Аслияб гьумералде

Къимат тIадегIанаб нигIмат

Къимат тIадегIанаб нигIмат

Къимат тIадегIанаб нигIмат

ХIурматиял бусурбаби, нужеда кодоб бугеб «Ас-салам» казият къватIибе биччалелдаса, гьелдаса пайда нужеца босулелдаса буго 25-ялдасаги цIикIкIун сон. Гьелъие къимат кьезе нужедаса цIикIкIун цогидазда кIвезе ресги гьечIо. Редакциялъул хIалтIухъабаз, муфтияталъул вакилзабаз гьаб казият беццулеб бугони, балагье цо жалго реццулел ругин ракIалде ккезеги рес буго. Амма гьелъул гIуцIиялдехун гьоркьоблъи гьечIев чияс кьолеб къиматалда лъилгIаги тIадкIалъай букIине рес гьечIо. Гьединлъидал гьаб макъалаялда казияталъе мустахIикъаб къимат кьеялъул суал нужедего тIамун тела.

 

 

 

 

 

Гьаб буго соналъул ахир. Исана соналъе подписка гьабуразул заман ахиралде щола декабралъул тIарамагъада.

Гьанже бачIунеб соналъе подписка гьабиялда сверухъ бицинин дагьабго хабар. БитIараб бицани, бачIунеб соналъе подписка гьабиялъул хIалтIи байбихьула цудунаб хаслихъего. Гьединаб жигараб хIалтIул хIасилалда ккарал лъикIал церетIеялги руго.

 

 

 

 

Казият гIуцIарабги, гьеб беццунги хIалтIи лъугьунаро. Аслияб мурад ккола халкъалъухъе ва букIине кколеб пайда гьелдаса щвей. Гьеб мурадалда гьабулеб жо ккола подпискаги.

Казияталъе подписка гьабиялъул хIалтIи нижеца гIуцIун буго щибаб рокъове нижер вакилги вачIун, подпискаги гьабун, гьебго рокъобе вакилас казият жиндир заманалда щвезабулеб хIалалда. Гьайгьай, гьеб бигьаяб масъала гуро. Кин батаниги, Аллагьас гьаб заманалда гьелъие тавпикъ кьун буго.

Нужеда ккезе бегьула гIезегIан мухь щолеб батилин нижер вакилзабазе абун. Бицун нуж божиларо, гьезие мухьго гьечIо. Рокъобе казият щвезабулезул гIемерисел руго жиде-жидер хIалтIабазда ругел волонтерал. Гьезда гьоркьор руго лъикIаланго ригьалде рахаралги, гIисиналги, завалаб гIолохъанаб гIужалда ругелги, хIатта руччабиги.

 

 

 

 

Исламалъул хабар, кантIизари, битIараб нухде тIоритIи жинда жаниб бугеб казият босун рокъове чи вачIиналдасаги кIудияб нигIмат щиб бугеб бусурбанчиясе? Цо-цоязда цIакъ бадиб къала гьелъухъ кьолел гъурщал. Гьелдасаги цIикIкIун унаребищ рокъобе цо кинаб бугониги квен бачIинабуни? Цо нухалда кванан лъугIулеб жоялъухъ кьолеб жоги тIубараб соналъго исламияб казият рокъобе бачIинги данде кквезего бегьилищ?

КигIанго бицине, намуслъаниги маслихIалъе борхизе кколеб буго цо гьадинаб суалги. Кавуялда кIутIун «Ас-салам» казияталъе подписка гьабейин рокъове чи щведал, щиб-щибниги багьанабиги ратун, гьев тIадвуссинавулел хIужабиги дагьал кколел гьечIо. Диналъе эркенлъи щваралдаса ана лъебергогIан сон. Цо дагьалго гIумру цIикIкIаразда лъала гьелда цебе кинаб яшав букIарабали. Кинаб бербалагьи диналде букIарабали. Гьедин жеги цо дагьаб заманалъги хутIун букIарабани, жакъа нилъеда цIаралцин бусурбабазул рукIин щакаб буго. Исламги динги гьечIев чиясул хIайваналдаса батIияб жо щиб бугеб? БетIергьанас гьабгощинаб нигIматги, дин гьабизе ресалги кьун хадуб нилъер хьвади берцинаб гьечIони, гьеб нигIмат кодоса борчIизе рес буго. Амма гьеб мехалъ кватIун букIуна.

Дин гьукъараб заманалда рукIарал гIадамазда жакъа цIехезе лъикIан исламияб казият бокьилаанищин абун. Дида ккола гьез жидер кинабго буголъи кьелаанин гьелъухъилан абун.

Нилъерго гIумруялдасаги хирияб жо буго инсанасе дин. Дингун гIамал гьечIев чиясдаса мискинавги гIажизавги чи гьаб дунялалда вукIине рес гьечIо, кигIан гIемер боцIи-панз, кIудиял хъулухъалгун ресал гьесул ратаниги. Щайгурелъул, хабалъ инсан лъураб мехалда гьеб кинабго гьанибго толеб жо букIун. Гьесие цогидаб жоялъул пайда хутIуларо дунялалда гьабураб лъикIаб гIамал гурони.

 

 

 

 

«Ас-салам» казияталъ кумек гьабула нилъер динияб рахъ цебетIеялъе. Гьенир рорхун рукIуна нилъее чарагьечIел масъалаби.

Цо-цояз абула гьеб хъваниги цIалун бажаруларин абун. Гьебги буго хIинкъараб бакI. Балагье, кигIан заман нилъер унеб телефоназде руссун? КигIан гIемер мунагьал, гъибат-бугьтан гьениб кколеб? Гьелъул цо гьитIинаб бутIагIаги казият цIалиялде кьолеб бугони, нилъ рорчIун ккезе рес буго.

ХIурматиял бусурбаби, рачIа нилъерго ахират къачIазе букIине, исламияб казиятги хъван, гьелдаса кIвараб пайда босилин!

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...