Аслияб гьумералде

Баракатаб батаги

Баракатаб батаги

Гьаб дунялалъул заман унеб букIуна кигIанго нилъее гьеб чIун хутIизе бокьаниги. Гьале тIаде щвана 2026 сон. Араб соналъул байбихьи бугин нилъеца бицаралдаса гIемер заманго ун гьечIин кканиги, тIубараб лъагIел ун буго боржун. Гьебги - 365 къо, 12 моцI, 52 анкь, 8760 сагIат, 525 600 минут, 31536000 секунд.

 

Гьалеха нилъеда берзукьцин чIечIеб заман. Щибаб секундалда яги щибаб минуталда жаниб цо-цо лъикIлъи гьабизе бажарун букIарабани, кигIанасеб къадар гIезехъин букIун бугеб? Эркенго унеб заман нилъеца рикIкIуна щибго гуреб жолъун. Амма гьелъул бакIалда кинаб бугониги хайир бугеб гьабуни, хIасил гьабулелъул гIемераб лъикIлъи щола. Гьелдалъунго лъазе ккола нилъеда гIадада араб заманалъул зарал. КигIанасеб заралгиха гьеб кколеб? Кинаб букIинареб, жиб араблъун рикIкIараб нахъе тIадбуссунаребха. Цогидаб бокьараб нилъехъа борчIараб жо тIадбуссинабизе рес батани, араб заман нахъбуссунаро, эхебе чвахулеб гIор тIадбуссаниги.

ЦIияб сон бачIанин абун рохел загьир гьабула нилъеца. Цо рахъалъ рохел бугониги, цогидаб рахъалъ балагьани пашманлъиги ккола. Щайгурелъул, гьабизе рес букIанщинаб лъикIаб гIамалги гьабичIого саламатаб заман борчIун ун бугелъул. Гьелдаса кинха рохилел?

Дагъистаналда бугеб ахIвал-хIалалъухъ балагьани, 2025 сон букIана кутакалда нилъер рахIат хвараблъун. Лъугьана гIезегIан нилъее, дандчIвазени щиб гурин, рагIизецин бокьун рукIинчIел лъугьа-бахъинал. Нилъеда бараб жо цIакъ дагьаб буго, кинабго мулкалъул кверщел кодоб бугев БетIергьан Аллагь вугелъул, Гьесул лъаялдаса борчIараб жо щибго кколаро. Нилъер хьулги буго лъикIаланго гIодобе биччай бачIинин, хIакъабги бергьун батIуллъи тIагIун инин абураб.

Цо сонги ун цогидаб тIаде бачIиндал тIокIаб батIияб жо щибха гьабилеб, цебе аралъул хIисаб гьабун, нилъедаса ккараб лъикIлъиялъухъ шукру гьабун, ккараб гъалатIалдаса тавбу гьабун рукIани гурони. ЦохIо сон абун нилъеца сан гьабичIониги, гIезегIанго саламатаб мех ккола гьеб. Дунялалъул ахIвал-хIал лъикIаланго хисула гьеб заманалда жаниб. Араб соналъги халат бахъана Россиялда СВО. Щибха гьебин абуни, хадур рачIунел наслабазда лъачIого букIине бегьулелъул гьеб ккола Россиялъ Украинаялда гьабулеб бугеб хасаб операция. Гьебги буго бакътIерхьул улкабазул рахъалдаса бачIунеб хIинкъи нахъчIвазе гьабулеб тадбир. ХIукумат гIуцIараб гIоларелъул, гьелъул ракьги, парахалъиги, халкъалъе хIинкъи гьечIолъиги цIунизе кколелъул.

Лъиего балъгояб жо гуро 2022 соналдаса нахъе Россиялде тIаделъун тIолабго дунялго бугеблъи. Кинин абуни, Россиялде данде бахъараб Украинаялъул халкъ яргъидалъунги гIарцудалъунги хьезабулеб бугелъул дунялалда тIад ругел бищунго къуватал улкабаз. Гьединги букIаго Россиялъухъа бажарулеб буго гьезда дандечIейги гьабун, жиндирго халкъалъул парахалъи цIунизе.

ХIасил гьабун абуни, ахирал сонал бигьаяллъун рукIинчIо Россиялъул халкъалъе. ГIемерал улкабаз лъун руго санкциял, гIорхъичIван буго гьабулеб гьоркьоблъиялъе. Гьедин дунялго дандечIараб заманалда Россия цIунизе, халкъалда жаниб рекъел-рахIат букIинабизе бажарана В. Путинихъа. БитIаралде битIарабин, тIекъалде тIекъабин абураб цIар кьейги ккола кIудияб бахIарчилъи.

БачIунеб соналъул байбихьуда бугеб рохелги буго нилъее, гьебги ккола хириял моцIал тIаде гIунтIун рукIин. Гьединаб лъикIаб мехалдаса байбихьараб сонги баракатаб букIиналде кIудияб хьул буго.

БетIергьанасда ﷻ гьарула нилъеца бачIунеб сон рагъ-кьалги лъугIараб, рекъелги тIибитIараб, питнабиги ссун араб сонлъун гьабейин абун.

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-09-01 (РабигIул аввал 1448 с) №17.


Аварагасул ﷺ гIумру щай лъазабилеб?

Аварагасул ﷺ бицунелъул гIенеккун ругеб мехалда нилъер къасд букIине бегьуларо гIицIго харбихъ гIенеккун ругеб гIадинаб. Ниятгун къасд букIине ккола Аварагасул ﷺ хIакъалъулъ рехсолел сипатаздалъун нилъее лазат щвей, ай гIишкъуялда гIенекки ва гьеб рекIелъе биччай. Аварагасул ﷺ бицунаго нилъ гьесде...


Тафсир агьлуялъул маяк

Имамзабазул, хасго чIахIиял гIалимзабазул къимат лъала гьезул таржама гъваридго лъазабидал. Гьелдаго цадахъ имам вокьизеги вокьула. Амма лъаларев чи вокьизе кIоларо. Аварагас ﷺ абухъе, гIалимзаби ккола гьесул ирисилал. Щайгурелъул, Аварагас ﷺ жинда хадуб тола гIелму. Гьел ккола гьеб ирс босулел ва...


ХIузуралъул нух

БетIергьанас щивав бусурбанчиясда тIадаблъун гьабун буго сордо-къоялда жаниб щуго как бай. Гьебги ккола диналда жаниб чара гьечIого лъалеб жо. Лъимералъ анкьго сон байгун гьелда как базе малъейин, анцIго сон байдал, кIарчанлъи гьабуни тамихI гьабейинги абун буго Бичасул аварагас ﷺ.   Цоги...


Курми росдал къо

Курми росулъ тӀобитӀана росдал къоялда хурхун байрамалъулаб тадбир. Гьеб къоялъул аслияб лъугьа-бахъинлъун букӀана щивав чияс жидерго къуват, гьунар, бергьенлъи босизе бугеб гъира бихьизабизе рес кьураб спортивияб къец. Гьелдаса хадуб киналго гьалбал кваназаруна ва цо-цо церехъабазе кьуна...


Пашманлъи тIаса инабулеб

ТIадегIанав Аллагьас инсанияталъе гIемерал нигIматал рижун руго. Хирияб Къуръаналда хъван буго (магIна): «Гьев инсан кин валагьуларев Аллагьас ﷻ жиндие ризкъилъун кьун бугеб батIи-батIияб тIагIамалде». (Сура «ГIабаса», 24 аят).   Гьел нигIматазул цояб ккола хъабахъ....