Аслияб гьумералде

25 сон ана

25 сон ана

25 сон ана

Жакъа къоло щуго сонилъ ругел яги гьелдаса дагьал сонал гIумруялъул барал гIолохъабазда нилъеца бицунеб жо лъаларо. Щайгурелъул гьеб иш ккана 1999 соналъул 7 августалда. КигIанго рохалилаб хабар гьечIониги, ракIалде щвезабизе кколеб буго. Гьеб къоялъ чачаназул рахъалдаса Дагъистаналъул Болъихъ районалде тIаде кIанцIана, ХатIабил бетIерлъиялда гъоркь, террористал. Гьезул аслияб мурадги букIана «исламалде» Дагъистаналъул халкъ ахIи.

 

Ярагъги босун, ракълилал гIадамалги гъурун, бусурбаналлъунго гьарурал гIадамал исламалде ахIулел «бахIарзал» ккана гьел. Гьелдаса заман иналдего гьезулго чукъби тIаде кIанцIана Новолак ва Казбек районаздеги.

Гьеб хабар рохалилаблъун ккечIо жидерго рукъзалги рехун тун нахъе ине ккарал Болъихъ районалъул росабазул гIадамазе. Гьеб хабаралъ рохизаричIо гьенир чIван яги лъукъун жидер лъимал, гIага-божарал камурал гIадамалги.

Гьеб вахIшияб лъугьа-бахъин ккарабго Дагъистан цолъана къараб зар гIадин. Дагъистаналъул муфти АхIмад-афандияс ретIана рагъулаб партал ва хIадур вукIана тIаде кIанцIарал вахIшиял террористаздаса Дагъистан цIунизе. Гьесул хьолбохъ чIун рукIана Динияб идараялъул хIалтIухъабиги. ЛъикIаланго къадар гIалимзабазулги жамгIиял церехъабазулги гьел террористазул къурбаналлъунги ккана.  Дагъистаналъул чарангIан къвакIарал ракIал ругел бахIарзаз щибго къуркьи лъазабичIо, федералазул къуват бачIинегIан ругелъуса кьуризе риччачIого чIезаруна тушбаби.

Гьеб заман букIана Дагъистан рагъ ккеялъул балал тIогьиса билълъунеб мех. Террористазул рахъги ккун, мекъаб рахъалде арав, жиндир ватIаналъе хиянат гьабурав цониги гIолилав ккечIо Дагъистаналда. Амма гьел террористазда гьоркьор дагъистаниял камунги рукIинчIо.

Руччаби-лъимал, хараби цадахъ рахъана гIолохъабигун жидерго ватIан цIунизе. ВатIаналде вачIарав тушманасе рес кьезегIан яги гьезие мутIигIлъун чучизегIан рухI кьезе хIадур вукIана щивав дагъистанияв.

Гьеб заманалда Дагъистаналъе хIалае ватана Россиялъул бетIерлъуда вугев В. Путин. Сундасаго хIинкъичIого гьев вачIана Дагъистаналде, хIатта жеги тIубанго хIинкъи гьечIолъи букIинчIеб Болъихъ районалде. Гьес кьварун лъазабуна террористал кколин инсанияталъулго тушбаби, гьездаса бацIцIадги гьабизе бугин тIолабго Дагъистан абун.

Гьел лъугьа-бахъинал ккаралдаса 25 сон аниги, сон-церекъад букIарабгIанги щибго кIочон гьечIо. Гьеб ракIалде щведал циндаго бачIуна рекIелъе пашманлъи гьел къояз букIараб захIмалъи цебечIун, гьединго, рекIелъ батула рохелги дагъистаниял гьезде данде, цо заргIадин рахъин бихьун букIиналъги.

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Тохав чиясул нух

Абу-Гьурайратидасан Бухарияс бицараб хIадисалда аварагас ﷺ абулеб буго: «Аллагьас ﷻ абуна, щив чи вугониги дир валиясе зарал гьабун (жинца гьев тушманлъун ккун, гьесда ццим бахъун), дица гьев чиясда рагъ лъазабула», - ян. Жинда Аллагь ﷻ гурхIаяв Факигьанияс абуна: «Щив чи вугониги...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Якьадги росги   Дир якьадалъе бокьун букIана жиндирго квартира къачIан лъугIизабизе ва гьелъ нижеда гьарана кумек. Дир росас, дидаги гьикъичIого, хIажатаб гIарац къарзалъ кьуна. ЛъагIел ана ва гьеб гIарац нахъбуссинабизе гIедегIунев чиги гьечIо. Дир рос нечола ракIалде щвезабизе ва дида...


Ракьулъ бижулеб гIурдахIан

Камъат (гIараб мацIалда факъгI абунги лъала, гIурус мацIалда трюфель) ккола ракьулъ бижулеб кваназе бегьулеб гIурдахIан. Хасго гьеб гIемер батула ГIагараб Машрикъалъул ва Шималияб Африкаялъул авлахъазул гIатIилъабазда, гьениб гьеб загьирлъула цIад бан хадуб. Гьеб гIажаибаб ракьалъул нигIматалъе...


Нужее баяналъе

Авараг гьавураб сон щиб сон букIараб? – Пилалъул сон. Пилалъул сон абун щай гьелда цIар тараб? – Гьеб соналъ Абрагьат аскаргун ва пилалги рачун КагIба биххизе вачIун вукIана. Аварагасе ﷺ кьураб бищун кIудияб мугIжизат щиб букIараб? – Къуръан. Муса аварагасул...


Египеталде сапар

Египеталде сапаралъ араб Дагъистаналдаса делегация дандчӀвана Вакъфазул рахъалъ министр Усама ал-Азгьаригун. Дагъистаналъул делегациялда гъорлъ рукӀана: ДРялъул диниял суалазул ва миллияб политикаялъул министрасул заместитель ТӀагьир Сутаев, министрасул кумекчи ГӀабдулбасир Абакаров, ДРялъул...