Аслияб гьумералде

Бихьиназул хIижаб

Бихьиназул хIижаб

Бихьиназул хIижаб

ХIурматиял бусурбаби, дие гьаниб кIварбуссинабизе бокьун буго бихьинчиясул, исламалда рекъон, кинаб ретIа-къай букIине кколебали бициналде. Руччабазул хIижабалъул тема буго дунялалдаго машгьураб. Жинда сверухъ гIемераб дагIба-рагIи, къец бугеб. Гьеб хIижабалде данде тIубараб политика гIуцIарал пачалихъалцин ратизе рес буго. Суал гьелъулъ гуро бугеб. Аслияб мурад буго руччабазул хIижаб гьедигIан кIвар цIикIкIараб, гIемер жиб рехсолеб жо букIин баян гьаби.

 

Гьелдаго цадахъ нилъеца, ай бусурбанал бихьиназ цIакъго кIвар кьола чIужугIаданалъул диналде, гьелъул хьвада-чIвадиялде. Гьелъухъа гьитIинаб бугониги гъалатI ккани, гьеб кутакалда рехсола, бицуна, кантIизарула. Гьелдаса кIудияб гъалатI ккани, масала, хъалиян цIай, зина гьаби, бикъа-хъами ва чIвай-хъвей гIадаб, гьеб иш цIакъго гIадлъун бихьула. ХIатта гьединал руччаби гIумруялдаса ратIа гьарурал хIужабицин ккола. Гьелъ тухумго суризабунин абула. Узухъда, гьедин батизе ресги буго.  Амма васасухъа яги кIудияв гIурав бихьинчиясухъа зина яги цIогьгун чIвай-хъвей ккани, цо кIудияб гIайибго гьабуларо. ХIатта гьеб бихьинчилъиялъул бакIалде бахинабулелги камуларо. Масала, васас зина гьабулеб бугин рагIани, абизе рес буго гьев бихьинчилъидалин абун.

ХIурматиял бусурбаби, гьединаб пикру исламалъул къануназда данде кколаро. Гьеб буго жагьилияб заманалъул хIамабагьадурлъиялъул хутIелазул цояб. ЧIахIиял мунагьазул хъварал бакIазда руччабаз гьабураб хIатIаалъе гьабулеб хIаддалъе щибго батIалъи гьабун гьечIогурищ? Цинги щайха нилъеца чIужугIаданалъул рахъ гьедигIанго кIодо гьабизе кколеб? Гьаб бакIалда нужеда мекъи бичIчIуге, бихьиназул ахикье гамачIги бан, руччабазул рахъги ккун, гьез мунагьал гьаризе бегьизабулеб мех гуро. Кинниги суал буго бихьиназе гьабулеб тIаса-масагояб бербалагьиялде, хасго чIахIиял мунагьазда сверухъ.

РачIа гьанже хабар бицинин бусурбанал бихьиназул ретIа-къаялда тIасан. «Фикъгьул мангьажи» абураб тIехьалда хъван буго: «Бихьинчиясул гIаврат цогидал бихьиназда яги жиндирго махIрамиял руччабазда цебе, накуялдагун цIинуялда гьоркьоб бугеб бакI буго. Амма чияр руччабазда цебе бихьинчиясул гIаврат ккола, квералгун гьумер хутIун, цогидаб къаркъала, бергьинабураб рагIиялда бан», - абун.

Шагьаралда цIакъ гIемер халлъула хIижабги ретIун, берцинго яца-хьван йигей чIужугIаданги, гьелда цадахъ унев, къвалал къокъаб, гIатIидго керен рагьараб гордегун, лъикIаланго гIагал къокъаб «бащдаб тIажуги» ретIун унев гьелъул бетIергьанчиги. Гьаб сураталдаса щиб бичIчIулеб бугеб? Гъобго чIужугIаданалдаса цIикIкIараб тIалаб ва бихьинчиясул тIаса-масагояб хьвада-чIвади. КигIан берцингоха букIине букIараб гьев бихьинчиясул ратIлилъ букIарабани бусурбанчи вукIин бицунеб цо кинаб бугониги гIаламат. Жеги халлъула кин гьес хъаравуллъи ккун букIунебали жиндирго хъизаналъухъ щивго балагьизе тунгутIиялде. Амма живгойин абуни, цогидал ясазде бер рехиялдаса сунцаго гьукъулев гьечIолъи.

ХIасил гьабун абуни, гьаниб бачIунеб буго руччабаздаса бихьиназ тIалаб гьаби жидецаго цIунуларел гIорхъаби рахунгутIи. Гьединаб хьвадиялъ заманаялъ гурони хайир кьоларо. Къуръаналда буго: «Нужеца щай абулеб, нужецаго гьабулареб жо?» - ян.

