Аслияб гьумералде

Хъизан ц1уни

Хъизан ц1уни

Гьаб заманалда гIемер рагIулеб хабаралдаса ккола хъизаналда гьоркьор ругел гIунгутIабазул бицунеб накъит. Гьеб кидаго букIараб жо бугониги, гьаб заманалда ц1акъго гIемерлъун буго. ГIемер халлъулеб буго хъизанал риххулел. Гьелъие гIайибиялги жалго гурел цогидал гIадамал ругин ч1езабулеб буго.

 

Нилъеда кидаго лъалеб ва батараб гIадат букIана рос-лъадиялда гьоркьоб ккараб хабар жалго хъизанал, эбел-эмен ва цебесеб гIагарлъи данделъун роц1инабизе хIалбихьулеб. Гьединги бажарич1они росдал имамасухъе, гIалимчиясухъе ун хIалбихьулеб букIана гьел рекъезаризе.

Лъаларо замана хисунищ, яги гIадамал батIиял лъугьунищ ругелали, гьанже гьеб гIадат дагьабго хисун буго. Рос-лъадиялда гьоркьоб ккарал ишазда тIад хIалтIулел ратулел руго ц1акъго гIолохъанал ясал, гьал щалин абуни дой хъизаналъул гьудул йигин абулеб буго. Узухъда, гьей ясалъул гIумруялъул хIалбихьигун бажари кибха букIинеб. Ч1ахIиязда щибго жо лъалелде ратIалъунги ратулел руго гьединал хъизанал.

Гьелдаго цадахъ хисун буго гIумруялдехун бугеб бербалагьиги. Росасдасан, яги гьес лъадудаса тIалаб гьабулеб буго кутакалда захIматал шартIал, магIишатияб рахъ босани кIудиял багьаби ругел къай-матахIалугун ва цогидабги. Рокъоб цо кинабали багьа бугеб къайи лъезе кколинжий рекIине машин босич1они рокъой тIад юсунин. Росасги тIалаб гьабулеб буго дунялалдаго бищунго камилайлъун, бищунго недегьайлъун, ц1акъго берцинай ва тIубанго мутIигIайлъун жиндир хъизан йикIин.

Гьел шартIал тIураялъулъ дагьабниги жагъаллъи ккани, бигьаго хъизан биххиялде рекеризе къасд гьабулеб буго. Цо гьитIинабго калам рос-лъадиялда гьоркьоб ккани лъабаго ц1ар тIамизе росги гIедегIулев вуго, ч1ужуялъги тIалаб гьабулеб буго.

Гьаб цебе бицарабщинаб калам бигьаябин кколеб буго гьаб хадуб бицине бугелде данде ккун. Цо гьитIинабго гьогьен рос-лъадиялда гоьркьоб ккани ц1акъго гIакъилаб жолъун ккун буго психологазухъе ин. Гьелги гIемерисел руччаби рукIунел руго. Жиндир рокъоб кIалъай ккарай ч1ужугIадан гьезухъе яч1ингун, ккара-тараб бицингун, гIемерисел психологаз малъулеб буго мун гьез инжит гьайизе ч1езе бегьуларин, гьезда цее хIалтIизе ккани мун гьезул лагъищин. Мун мустахIикъай йигин кIудияб адаб-хIурматалъе, гьединаб зулму хIехьезегIан мунго дуего магIишатги гьабун парагъатго йикIине кIолей гIадан йигин. Гьелда релъарал цогидалги гIакълабиги кьун, кодор рукIаралги кепкалги ратIа гьарун, цо чанго даруги хъван, моц1ил болжал лъугIарабго жеги яч1айинги лъазабун нухда лъола ай пакъир.

Рач1аха балагьилин щал чагIидай руго гьел психологал, хасго руччаби. Гьезул гIемерисел ратула гьабсагIат хъизан-рукъ жидерго гьеч1еллъун. Бокьани рукIа, жеги рукъалдего русинч1еллъун, яги рукъ биххараллъун. Гьединал гIадамаз хъизан кин ц1унулеб, рукъ данде кин бакIарулеб. Гьелде тIадеги рокъоб ккарабщинабги гьезие бицун кинабго рукъго къватIибги ч1вазаби кколеб заманалда. Рес буго гьединал гурел, лъикIал психологалги ратизеги. Гьезие бокьиларо гьадин гIайиб ч1вазе. ХIукму гIемериселде балагьун къотIулелъул гьезги гIемерго кIудияб гIайиб гьабизе бегьиларо.

