Аслияб гьумералде

МархIаба, рамазан

МархIаба, рамазан

ХIурматияб диналъул агьлу, гьале тIаде щвана хирияб рамазан моцI. ХIакъикъаталдаги гьеб ккола инсан жанисаги къватIисаги вацIцIалъулеб моцI. Гьеб моцIалъ кIал кквеялъул ругел пайдабазул бицун хIалги кIоларо. Чорхол сахлъиялъе кIал кквеялдалъун ругел пайдаби баян гьариялда тIад хIалтIулел руго гIалимзаби. ГIемер цIех-рех гьабунагIан загьирлъулел руго кIал кквеялъул ругел пайдаби. Къиямасеб къо чIезегIан жеги цIи-цIиял загьирлъизеги руго.

 

Рамазан моцIалъул пайдабаздасан ккола лъагIалида жаниб цо моцIалъгIаги гIибадаталде дагьаб цIикIкIун кIвар кьезе рес букIин. Гьелъул мурадги буго гьеб моцIалъ букIараб хIал тIасияб соналъ гьебго моцI бачIинегIан цIунизе хIаракат бахъи. Цинги тIадеялъулги жеги цIикIкIинаби. Гьедин гьабизе хIаракат бахъулеб бугони, щибаб соналъ гьесул гIибадат гьаби цIикIкIунеб ва цебетIолеб букIуна.

Гьеб мисалалда рекъон, щивав чиясе рекъараб букIина тIубараб рамазан моцIалъ цо кинаб бугониги цебехун гьабун бажарулеб букIинчIеб гIибадат гьаби тIаде босизе. Масала, паризаял каказда цере-нахъа ралел суннатал кидаго гьарун бажарулеб букIун батичIони, рамазан моцIалъ ният гьабила гьел тIаде росун тIуразаризе. Цинги кIалбиччан хадубги гьебго хIал цIунун суннатал рала тIубараб соналъго, ай тIадеялъул рамазан моцI щвезегIан. Гьединго хIалбихьила цогидал гIибадатазда жанибги. Инсан вукIине ккола гьабулеб гIибадат цебетIезабулевлъун. Цого бакIалда чIарав чи цевехун унарелъул. Гьаб гIумруги нилъее цо нухалда гурони кьун гьечIелъул. ГIибадат гьабизе бугеб ресги гьебго цохIо буго. ГIумру бекерун унеб буго ва гьелда рекъон гIибадатги хадуб гъезабичIони, кватIун ккун батула.

Рамазан моцIалъул бищунго нилъер рекIее бокьулеб лахIзат ккола кIал биччалеб мех, ай ифтIар. Гьеб рагIи ккола гIараб мацIалдаса бачIараб, жиндир магIнаги кIал биччай абураб. Хирияб хIадисалда буго кIал ккурав чиясе гьеб биччазе санагIалъи гьабурасе, кIал ккурасулго гIадаб кири щолин абун. ХIакъикъаталдаги гьеб буго кIудияб рахIмат. Гьединго, бусурбанчи вохизавиги буго гьелда жаниб.

Амма гьаб бакIалда цо гьитIинабго баянги мухIкан гьабилин. Гьаб заманалъул гIадаталда рекъон, тIаде гьобол ахIулев вугони, цебеккунго лъазабула ва кутакаб хIадурлъи гьабула. ХIадур гьарула гIемерал сурсатал. Чанго батIияб салат, кIиго-лъабго квен, кьер-кьерал сокал, гьуинлъаби ва цогидалги. Гьайгьай, гьеб буго лъикIаб иш. Гьобол кигIан кIваниги лъикI кIодо гьавизе ккола. Кинниги гьаб бакIалда буго цо гьитIинабго балъголъиги. Узухъда, гьедин гьобол кIодо гьавизе кидаго гуро бажарулеб. Щайгурелъул, руччабазул регIел букIунаро кидаго гьединаб хIадурлъи гьабизе. Цогидаб рахъ босани, магIишатияб рахъалъ ресги букIунаро. Цинги хIасил кинабха кколеб? Гьобол къанагIат гурони ахIуларо. Амма шаргIалъул рахъалъул цIадирабазда гьеб масъала лъуни, нилъ къола. Щайгурелъул, гьобол къанагIат гурев, гьоркьо-гьоркьов ахIизе рекъараблъун рикIкIуна шаригIаталъ. Гьединго какараб буго бугеб ресалдаса цIикIкIараб къадаралда хIадурлъиги гьабун, жиндиего захIмат гьаби. Гьедин гьабулеб бугони, гьоболлъиялде тIаде нуцIа къараб къагIида лъугьуна. Гьаб заманалъул хIалалде балагьани, гьедин бугизеги буго. Цоцазде тIаде хьвадулел яц-вацгицин къанагIалъун руго.

