Аслияб гьумералде

Къуръаналъул хIикмат

Къуръаналъул хIикмат

Къуръаналъул хIикмат

Къуръаналда буго

Къуръаналъул пасихIлъи ккола берцинго назму цIалулелцин гIажаиблъизарулел рукIин. Къуръан ккола ТIадегIанав Аллагьасдасан рещтIарал тIахьазул ахирисеб. Гьеб рещтIана МухIаммад Аварагасде . Цин ЛавхIул махIфузалдаса Лайлатул къадриялъ цадахъго гъоркьияб зодобе рещтIинабуна ТIадегIанав Аллагьас. Гьениса ЖабрагIил малаикас дагь-дагьккун, хIажат бихьун, 23 соналда жаниб МухIаммад Аварагасухъе кьуна. Гьелъул руго нусиялда анцIила ункъо сурат (басмалла), гьезул 28 - Мадинаялде гьижра гьабураб мехалъ, хутIарал - Маккаялдаго рещтIана.

Къуръаналъул буго анлъазаралда анлънусиялда лъабкъоялда анлъго аят, анцIила ичIазаралда лъабнусго рагIи. Гьеб ккола ТIадегIанав Аллагь вукIиналъеги свалат-салам лъеяв МухIаммад хIакъав авараг вукIиналъеги нугIлъи гьабулел хIужабазул бищунго кIудияб хIужаги мугIжизатги.

Аварагасул заманалда рукIарал капурзаби, гьеб Аллагьасул калам гурин, жинцаго МухIаммадица ургъараб бугин, яги гьесда гьеб цогидав чияс малъулеб букIанин гаргадизе лъугьараб мехалъ, Къуръаналда анлъгогIанасеб аят бачIана, гьедин батани, нужецаги ургъе гьелда релълъараб цо гьитIинабгIаги суратилан абун.

Хадубги баян гьабуна тIолалго гIарабиял, гIажамиял, жинал, инсанал данделъун ургъаниги гьелъул цо сураталда релълъараб жо гIуцIун бажаруларин.

Гьалеха, гьеб къоялдаса нахъе жакъа къоялде щвезегIан 1400-ялдасаги цIикIкIун сон ана, амма жеги дунялалда вахъинчIо Къуръаналда релълъараб бищун гьитIинаб суратгIанасеб яги кIиго хIуччгIанасеб жо ургъизе бажарулев чи.

Гьелъулъ буго тIолабго инсаният гIажиз гьабулеб гIажаибаб пасихIлъиги, гъваридаб магIнаги, аза-азр сон баниги гьеб басралъуларо, чанцIул цIаланиги тIоцебе рагIулеб гIадин гьуинлъула. Гьелъ бицен гьабула ТIадегIанав Аллагьасул кIодолъиялъул, хIалкIолъиялъул, Гьесул сифатазул, Гьесул цIаразул, гIакълиял хIужабаздалъун чIезабула Гьев цо вукIин.

Къуръаналъ бицуна гIалам бижиялъул, зоб-ракьалъул, бакъмоцIалъул, цIвабзазул, гьавабакъалъул, цIадазул, ах-хуралъул, хIайваназул, гъутIбузул, мугIрузул, ралъадал-гIоразул, инсан вижиялъул, гьелдалъун кантIизарула Аллагь вукIиналдеги, Гьев цо вукIиналдеги, Гьев хIалкIолев вукIиналдеги.

Гьелъ бицуна хвел-хобалъул, алжаналда ругел нигIматазул, жужахIалда ругел гIазабазул, Къиямасеб къоялъул, хун хадур цIидасан чIаго гьаризе рукIиналъул. Гьеб кинабго хIакъаб букIиналде кантIизарула гIакълиял хIужабаздалъун.