Гьединлъидал диналъул агьлу, гIолохъанаб букIа, цодидаб букIа хъизаналда гьоркьоб гьогьоми ккани хIаракат бахъизе ккола жидедаго гьоркьоб бицун цойиде бачине. Гьелда иш тIубалеб гьеч1они гIагарлъиялъул чахIи-махIиял гIадамал, гьезда гьоркьор гIелму бугел ругони гьел гIахьалги гьарун цоцалъа бахъизе хIаракат гьабизе ккола. Гьелдаги тIубач1они росдал имам гьоркьове жувазавун шаргIалда рекъараб къагIидаялда тIубазе ккола.

Цоги ц1акъ кIвар бугеб жо буго гьениб, гьеб щибин абуни, гьеб ккола гьоркьор ругел гIадамаз кIиябго рахъалда бицунеб хабар. КIиязего данде кковухъе бицун, нужеда щибго гIайиб гьеч1ин, дозул бугин кинабго гIала-гъважая ян кIиябго рахъалде цого хабар цого гIадамаз бицуна. Цо бугони гьеб иш ккола шаргIалъ какараб хиянатлъи. Цоги бугони гьединаб хабаралъ гьел кIиялго данде рачунаро гьелъул гIаксалда цоцадаса тIола. Гьединаб иш шаргIалъ беццуларо, гьелъул баркат гьеч1олъи жидедаго бихьич1огоги хутIуларо. Аллагьас тавпикъ кьеги БетIергьанасул нухда ч1езе кина

 

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

б захIматаб иш тIаде бач1аниги.

2026-05-01 (ЗулкъагIида 1447 с.) №9.


ДНРалъул муфти дандчIвана ДРялъул муфтигун

Донецкиялъул Халкъияб Республикаялъул муфти Рашид Брагин вачIун вукIана ДРялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиясухъе, тIабигIияб балагьалде ккараб Дагъистаналъул халкъалъул рахъ кколеб букӀин загьир гьабизе. ДНРалда захӀматаб ахӀвал-хӀал букӀаниги, Донбассалъул диниял церехъабаз бихьизабуна хIажатаб...


ДугIаялъул къибла

Аллагьасда ﷻ гьардолеб мехалда бусурбаби, квералги рорхун, зодоре ралагьула. РакIалде ккезе рес буго ТIадегIанав Аллагь лъова тIад вугин абун. Амма гьеб бичIчIи мекъаб буго.   Цо-цо гIалимзабаз баян гьабуна, как базе КагIба къибла букIунеб гIадин, зобги дугIаялъе къибла бугин абун. Гьелъие...


ХIежалъул хIакъалъулъ бицана

ХӀежалде ине заман щолеб букIиналда бан, МахӀачхъалаялда тӀобитӀараб данделъиялда гIахьаллъана хӀеж борхиялъул рахъалъ жавабиял идарабазул ва гӀуцӀабазул вакилзаби. Гьенир гьоркьор лъурал аслиял суалал рукӀана авиатранспорталда, сапаралъул шартӀал, СагӀудиязул ГӀарабиялъул Къираллъиялъул тӀалабазда...


Кверги кумекги битIарав

Тохтурзаби рукIуна лъабго батIиял: Аллагьас кверчIварал, Аллагьасда мугъчIварал ва Аллагьас жидедаса цIунаял. Гьел ратIа рахъизеги захIмалъуларо, чанцIулго рихьун лъала кинав гьев вугевалиги, гIадамаз хехго мустахIикъаб къиматги кьола. Жакъа гьаниб жиндир бицен гьабулев тохтур, ЛъаратIа...


Шамаилал сунда абулеб?

Аллагьас ﷻ нилъ, бусурбаби, тIадегIан гьаруна исламияб динги кьун ва гьелдаго цадахъ гьеб дин малъизе витIана МухIаммад авараг ﷺ. БетIергьанас ﷻ гьев тIадегIан гьавуна кинабго жоялдаса. ГIаишатида гьикъидал гьесул ﷺ тIабигIаталъул хIакъалъулъ, гьелъ абуна, гьесул тIабигIат Къуръан букIанин...