIобитIана динияб мажлисги....


Бусурбабазул тарихчи ва географ

ГIизудин ибну Шаддад ХӀалаби гьавуна Сириялъул ХIалеппоялда бугеб ХӀалаб шагьаралда, 1217 соналъул лъабабилеб зулхӀижа моцIалъ, гьижрияб 613 соналда. Тарихалъул ва географиялъул рахъалъ жиндирго хIалтIабазул кумекалдалъун ибну Шаддад вахъана жиндир гIасруялъул машгьурал тарихчагӀазул...


Авараг ﷺ лъай – гьев вокьи

Аллагьасул Аварагасде ﷺ бугеб рокьиялъ гьесул асхIабзабазул ракIазулъ хасаб бакI кколаан. Гьеб рокьи гьез загьир гьабулаан рагIудалъун ва пишабаздалъун гуребги Аварагасул ﷺ къадру цIунулел, гьесул лъикIлъаби рицунел, гьесул тIокIаб гIамал-хасият беццулел шигIрабаздалъунги.   АсхIабзабазда...