ХIурматияб диналъул агьлу, гьеб кIичIикьа рорчIизе нилъее ресги бугебха. ТIоцебесеб иргаялда, рекъола кванилъ гьебгощинаб исрап гьабичIого тезе. Цо яги кIиго квен гIоларищ? Масала, пловги цадахъ салат. Яги чулпа, ялъуни гьангун хинкIал. Гьелдасаги тIаде жо цIикIкIинабиялъ исламалда хIарам гьабураб исрапалде ккезеги рес буго. Гьелде тIадеги, тохтурзабазги ахIи балеб буго кIал биччалаго гIемер кванагеян. Кваналелъул цо кванда гIей гьабейин абун. Гьез цIакъ мухIкан гьабун бицунеб буго гIемер кванаялъул бугеб заралалъул, хасго тIубараб къоялъ ракъунги рукIун хадуб.

Кинабго жоялда жаниб гьоркьохъеб хIал цIуни беццула исламалъ. Гьарзаго тIутI гIуцIизе магIишаталъул рахъалъ рес бугониги, гьоркьохъеб хIал цIуни хирияб буго. Гьедин гьабулеб бугони, гьобол ахIизеги щибго захIмалъуларо. Цинги гьоркьоблъиги цIикIкIуна, ракIалги журала, гIагарлъиги щулалъула.

Аллагьас кумек гьабеги кинабго лъикIабщиналъе.

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-05-01 (ЗулкъагIида 1447 с.) №9.


Бергьенлъиялъул къо

Дагъистаналъул тарих ккола гIасрабаз жидерго ракьал ва рухIиял къиматал цIунараб халкъазда гьоркьоб бахIарчилъиялъул ва къвакIиялъул цIар араб ракь. Бищун захIматал балагьазул заманалда Дагъистаналъул бусурбаби цогидал халкъазул ва диналъул вакилзабазда цадахъ рахъана хIажатазе кумек гьабизе ва...


ЗахӀматбихьи Аллагьасе ﷻ бокьулеб иш

Исламалда жаниб хасаб бакӀ ккола захӀматалъ, хасго творческияб хӀалтӀиялъ ва ракьалда хурхараб хӀалтӀиялъ.   Росдал магӀишат ккола бищунго хириял пишабазул цояблъун, ракьалъул ургъел гьабиялъул, гьелъул лъикӀлъиялъул, Аллагьасул хIикматалда рекъон гӀадамазе квен-тӀех чӀезабиялъе ва гIмру...


Ингушазул кумек

ТIабигIияб балагьалъул хIаси-лалда къварилъиялде ккарал дагъистаниязухъе кумекалъулаб квер бегьаразда гьоркьор руго ингушалги. Дагьал церегIан къоязда Ингушетиялдаса Дагъистаналде кумекгун рачIун рукIарал ингушазул цо къокъаялда гьоркьор СурхIахIи росдал имамасул наиб ГIумар Нальгиев ва жамагIатчи...


ХIежалъул хIакъалъулъ бицана

ХӀежалде ине заман щолеб букIиналда бан, МахӀачхъалаялда тӀобитӀараб данделъиялда гIахьаллъана хӀеж борхиялъул рахъалъ жавабиял идарабазул ва гӀуцӀабазул вакилзаби. Гьенир гьоркьор лъурал аслиял суалал рукӀана авиатранспорталда, сапаралъул шартӀал, СагӀудиязул ГӀарабиялъул Къираллъиялъул тӀалабазда...


ХIикматал махлукъатал

ГIанкI   ГӀемерисез гIанкI рикIкIуна хIинкъараб рухIчIаголъи-лъун. Амма гьеб буго кутакалда сихIираб ва бекеризе гьунар бугеб.   Заман бихьун гьелда кIола тIомол расул кьер хисизеги. Кьер хисиялъ кумек гьабула бахчизе. Гьеб бекерула 70-80 километрги сагIтие тун. Амма борчIизе рес...