Аслияб гьумералде

МухIаммад аварагасухъе ﷺ гьижра

МухIаммад аварагасухъе ﷺ гьижра

МухIаммад аварагасухъе ﷺ гьижра

ХIурматиял бусурбаби, дунялалде инсан БетIергьанас витIиялъе аслияб гIиллалъун кколеб буго Аллагьасе гIибадат гьаби. Къуръаналда Аллагьас абун буго: «Жиналгун инсал дица рижичIо Дие гIибадат гьабизе гурони», - ян. (сура «аз-Зарият», аят 56). Цогидаб аяталда БетIергьанас абун буго: «Нужеца гIибадат гьабе нуж рижарав Аллагьасе…», - ян.

 

Инсанасул хIалбихьизе букIине гьеб гIибадат сверун гIуцIунги буго черхалъе рокьулел рахIаталщинал жалги. Жибго гIибадатги гьабун буго жинда жаниб захIмат бугеблъун. Аллагьасе гьабулеб тIагIаталъул хиралъиялъул хIакъалъулъ хирияб хIадисалда буго: «РахIманасе гIибадатги гьабе, вакъарасе тIагIамги кье, бусурбабазда гьоркьоб саламги тIибитIизабе, цинги нуж Алжаналде лъугьина», - ян. ГIибадаталъул хиралъи бицарал хIадисалгун аятал ва салафазул рагIаби гIемер руго. Камураб жо нилъелъго гурони гьечIо. Гьебги щибин абуни, тIагIаталъе кIвахIаллъи буго.

КигIан гIемер нигIматал Аллагьас кьуниги, тIагIат гьабиялдаса рикIкIалъи гурони нилъер кколеб гьечIо. Гьединго, кигIан исламияб лъай цIикIкIаниги, гьелдалъун гIибадаталде гьетIи дагьлъун гурони, гIемерлъулеб бихьулеб гьечIо.

ХIурматиял вацалгун яцал, гьеб гуро нилъер мурад бугеб. ГIелму цIикIкIанагIан Аллагьасе гьабулеб хъулухъ цIикIкIине ккола.

Бичасул аварагас ﷺ абун буго: «Ва, МагIаз, дуда лъалищ лагъзадерида тIад бугеб Аллагьасе кьезе кколеб хIакъ, гьединго, Аллагьасда лагъзадерие бугебги?» - ян.

Аллагьасдаги, гьесул Расуласдаги цIикIкIун лъалин жаваб кьола МагIазица. Бичасул аварагасﷺ абула, Аллагьасда цебе лагъзадерида бугеб хIакъ кколин Гьесие гIибадат гьаби, Гьесдехун сундулъниги ширк гьабунгутIи. Лагъзадерие Аллагьасда тIад бугебги кколин, Гьесдехун сундулъниги ширк гьабичIел гIадамазе гIазаб гьабунгутIи.

ГIибадат кин гьабилебин абураб суал баккула гьаб бакIалда. Бищунго хирияб гIибадат ккола паризаяблъун нилъеда тIадкъараб. Гьелда хадуб хирияб ккола гьеб парзалда хурханщинаб гIибадат. Жеги хадуб хирияб буго Бичасул Аварагасул ﷺ суннатлъун рикIкIунебщинаб гIамал. Гьеб кинабго гьабун хадубги, эркенаб заман хутIани, инсанас жинцаго тIаса бищизе бегьула хирияблъун кколеб бокьараб гIамал. Гьезда гьоркьобги беццараб буго жиндир пайда цогидазде бахунеб гIамал.

Бищун бигьаяб ва мухIканаб буго гьабсагIаталда чIаго вугев хIакъикъияв устарасухъе гьес малъараб гIибадат гьабизе ин. Щибго батIалъи гьечIо, бокьараб жо малъулев чи вукIине ккола. БукIа гьеб диналда, дунялалда, махщалида хурхараб. Цеве вугев чияс малъичIого живго лъикIав лъугьун гьабураб жоялда жаниб жагъаллъи-гIайиб камуларо. Гьединлъидалин сундулъго мугIалим, муршид ва устар вукIине рекъараб бугеб.

Хасго гьаб ахирзаманалда, жинда жанир питнаби гIемерлъун ругеб мехалда, цIакъго беццараб буго, рокъовги чIун, гIибадаталда тIадчIей гьабизе. Хирияб хIадисалда буго: «Питнаби рагъарараб заманалда гIибадаталда тIадчIей гьаби, дихъе (МухIаммад аварагасухъе) гьижра гьабиялда бащадаб буго», - ян. Гьединаб заманалда халкъалда гьоркьоб гIемераб хабар-каламги питнаялде гъорлъе ккезе ресги букIуна. Гьелде гьоркьове ккарав чи къватIиве ворчIиги цIакъ къанагIатаб жоги буго. Аллагьас цIунаги Дагъистан ва тIолабго МухIаммадил ﷺ уммат ахирзаманалъул питнабаздаса! Аминь!

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-09-01 (РабигIул аввал 1448 с) №17.


Мисал босула

Бищун талихIавлъун ккола Аллагьас ﷻ тIадкъарал хIукъукъалги тIуралев, хирияв Аварагасул ﷺ суннатги цIунулев ва исламалда рекъон хъизан-агьлуялъе тарбияги кьолев чи. Лъимералъ тIаса бищулеб нух бараб букIуна эбел-инсуда.   ГIемер абулеб рагIула, эбелалда яги инсуда релълъарав вугин абун....


Нужее баяналъе

1. Муъминун абун сураялда щай абураб? – Муъминзаби ва гьезул сипатал рехсеялъ. 2. Чан сураялда рехсараб дунял хIайгIадинаб жо бугин абун? – Ункъо сураялда: «АнгIам», «ГIанкабут», «МухIаммад», «ХIадид». 3. ШайтIаналъул хъаравулзаби абун...


Курми росдал къо

Курми росулъ тӀобитӀана росдал къоялда хурхун байрамалъулаб тадбир. Гьеб къоялъул аслияб лъугьа-бахъинлъун букӀана щивав чияс жидерго къуват, гьунар, бергьенлъи босизе бугеб гъира бихьизабизе рес кьураб спортивияб къец. Гьелдаса хадуб киналго гьалбал кваназаруна ва цо-цо церехъабазе кьуна...


Тафсир агьлуялъул маяк

Имамзабазул, хасго чIахIиял гIалимзабазул къимат лъала гьезул таржама гъваридго лъазабидал. Гьелдаго цадахъ имам вокьизеги вокьула. Амма лъаларев чи вокьизе кIоларо. Аварагас ﷺ абухъе, гIалимзаби ккола гьесул ирисилал. Щайгурелъул, Аварагас ﷺ жинда хадуб тола гIелму. Гьел ккола гьеб ирс босулел ва...


Алжаналде нух

Дунялалъул кинабго иш сабабазда базабун бугебго гIадин, инсан дунялалде вачIинги эбел-инсудалъун буго. Лъиего балъгояб жо гуро лъимаде эбел-инсул букIунеб гурхIелги, кIудияб тIалаб-агъазги. Гьединлъидал нилъеда исламалъ тIад гьабула эбел-инсул камилаб адаб гьабизе. Къуръаналъулги ахIи буго...