Аслияб гьумералде

Риидалил курсазул хIасил

Риидалил курсазул хIасил

Риидалил курсазул хIасил

ХIурматиял бусурбаби, гьале ахиралде щвана лъималазул риидалилал курсал. Гьаб кIиго моцIида жаниб лъималазе щвана лъикIаб лъай, гIумруялъул хIалбихьи, ккана батIи-батIиял лъималазулгун лъай-хъвай, щвана чанго батIи-батIиял бакIазде экскурсияз, гьаруна спортивиял ва гIелмиял къецал. ХIасил гьабун абуни, лъималазул риидалил къоял гIадада инчIо.

 

Мажгитазде, курсазде лъимал ун рукIинчIелани я къалъизегIан кьижун яги гIадада къватIал сверулел, телефоназда жанир рукIун инаанха. ТIокIаб квешлъиялъул дица гьаниб бицунеб гьечIо. Гьеб лъабабго гIемер пайдаяб гуреб жоялдаса лъимал хвасарлъиги кIудияб талихI буго умумузе.

Балагье нилъехъго, гьанже гIураб заманалда ругелщинал квешал тIабигIатал, лъикIал гурел пишаби кидаялдаса байбихьун ругел нилъелъ? Гьайгьай гьитIинго лъуна гьелъие кьучI. Амма гьеб заманалда квешлъи гьабизе регIизе течIого цониги лъикIал ишазде тIамун рукIаралани гьелдаса рорчIизе ресги букIана. Масала, хъалиян бухIулесда цIехани кидайин байбихьараб ва щиб гIиллайин ккараб гьелъие абун, гьесул жаваб букIуна кIиабилеб яги лъабабилеб классалдаса бахъараб байбихьанин, сабаблъунги цогидал чIахIиял лъимал кканин абун.

Балагьеха, бусурбаби, лъимал щиб бугониги пайдаяб жоялде машгъул гьаричIони квешаб ишалде гьел инчIого рукIунаро. ГIурусазул аби буго «свято место пусто не бывает» абун, ай лъикIаб бакI чIобого хутIуларин, лъикIлъи гьечIони квешлъи бачIинчIого букIунарин абураб.

Аллагьасе рецц буго, нилъее лъимал лъикIаб ишалде руссинаризе мажгиталги, гьенир мугIалимзабиги кьурав. Гьел рукIинчIелани мухьги кьун кквезе кколаан. Бугеб нигIматалъул къимат гьабун, гьелдаса пайда боси ккола бищун кIудияб щукру гьабилъунги.

Умумуз гьанже кIвар гьабизе рекъола рии бачIинегIан лъимал эркенго течIого тIубараб цIалул соналъги мажгиталде яги мадрасалде хьвадизаризе. РиидаллъизегIан тани, араб соналъ цIаларабги кIоченабун гъобго жо такрар гьабулел хутIула. Гьединлъидалин школалдаса рахъарабго яги гьенире иналде лъимал мажгиталде хьвадизаризе лъикIаб бугеб. Школалъул программаялъе щибго захIмалъиги букIунаро цо сагIаталъ мажгиталда цIалдонин абун. Аллагьас кумек гьабеги лъималазе битIараб тарбия кьезе.

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...