Аслияб гьумералде

Дуеги гьебго

Дуеги гьебго

МуъминчиясулгIан лъикIаб-ги, мухIканабги, щулиябги ва киданиги алхунареб ярагъ лъилниги гьечIо. Гьебги ккола дугIа. ДугIа гьабиялъул магIнаги буго жиндир гIажизлъиялъе, пакъирлъиялъе мукIурлъун, жив вижарав Аллагьасда гьари.

 

ДугIаялъул къагIидабазул баян гIемер бицана гьаниб. КигIан такрарлъаниги ракIалдещвезабилин гьелъул аслиял шартIалги. Гьелги ккола хIалалаб квен кванай ва хIелун, ракI-ракIалъ гьари.

Бусурбабазул каламалда жанибго буго гIемераб дугIа. «Вай, дуда Аллагь гурхIаяв», «кIудияб дарамалдаса вохаяв», «баракат лъеги» ва гь.ц. ГIарабазул каламалда жанирги гIемер руго гьел. Нагагь гьелде кIал ругьунлъичIев чи ватани жиндаго тIад хIалтIун гьелда ругьун гьавизеги рекъараб букIина.

Цоцада дандгичIван ратIалъу-лелъулги аманат гьабулеб гIадат буго нилъер дугIа гьабеян абун. Гьебги кутакалда беццараб нух буго.

Гьединго руго хасал рихьизарурал заманалгун бакIал ва хIалал жиделъ дугIаялъе хехго жаваб щолел. Рузман сордо ва къо, радакь заман, рамазаналъул ахирияб анцIго къо, гIарафа къо гIадал ва цогидалги. Гьединал гIужазул милат нилъеца гьабунгутIиялъ дугIаялъе жаваб кватIулин абун дагьаб зигараги букIуна гIемерисезул.

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ хирияб Къуръаналда абулеб буго (магIна): «Дир ﷻ хIакъалъулъ лагъзадерица гьикъараб мехалъ, дуца гьезда абе МухIаммад ﷺ хIакълъунго, ТIадегIанав Аллагь ﷻ гIагарда вуго (щивав чи вихьулев, гьесул гьаракь рагIулев, гьесул ракIалде бачIараб хивал-пикру лъалев). Дица дугIа гьабун гьарарав чиясе жавабги кьола.

Дица ﷻ дугIаялъе жаваб гьабизе бокьарал гIадамаз дир ахIиялъе жаваб гьабун Дида ﷻ иман лъейин абе ва Дие ﷻ гIибадатги гьабейин абе. Гьедин гьабулел гIадамал битIараб нухда рукIуна», - ян (суратул «Бакъара», аят 186).

Хехго дугIаялъе жаваб щвезе цIикIкIараб хьул бугеб бакI буго балъго цоги чиясе лъикIаб дугIа гьаби. Хирияб хIадисалда буго: «Жидеда гьоркьоб пардав гьечIеб кIиго дугIа буго; жинда зулму-къварилъи гьабурасул ва диналъул вацасе гьесдаги лъачIого гьабулеб», - ян. Жеги абулеб буго: «Бищунго хехго жаваб щолеб дугIа буго рикIкIада вугес рикIкIада вугесе гьабулеб», - ян.

Нилъер гьаниб бицен буго лъикIаб дугIаялъул. Гьайгьай камуларо жиндир диналъул вацазе квешаб дугIа гьабулелги, хьандолелги, хасго руччаби. Гьезда лъазе ккола ццим бахъараб заманалда гьелъ малъараб гьабуни цIакъго мекъи ккезе, хIатта гьалаглъизе рес букIин. Щайгурелъул, хирияб хIадисалда буго: «Цониги чияс жиндир диналъул вацасе гьесдаги лъачIого дугIа гьабуни, малаикзабаз абула «дуеги гьебго» ян», - абун.

Балагьеха гьанже, квешаб дугIа гьабуниги малаикас абулеб «дуеги гьебго» абун. Жиндирго хьами жиндего буссин бугоха гьеб. Гьединаб жо гIакълу бугев чияс гьабиларо. Гьединлъидалин хьандезе бегьулареб, кинаб шаргIалъул нух бугеб бусурбанчиясе зарал гьабизе тIамулеб?

 Чияда нахъасан гьабураб дугIа жаваб хехго щолеб букIин бугелъул, лъикIаб дугIа гьабе диналъул вацазе, малаикзабаз гьарараб нужеегоги щвела. Инша Аллагь!

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...