Аслияб гьумералде

РухIияб бечелъи магIишаталда бараб гьечIо

РухIияб бечелъи магIишаталда бараб гьечIо

БетIергьан Аллагьас ﷻ инсанасе кьураб бищун кIудияб къиматаб нигIмат буго гIакълу. Гьебги ккола лъикIалда лъикIабинги, квешалда квешабинги абун, лъикIаб ккун, квешаб тун гIумру тIами. ГIакълу гьечIесда гьеб кIиябго батIа бахъизе лъаларо, гьелъул гIаксалда, квешаб лъикIабин ва лъикIаб квешаб батилан ккун, мекъи ккола. Инсан гуреб цогидаб махлукъаталъе гьеб гIакълуги Аллагьас ﷻ кьун гьечIо.

 

ГIакълугун пикруялъ вачуна битIараб ва пайдаяб нухдасан. Жакъа къоялда жанибги гIемерал гIадамал руго цохIо жидерго пикру хIалтIизабиялъул хIасилалда битIараб нух, ай Аллагь ﷻ цо гьавурал, исламияб дин тIаса бищарал. Гьениб щибго гIажаибаб жоги гьечIо. Исламалда жаниб гурони инсанасул киналниги суалазе ракIчIарал жавабал кьолел бакI кибго гьечIо. Гьедин букIинги лъалаго, нагIадала ккун яги хIасад гьабун чIаралги гIемер рукIуна. Аварагасул ﷺ заманалда рукIарал жугьутIазда гьев хIакъав авараг ﷺ вукIин якъинго лъалин бачIун буго Къуръаналда. Кинниги, хIасадалъ риччачIо гьел хIакъаб нухде.

Цоги букIине бегьула гьадинаб рахъги. ГIакълугун пикру хIалтIизабиялъ инсан вачине рес буго кинабниги рахъалъул битIараб нухде. Масала, гьаб заманалда бищунго цебетIураблъун рикIкIунеб «Айфон» телефон ургъарав чи ккола америкаялъулав Стив Джобс. Кванирукъалъул цIецIгьанада захIматаб унтиги батун, гьев хвана.

 Хвалил бусада вукIаго гьес абуна: «Дунялалъул ишазулъ дун бищун тIогьиве вахана. Цогиязул бадиб гьеб буго бищунго кIудияб талихIлъун. ХIалтIи букIин гурони, гьелъ дие тIокIаб рохел кьоларо. Ахир-къадги бечелъи буго дун жинде ругьунлъараб гIумруялъул цо кинабалиго хIакъикъат. Гьаб бакIалда, унтул бусада вукIаго, дица ракIалдещвезабулеб буго дирго гIумру. Дие гьанже мухIканлъана щванщинал шапакъаталгун бечелъи, дида тIаде бачIунеб бугеб хвалиде дандеккун, дие щибго пайдаги кинабгIаги хайирги гьечIеб гьадингояб жо букIараблъи.

Нужее рес буго нужедаго цебесан машина бачине, нужедаго цеве хIалтIизе бокьарав чи кквезе. Амма нужеда бугеб унти тIаса босизе, кигIан гIемераб бечелъи кьуниги, гьеб босулев чи нужее щоларо. МагIишатияб жо бичун босизе рес буго. Бичун босун бажарулареб цого-цо гIумру, ай чIаголъи буго.

ГIумруялъул сонал анагIан нилъеде гIакълу бачIуна. Цинги бичIчIула 30 гъурщиде босараб сагIаталъги, 300-ялде босаралъги цого заман бихьизабулеблъи. Гьединго 150 гъурщиде бугеб машина бугониги, 15000-ялде бугеб бугониги, гьезги нилъ цого бакIалде рачунеблъи. Дур рухIияб бечелъи дунялалъул магIишат гIемерлъиялда бараб гьечIо.

Самолеталъул бищун лъикIаб бакIалда гIодов чIун вугониги, учузаб бакIалда вугониги, гьеб бортулелъул цадахъго рортула гIодоре.

Дунялалъул магIишаталда хадув вортанхъиялъ инсан сверизавула жиндирго ихтияр гьечIеб, цогидаз багъаризабулеб ясикIоялъул мисалалде. Дирги гьебго ккана.

