Аслияб гьумералде

Заместитель щвана Татарстаналде

Заместитель щвана  Татарстаналде

ДРялъул тIоцевесев заместитель ГIабдулла Аджимоллаев хIалтIулаб къваригIелалъ щвана Татарстаналде. Гьес гIахьаллъи гьабуна Булгариялъул исламияб академиялъул майданалда тIобитIараб, Волжалъулаб Булгариялъ Ислам къабул гьабуралдаса 1100 сон тIубаялда хурхун гьабураб «Изге Болгар жыены» абураб данделъиялда.

Данделъи нухда бачана РФялъул хIукуматалъул председателасул заместитель Марат Хуснуллиница. Гьениб гIахьаллъи гьабуна Татарстаналъул президент Рустам Миннихановас, Минтимер Шаймиевас , Татарстаналъул премьер-министр Алексей Песошиница, Россиялъул муфти ТIалхIат Тажудиница, Россиялъул бусурбабазул рухIияб идараялъул бетIер Альбир-хIазрат Кргановас, Татарстаналъул муфти Камил-хIазрат Самигуллиница ва Россиялъул диниял гIуцIабазул вакилзабаз.

Муфтияталъул хIалтIухъабаз би кьуна

Дагъистан республикаялъул муфтияталъул хIалтIухъабаз гIахьаллъи гьабуна тIолгодунялалъул би кьолезул къоялда (14 июнь) хурхун тIобитIараб акциялда. Данделъи ана МахIачхъалаялда, республикаялъулаб би кьеялъул станциялда ва лъабгониги би босулел бакIазда (Дербент, Хасавюрт, Буйнакск).

Жидеего бокьун би кьолезул тIадаб медицинаялъулаб хал-шал гьабуна. Тохтуразабаз хал гьабуна сахлъиялъухъ, борцана бидул тIадецуй ва бидул кьаби, би кьеялъул дандеккунгутIи букIунищали балагьана, цинги риччана би кьезе гьеб къваригIаразе.

Красноярск краялъул муфтигун

Гьал къоязда шайих АхIмад афанди дандчIвана Красноярск краялъул муфти Гаяз-хазрат Фаткуллингун. Данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфтияталда. КIиябго регионалъул бусурбабазул церехъабаз гьоркьоб лъун букIана диниябгун рухIияб цебетIеялъул суал. Гьединго, Гаяз Фаткуллиница шайихасе бицана Красноярск краялда гьабулеб бугеб хIалтIул.

Дагъистаналъул муфти - Нальчикалда

15 июналда Дагъистаналъул муфтияс гIахьаллъи гьабуна Нальчик шагьаралда тIобитIараб «Исламиял институтазул Северияб Кавказалда бугеб хIал ва букIинесеб» абураб, регионазда гьоркьосеб жамгIиябгун диниябгун данделъиялда. Гьеб данделъи тIобитIана Кабардино-Балкариялъул республикаялда, бусурбабазул Динияб идараялъ 30 сон тIубаялда хурхун. Гьеб гIуцIиялъе квербакъи гьабуна Северияб Кавказалъул регионазул муфтияз.

ДагIватазул отделалъул хIалтIухъабазулгун дандчIвай

«Нилъергун гьоркьоблъи бугел киналго гIадамал ккола нилъер вацалгун яцал. Гьел руго нилъер «гьумер». Нужелъ гьезда вихьула эмен, кIудияв вац, кIудада, абизе бегьула – насихIатчи, гIалимчи», - ян. Гьединал рагIабаздалъун Дагъистаналъул муфтияс хитIаб гьабуна дагIваталъул отделалъул хIалтIухъабазде. Гьоркьоб лъун букIана гьабулеб бугеб хIалтIул суал. ДагIваталъул отделалъул нухмалъулев МухIаммадрамазан Ражабовас бицана отделалъ гьабураб ва гьабулеб бугеб хIалтIул хIакъалъулъ.

Редакторасул дандчIвай

Дагьал церегIан къоязда магIарул мацIалда бахъулеб «Ас-салам» казияталъул редактор ГIабдуллагь МухIаммадов дандчIвана Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул правлениялъул председатель МухIаммад АхIмадовгун.

Гьеб дандчIваялда рорхана кIвар бугел суалал. Хасго магIарул мацI цIуниялда сверухъ ва адабиятгун маданият халкъалъухъе щвезабиялъул хIалтIи кин гьабун лъикI букIинайин абураб суалалда тIасан пикраби загьир гьаруна. Гьединго гьеб дандчIваялда гIахьаллъи гьабуна Дагъистаналъул халкъияв шагIир МухIаммад ХIамзаевасги.

Муфти дандчIвана Олег Аполихингун

12 июналда Дагъистаналъул муфти АхIмад афанди дандчIвана Н. А. Лопаткинил цIаралда бугеб урологиялъулаб институталъул директор, медицинаялъул гIелмабазул тохтур Олег Аполихингун. Олег Ивановичас кутакаб разилъиялдалъун бицана, Дагъистаналда медицина цебетIеялъе рухIияв насихIатчияс гьабулеб бугеб гIахьаллъиялъул. Гьес мисалалъе бачана шайихасул жигаралдалъун рагьараб МахIачхъалаялъул №3 больница.

ГIабдулманап НурмухIамадов ракIалде щвеялъул турнир

Дагъистаналъул муфтиясул кумекчи Идрис Асадулаевас гIахьаллъи гьабуна ГIабдулманап НурмухIамадов ракIалде щвеялъе, Гъизилюрт шагьаралда тIобитIараб гугариялъул къецазда. РФялъул мустахIикъав тренер ракIалде щвеялъул данделъиялда гIахьаллъи гьабуна Гъизилюрт шагьаралъул бетIер МухIамад МухIамадовас, UFCялъул чемпион ХIабиб НурмухIамадовас, Гъизилюрт шагьаралъул ва Гъизилюрт районалъул имамзабазул председатель МухIаммадгIариф Сиражудиновас, хIукуматалъул вакилзабаз, спортсменаз, тренераз ва гь.ц.

Башкириялдаса гьалбал – Дагъистаналда

«Татарал ва башкирал нижеца рикIкIуна нижерго вацаллъун», - ян хитIаб гьабуна Дагъистаналъул муфти АхIмад афандияс Башкириялдаса рачIарал гьалбадеридехун. Дагъистаналде рачIарал гьалбадерида цадахъ вукIана муфтиясул кумекчи Иляс Умалатов. Гьел щвана муфти, шайих АхIмад афандихъе. Башкиразул делегациялъе нухмалъи гьабуна Башкортостаналда бугеб Дагъистаналъул миллияб централъул нухмалъулев МухIаммадхIабиб СултIанмухIаммадовас.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...