Аслияб гьумералде

Соналъул хIасил

Соналъул хIасил

Соналъул хIасил

ХIурматиял бусурбаби, «Ас-салам» казият цIалулел магIарулал. Гьале ана 2024-абилеб сонги. Гьадин унеб буго нилъер гIумруги. Сонисеб къогIадин ккола гъоркьиса рукIарал декабралъул ахирисел къоял. Щибго нилъеда халлъичIого бекерулеб буго заман. Хасало нилъ рукIуна дунял хинлъизегIан чIун. Рии бачIиндал, нилъ кантIилалде, гьебги ун батула. Инсанасул гIумруги гьедин бекерун унеб буго. ГIолохъанчиясда жеги гьитIинго вугин, херасда гIолохъанго вугин ракIалдеги ккун, нуцIида хвел кIетIезе лъугьуна расги лъачIого.

 

Араб соналъул хIасил гьабизе ракIалде бачIинабизего бокьуларел лъугьа-бахъинал руго. Щиб гьабилеб, ахирзаманлъидал. Питнаби гIемерлъизе ругин Бичасул аварагас ﷺ абураб рагIи гьереси кин букIинеб. Балагье, живго авараг ﷺ чIаго дунялалда вукIаго раккана мунапикъзаби. Гьелдаса бахъараб гьаб мех щвезегIан дунялалдаги рукIана гьел. Исламалъул тарихалда лъугьаралщинал питнабиги гьел мунапикъзабазул квердасан ккарал руго. Нилъер заманги гьоркьоса кин бахъизе рес бугеб. ХIатта цо мажлисалда абулеб бугоан гьаб сон мунапикъзабазул лъагIелин абун тани, мекъи ккеларилан.

Дунялалъул хважаин вуго Жиндир къудрат тIадегIанав Аллагь. Гьесул ирадаталдалъун лъугьунебщиналда нилъ разияллъун рукIине ккола. Жинда жаниб маслихIатгун сабаб камураб жоги букIунаро. ГIарабазул кициги буго, лъугьарабгун ккаралда жаниб хайир бугин абун.

Кинаб хIал тIаде бачIаниги, кинал мунапикъзабигун питначагIаз рагъа-ракараби гьаруниги исламияб диналдаса нилъ кьуризе бегьуларо. ХIакъаб нухги, гьеб ккураб агьлуги кидаго рукIана. Цо дагьабниги гIакълу бугев чи ургъани, чIегIерабги хъахIабги батIа бахъизе лъала.

Араб соналъул хIисаб гьабидал, нилъерго гIадада хвараб гIумруялъухъ пашманлъизе бачIун гурони цогидаб бакIалде пикру унаро. ТIоцебесеб иргаялда, лъазе ккола нилъехъаго ккараб гъалатI. Бищунго кIудияб хатIаги ккола Аллагь рехсечIого гIадада биччараб заман. Алжаналде ккарал гIадамазул бищун ракI бухIулеб, пашманлъулеб жо бугила гIибадат гьабичIого биччараб заман. ЧIаго ругез гьелъул пикру гьабун тIамизе рекъараб буго гIумруги. ХатIа букIиналда мукIурлъун хадуб тавбу гьабизеги кIочене бегьуларо. Ккарал мунагьазда пашманлъицин тавбу бугинги буго.

ГIибадат гьаби кодоса борчIараб мехалда хутIула тавбу гьаби. Хьул буго Аллагьасде нилъер ккарал мунагьалги чурилин, БетIергьанасул рахIматалдалъун гIибадат гьабичIого араб заманги тIагIат гьабураблъун хъвалин абун. БачIунеб сон Аллагьас нилъее пайдаяб, нигIматал гьарзаяблъун батаги!

 

«Ас-салам» казияталъул редакция

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...