Жеги унтараб суал буго туристазул. Нилъеца кутакалда лъикI хъаравуллъи ккола гьезул хьвадиялда хадуб. Гьезие малъа-хъваял гьарула. Нижехъ гьадин бегьуларин абула. Амма нилъерго бихьинал, гьебго хьвадиялда рихьани, щибго жо абулев чи вахъунаро. Мисалалъе, гIаммаб азбаралде вачIуна цояв тIад гордего гьечIого яги шорталги ретIун. Гьесда кIалъалев чиго вихьуларо. Саламатаб ригьалде вахарав чи, черхалда гордеги, гъоркьан тIажуги гьечIого гIадамазул цIураб бакIалде вачIиналдаса сурараб жо бусурбанчиясе кинаб букIине рес бугеб? Гьесие малъа-хъвай гьабичIого теялдаса кIудияб тохлъи кинаб букIунеб?

Кинал туристазде нилъер ирга щун бугеб? Хьвадулищ нилъер бихьинал исламалъ рихьизарурал ратIлил тIалабалги тIуран? Хьвадуларел гIемер руго. Амма хьвадизе ккелаха.

Макъалаялда цIар лъезе дун тIамураб жо ккола руччабазул хIижабалда киналго бихьинал хадурги чIун, жидерабго, ай бихьиназулаб кIочон тей. Исламалъ цониги чи ватIа гьавуларо. Бихьинавин, цIуяйин абун Аллагьасул хIакъазда аскIоб щибго батIалъи гьечIо. Бихьинал бихьинал гIадин хьвадани, руччабиги руччаби гIадин рукIунин гурищ абураб Шамил имамас. Гьелъул гIаксияб магIнаялъ кьолеб буго бихьинчияс жиндирго хIукъукъал мугъзаде нахъе рехани, чIужугIаданалъул хьвада-чIвадиги чарлъулин абураб магIна.

Киналъулго къокъаб хIасил гьабидал, баккулеб буго руччабазул квешаб хвадиялъе аслияб гIиллалъун бихьиназ исламалъул тIалабал тIураялъулъ тасамахIлъи гьаби кколеблъи. Аллагьас кантIизареги битIараб нухде.

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Якутскиялда «Лъаялъул сордо»

Якутскиялъул аслияб мажгиталда тIобитIана МухIаммад аварагасул ﷺ хIурматалда «Лъаялъул сордо» абураб цIаралда гъоркь тадбир. Гьелда гIахьаллъи гьабуна ДРялъул муфтияталда цебе бугеб регионалияб цебетIеялъул департаменталъул нухмалъулев АхIмад Надирбеговас ва гьесул заместитель ГIизраил...


Берцинлъи гьаби

Инсанас ретIулеб ретIелги берцинлъиялъе хIалтIизе гьарулел жалги хIалалал рукIуна, гIаммаб куцалда босани. Кинниги гьезда гъорлъ руго хIалтIизаризеги ва гьездалъун къачIадизеги бегьуларел жалги.   Гьел киналго хIалтIизаризе бегьулел жал руго Аллагьас нилъее дунялалда ругебгIан заманалъ...


«Инсаналъ» къотIи гьабуна

«Инсан» фондалъул генералияв директор щвана РФялъул президентасда цебе бугеб Дагъистан Республикаялъул вакиллъиялде ва гьенив дандчӀвана республикаялъул вакиласул ишал тӀуралев Нагиев Руслангун ва гьесул гьалмагъзабигун. Данделъиялда бицана цадахъ рекъон хӀалтӀиялъул бугеб кIваралъул, цадахъ...


Къинал руччабазе малъа-хъваял

Лъимер гьабизе йигеб заман буго цIакъ кIвар бугеб гIуж. Гьеб заманалда, хасго чIужугIаданалъ, жиндирго сахлъи ва рацIцIалъи, кванил ва цогидалъулги низам цIунизе ккола. Гьединго халкквезе ккола тIад ретIунеб ратIлида хадубги. Лъимер ва жийго квачалдаса цIунизе ккола, тIадкъараб ретIел, угъдул...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

Сапар буго инсанасул гIумруялъул цо бутIа. Муъминзабазе гьеб ккола Аварагасдаса ﷺ мисал босун ТIадегIанав БетIергьанасде ﷻ гIагарлъизе рес щвейги. Нилъер Аварагас ﷺ нухда кинаб хьвада-чIвади букIине кколебали малъа-хъваял гьари гуребги, жиндирго мисалалдалъунги бихьизабуна сапаралда ругелъул...