Аслияб гьумералде

Сундуего даруяб

Сундуего даруяб

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ нилъеда цониги гIибадат тIадкъан гьечIо гьелъулъ нилъеего пайда букIун гурони. Гьединго нилъ цониги жоялдаса нахъчIван, цониги жо теян амру гьабун гьечIо гьелдалъун нилъ заралалдаса цIунун гурого. Нилъеда лъаниги, лъачIониги шаргIалда бугебщинаб жоялъулъ нилъее буго дунялалдаги ахираталдаги кIудияб пайда.

 

Къойидаса-къойиде гьел пайдаби ва Къуръан-хIадисазул мугIжизатал загьирлъулелги руго. Гьединал пайдабаздаса ккола Исламалъул рукнабазул цояблъун жиб бугеб кIал кквеялдалъун нилъее щолеб хайирги.

Нилъер черхалъул цониги лага гьечIо кIал кквеялдалъун жиндие пайда щолареб. Гьелъул хIакъалъулъ хъван буго гIемерал гIелмиял тIахьазда. Гьаб заманалда дунялалъулго тохтурзабаз бицунеб буго кIал кквеялдалъун инсанасул черхалъе кIудияб пайда бугин. Гьелда рекъон чанги улкабазда руго кIал кквеялдалъун гIадамазе дару гьабулел клиникаби.

Ракъун чIеялъулъ ругел пайдаби гIемерал руго. Масала, рекIеда нур бай, гIакълугун цIодорлъи цIубай, черх тIадагьлъи, дагьаб бугониги макьу гIей, шайтIан-иблисалдаса рикIкIалъи, Аллагьасде ﷻ гIагарлъи.

Аварагас ﷺ баян гьабун буго кигIанасеб къадар кванил кваназе лъикIаб бугебин абураб масъала. ХIадисалда буго: «Адамил лъималаз кванирукъалдаса квешаб жо цIезабичIо. Адамил лъимаде мугъ битIизелъун (жиндир ишал тIуралевлъун вукIине) гIей гьабула кванил чанго лукъмаялъ. ЦIикIкIун кванаялде хIажалъи бугони, те абе кванирукъалъул цо бутIа квание, кIиабилеб - лъиналъе, лъабабилеб - хIухьел цIазе гьаваялъе», - ян (Тирмизи).

Имам Гъазалияс «Ал-арбагIин фи усулу ддин» абураб тIехьалда хъван буго: «Чиясул диналъе бищун заралияб жо буго цIураб чехь. Щай абуни, гьеб буго кинабниги гьава-шавкъ, гIищкъу-хIасрат бергьиналъе аслу», - абун.

Бусурбабазул цевехъан ГIумар ибну ХатIабица абун буго: «ЦIуни гьабе чехь квандалъун цIезабиялдаса, гьелъ черх хвезабула, унтаби тIаде цIала, гIибадат гьабиялъулъ кIвахIалаллъун лъугьинарула. ТIалаб гьабе гьоркьохъеб хIал (гIорцIизегIан кванаге), гьеб нужер сахлъиялъе лъикIабги, исрап ккеялдаса рикIкIадабги буго», - ян.

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ хирияб Къуръаналда абун буго (магIна): «…Нужеца (хIалал гьабураб) кванай ва гьекъе, амма исрап гьабуге, Гьесие исрап гьабулел чагIи рокьуларо», - ян (суратул «АгIраф», 31 аят).

Гьадинал аятал Къуръаналда рещтIиналдалъун Аллагьас ﷻ МухIаммадил ﷺ уммат ахIулеб буго гIемер кванангутIиялде. ГIемер кванайги исрап гьаби кколелъул.

ГIали ибну ХIасаница абунин «Тафсирул КъуртIубиялда» хъван буго: «Гьеб аяталъулъ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ кинабниги тохтурлъи, дару гьаби рехсана», - абун.

Аллагьас ﷻ чиясул кванирукъ бижун буго хасаб къадаралда ва хасаб бакIалда. Нилъеца гIемер кванан, гьекъон цIезабураб мехалда гьеб гIатIилъула, цинги аскIор ругел ургьимесазде тIадецуй гьабун, жиндие бихьизабураб бакIалдаса къватIибе бачIуна. Гьедин бачIараб мехалда кванирукъалъ тIадецуй гьабула ракIалде, гьелъул хIасилалда рекIел кьаби хьадарлъула. Ялъуни тIадецуй гьабула бакьазде, цинги гьеб сабаблъун ккола батIи-батIиял унтаби раккиялъе.

КIал кквеялъ асар гьабулеб буго инсанасул тIолабго черхалъе: нервабазул системаялъе, ракIалъе, би свериялъе, квен бихIинабиялъул хIалтIиялъе, тIулалъе, ургьисалабазе, гьуъразе ва гь.ц.

Инсан лъикI гIорцIизегIан кванан хадуб гьесул ракIалде бугеб хIал гьаби лъабго-ункъо нухалъ цIикIкIунеб буго. Кванан дагьаб заман индал, инсанасул черх свакалеб ва гIадал нахалде бачIунеб би дагьлъулеб буго. Гьелдалъун централияб нервабазул системаялъе кколеб буго захIмалъи. Гьелдаса цIунун хутIулев вуго кIал ккурав чи. Нервабазул системаялъе рахIат гьабиялдалъун инсанасул гIемерал унтабазе дару лъугьунеб буго.

