Аслияб гьумералде

ТIабигIаталъул пайдаби

ТIабигIаталъул пайдаби

Кидаго хIалтIулев чиясе къваригIуна хIухьбахъи гьаби. Гьебги букIуна батIи-батIияб. Масала, тIабигIаталде ин. Гьенире иналъ чорхол хIал цIилъизабула ва гьабулеб хIалтIуде гъираги базабула. ТIабигIаталде иналдалъун инсанасул сахлъиялъеги пайда гьабула. Масала, къуват бачIинабула, къаркъала щула гьабула, рекIелгун бидурихьазул гIуцIи лъикIлъизабула.

 

ТIабигIаталъ инсанасул хIал чучлъизабула. Рохьор тира-свериялъ, батIи-батIиял хIайваналгун дандчIваялъ, тIабигIаталъул гьаркьаз чорхолъа стресс бахъула, рекIел хIал лъикIлъизабула, рахIатхвей инабула.

ГIалхуда букIунеб бацIцIадаб гьаваялъ хIухьел цIай лъикI гьабула. Хасго накIкIирохьоре ани, гьуъразул унтаби ругезе кумек ккола.

КъватIире рахъинчIого хIалтIулезул чорхолъ витамин D къанагIалъун букIуна. Гьеб цIикIкIиналъе кумек гьабула бакъуца. Гьеб витаминалъ рукьби ва иммунитет щула гьабула. ГIалхуде унаго ният гьабуни гIибадат гьабизелъун чорхолъе щулалъи бачIинеян, яги ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ КIодолъиялъул ва ТIадегIанлъиялъул пикру гьабизеян, ялъуни сахлъи щула гьабизеян абун, гьелъухъги инсанасе кири щола. Цересел умматазул гIибадатчагIиги Аллагьас ﷻ бижараб махлукъаталъул тафаккур гьабизе гIалхуде рахъунел рукIун руго.

ГIумар ибн ГIабдулгIазизица абун буго: «Аллагьас ﷻ кьурал нигIматазде пикру хIалтIизе гьаби бищун лъикIаб гIибадат ккола», - ян.

Исламалъ беццуларо заман гIадада хвезаби. Гьединлъидал рахIат гьабизе рахъунелъулги рекъараб буго Аллагь ﷻ разияб гIамалалде руссине. Масала, кинаб бугониги исламияб тIехь цIали, гIалимзабаздаса рагIараб цоцазе бицин, жамагIаталда как бай ва гьелда релълъарал. Амма бихьиналгун руччаби журан рукIиналдаса цIунизеги, нилъедаго хадуб кьищни бакIаризеги ккела. Гьединго цIунизе ккела тIабигIатги, ай гъутIбузул гIаркьалаби рекичIого, гьенир ратарал рухIчIаголъаби инжит гьаричIого.

ТIабигIат буго ТIадегIанас ﷻ нилъее аманатлъун кьураб жо. Абубакр-асхIабас гъазаваталда цебе рагъухъабазда лъазабун буго: «Чамасдакалъул гъутIби нужеца къотIуге, пихъ кьолел гъутIбиги хвезаруге», - ян.

Рагъул заманалда асхIабзабазцин цIунараб тIабигIат нилъецаги цIунизе ккела.

 

 

Жабир Мажидов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...