Нужер гIумруялъул чан сон бугебали, кинаб бечелъиялъул бетIергьаби нуж кколелали щибго кIвар гьечIеб жо буго. Нужеде киназдего тIаде щвела гьеб киналдего тIаде пардав биччалеб къо.

Дица гьабунщинаб магIишат жакъа дихъа бажаруларо цадахъ босизе. Гьелъул гIицIго хутIулеб жо буго анищ ва ракIалдещвей.

Хабалъ бищун бечедав чилъун вукIиналъул щибго магIна гьечIо.

БецIаб рокъов, дир рухI цIунизе дида хурхинабураб аппараталъул кунчIиялъулъ, гьелъул гьаркьилъ дида бихьулеб буго хвел гIагарлъун букIин ва Аллагь ﷻ валагьун вукIин», - ян.

Гьал рагIабаз хIайран гьавичIев чи цониги хутIун ватиларо. Холеб заманалда гьес нахъе тана 8 миллиардгIанасеб доллар. Гьесул гIумрудул къисматалда тIад ургъизе кигIанги жо буго пикру гьабулев чиясе.

Хвалил кIичIикье ккун вукIин мухIканлъидал, гьес абуралго гIадал рагIаби гурищ нилъеда исламалъги малъулел. Амма гьесул мисал буго нилъер беразда цебе ккараб. КигIан гIемераб гIарацгун бечелъи бугониги, цо копекцин ракьул чохьонибе цадахъ босулев чи щивго вукIунаро. Нагагь босаниги, гьениб гьелъ щибго пайдаги гьабуларо.

Хвел бокьараб лахIзаталда жаниб тIаде гIунтIизе рес буго инсанасде. Гьелде хIадурлъун рукIайин малъулеб буго нилъеда исламияб диналъги.

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-09-01 (РабигIул аввал 1448 с) №17.


Тафсир агьлуялъул маяк

Имамзабазул, хасго чIахIиял гIалимзабазул къимат лъала гьезул таржама гъваридго лъазабидал. Гьелдаго цадахъ имам вокьизеги вокьула. Амма лъаларев чи вокьизе кIоларо. Аварагас ﷺ абухъе, гIалимзаби ккола гьесул ирисилал. Щайгурелъул, Аварагас ﷺ жинда хадуб тола гIелму. Гьел ккола гьеб ирс босулел ва...


Камиллъарав авараг

Нилъее мисаллъун ва шаригIат малъизелъун Аллагьас ﷻ витIарав чи вуго хирияв МухIаммад авараг ﷺ. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абун буго (магIна): «Аллагьасул расуласда буго нужее, я муъминзаби, берцинаб нахърилълъин…». (Сура «ал-АхIзаб», аят 21).   Нужеца...


Кин цIуни гьабилеб?

Адамил лъимер битIараб нухдаса къосинабизе, квешаб гIамал гьабизе гьесизабизе кидаго хIаракат бахъула иблисалъ. Гьелдаса цIунизе инсанасе бищун кумек гьабула Аллагьасдаса ﷻ кумек тIалаб гьабиялъ.   Гьедин гьабейин Къуръаналда абулебги буго (магIна): «…рахIматалдаса бачахъараб...


ХIасил щиб ккараб?

АлахIамдулиллагь, щибаб рецц Аллагьасе ﷻ, ракI бохулеб, черхалъе гьайбатаб асар гьабулеблъун букIана риидалил гIодоркъоязда Къуръан цIализе, как базе, тIабигIат берцин гьабизе, дарсазде хьвадун, лъималаз мажгитал цIун рукIараб заман.   Лъимал руго нилъер берзул канлъаби, рухI кьунги гьезие...


Мисал босула

Бищун талихIавлъун ккола Аллагьас ﷻ тIадкъарал хIукъукъалги тIуралев, хирияв Аварагасул ﷺ суннатги цIунулев ва исламалда рекъон хъизан-агьлуялъе тарбияги кьолев чи. Лъимералъ тIаса бищулеб нух бараб букIуна эбел-инсуда.   ГIемер абулеб рагIула, эбелалда яги инсуда релълъарав вугин абун....