КIал ккурав чиясул пищеварителнияб гIуцIи бищун дагьалъ ункъо сагIаталъ рахIаталда хутIула. Гьелдалъун гьелъие рес щола бацIцIалъизе ва жиндирго функцияби хIалтIизаризе.

КIал кквеялдалъун бищун кIудияб пайда щола тIулалъе. Инсанасул тIулалъул буго 500 батIияб функция. Киналго химикиял процессал лъугьуна тIулалъ. Цогидал лугбузде дандеккун тIулал унти къанагIат букIуна. Гьанжесеб медицинаялъ гIемерисел унтабазе сабаблъун рикIкIунеб буго тIуладе хIал ккей ва гьеб квеш хIалтIи. КIал ккурав чиясулин абуни, къойида жаниб ункъо-щуго сагIаталъ тIулалъе рахIат щолеб буго. Гьелдалъун имуннияб ва квен бихIинабулеб система рукIалидеги бачIуна.

КIал ккурав чиясул ургьисалабазеги щола рахIат. Гьелдалъун гьел лъикI хIалтIиялъе асар букIуна.

Гьеб гуребги кIал кквеялдалъун лъикIаб асар гьабула чорхолъ би свериялъеги. КIал ккурав чиясул бидулъ холестерин дагьлъула. Гьединлъидал, кIал ккурав чи цIунун хутIула артериосклерозалдаса.

Гьелдаго цадахъ, кIал кквеялдалъун инсанасул ракIалда жо чIей ва пикругун пагьму лъикIлъула. ГIадалнахуде кколеб хIал цIикIкIараб букIиналъ, гьитIинаб бугониги, гьеб хIажалъулеб буго жинде цIикIкIун би бачIиналде. Инсанасул бидул ункъил бутIа ккола гIадалнахуде.

Инсан кванайдал, би гIадалнахудаса уна кванирукъалъубе. Гьеб сабаблъун гIадалнахул ва тIубанго черхалъул чIаголъи дагьлъула. ГIемер кванаялдалъун инсанасул квахIаллъи ва свадари цIикIкIуна.

Гьединлъидал, гIадалнахуде би цIикIкIун бачIарабгIан, гьелъул хIалтIи лъикIлъула. КIал ккведал, гIадалнахуде цIикIкIун би бачIуна. КIал кколел, как балел гIадамазул херлъидалги гIакълу мадаралда хутIула ва гьезул психикиял унтаби рукIунаро.

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-05-01 (ЗулкъагIида 1447 с.) №9.


Шамаилал сунда абулеб?

Аллагьас ﷻ нилъ, бусурбаби, тIадегIан гьаруна исламияб динги кьун ва гьелдаго цадахъ гьеб дин малъизе витIана МухIаммад авараг ﷺ. БетIергьанас ﷻ гьев тIадегIан гьавуна кинабго жоялдаса. ГIаишатида гьикъидал гьесул ﷺ тIабигIаталъул хIакъалъулъ, гьелъ абуна, гьесул тIабигIат Къуръан букIанин...


ХIафиз ибн Башкъул КъуртIуби

Имам, хIафиз, факъигь, тарихчи Абулкъасим Халаф ибну ГӀабдулмалик ибну МасгӀуд ибну Муса ибну Юсуф ибну Дакъагь ибну Наср ал-Ансари ал-Хазражи ал-Андалуси. Гьесул тIокIцIар ккола ибну Башкъул КъуртIуби. Гьев гьавуна гьижрияб 494 соналъ.   Ибну Башкъулица гӀелму босизе байбихьана гӀолохъанаб...


ХIежалъул хIакъалъулъ бицана

ХӀежалде ине заман щолеб букIиналда бан, МахӀачхъалаялда тӀобитӀараб данделъиялда гIахьаллъана хӀеж борхиялъул рахъалъ жавабиял идарабазул ва гӀуцӀабазул вакилзаби. Гьенир гьоркьор лъурал аслиял суалал рукӀана авиатранспорталда, сапаралъул шартӀал, СагӀудиязул ГӀарабиялъул Къираллъиялъул тӀалабазда...


Тавбуялде рачIун лъикI

Нижеда тIаса лъугьа, тIадегIанав БетIергьан, ТIабигIиял балагьал рикIкIад гьаре, я Аллагь. Ниж, щибниги лъаларел, лъавукъал муъминзаби, Лълъел балагьал тIаде щун, тIерхьинаруге, Аллагь.   Жакъа Дагъистаналде бачIараб къварилъиялъ, БичIчIана киназдаго дур хIалкIолъи, БетIергьан. Хинаб...


СУАЛ-ЖАВАБ

Къуръан, махраж гьечIого цӀализе бегьулищ, цӀараб цӀан, къараб къан цIалулеб бугони? МагIна хисуларедухъ, Къуръан битIун цIализе малъулеб гIелмуялда абула тажвидилан. ХIарпал рукIине кколелъуса жиде-жидер гьаркьаздалъун рахъиялда абула махражилан. Мисалалъе, гIараб алфавиталда руго цо-цо хIарпал,...