Къуръаналъул буго 6666 аят, 19300 рагIи

Гьединго бицуна хIарамхIалаллъиялъул, ахIула лъикIал тIабигIатал кквеялде, квешал рехун теялде. Гьелъ бицуна Аллагьасе тIагIат-гIибадат гьабулеб куцалъул, как-кIалалъул, закагIат-сахIалъул, хIеж борхиялъул, ригьин-цIаялъул, даран-базаралъул, рекъелмаслихIаталъул, чIвай-хъвеялда сверухъ рачIунел хIукмабазул, къисас босиялъул, гъазаваталъул, чан гьабиялъул, лъимал хьихьиялъул, эбел-инсул адаб гьабиялъул.

Гьединго бицуна цересел аварагзабазул, гьез Аллагьасде халкъ ахIиялъул, некIсиял умматазул, ханзабаз зулму-хIал гьабиялъул, гьел Аллагьас гьалаг гьариялъул. Инсанасеги, гьесул хъизамалъеги, жамгIияталъеги заралиялги пайдаялги ишазул, ахираталдаги дунялалдаги гьоркьоб бугеб батIалъиялъул.

Къуръаналъ бицана

Къуръаналда гIемерал лъугьабахъинал руго цереккунго ккезе рукIин рицарал, гьелъ рицухъе хадур ккезеги ккарал. Къуръаналда гIемерал гIелмиял хIужаби руго, анцI-анцI гIасраби ун хадубги гIелмуялъул цIех-рехаз рагьизе ругел жалазде ишара гьабулел.

Гьеб киналъго нугIлъи гьабула Къуръан, я МухIаммад аварагас , ялъуни цогидав инсанас ургъараб гуреб, Аллагьасул рахъалдасан рещтIараб калам букIиналъе. Гьелъул цониги рагIи гьереси гьабизе кIолев чиги дунялалда вахъинчIо.

Къиямасеб къо чIезегIан гьеб хисизабизе кIвезеги гьечIо. Хирияб Къуръаналъ церехун рещтIарал тIахьазул хIукмуги, хIикматги, гIелмуги жанибе бачана. Къуръаналдалъун гурони, цере рехсарал тIахьаздалъун хIукму къотIизеги хIарамаб буго. Черх чуризе тIадав чиясе яги хIайизалда йигей гIаданалъе черх чурун хадуб рацIцIалъун гурони Къуръаналда квер хъвазеги, гьелъул цо аятцин цIализеги хIарамаб буго.

Какичури биххарав чиясе гьеб рекIехъе цIализе бегьула, гьесие гьелда квер хъвазе хIарамлъула, амма рекIехъе цIалулеб мехалъги какичурун вукIине хирияб буго. Къуръан цIалиги бищун хириял гIибадатазул цояб ккола. МагIна бичIчIичIого цIаланиги гьеб цIалиялъул кири щола.

Гьеб малъизеги лъазабизеги ккола. КьучIаб хIадисалда буго: «Нужер бищун лъикIав чи жинца Къуръан малъулевги гьеб лъазабулевги вуго», - ян.
Гьелъул руго 114 сурат (басмалла), гьезул 28 - Мадинаялде гьижра гьабураб мехалъ, хутIарал - Маккаялдаго рещтIана

Къуръан цIалиялъул адабаздаса ккола какичуриялда цIали, Къиблаялдехун вуссун цIали, агIузу бахъи, сивак бахъи, Аллагьасул кIодолъи ракIалде бачIун, Аллагь кIалъалев гIадин цIали, Къуръан ракьалда лъечIого, дагьаб ракьалдаса борхун лъей, гьелдехун мугъ рехичIого чIей, цIалулеб мехалъ дунялалъул хабар тун гьелъухъ гIенекки, гIодове виччан, тартиб гьабун цIали, берцинаб гьаркьидалъун, берцинаб макъамалдалъун цIали, хIарпал ритIун рахъи, тажвидалда цIали, магIна бичIчIун цIали, аятазе кколеб хIакъ кьей. Аллагьас тавпикъ кьеги гьелда рекъон хьвадизе.

МУХIАММАДНАБИ АХIМАЕВ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...