Аслияб гьумералде

Иманалдаса бутIа...

Иманалдаса бутIа...

1. Аллагьасул тIахьазда иман лъеялъул магIна щиб кколеб?

Аллагьасул тIахьазда иман лъеялъул магIна ккола Аллагьасул рахъалдасан ЖабрагIил малаикги витIун аварагзабазухъе рещтIарал тIахьал Аллагьасул хIакъаб, цебегосеб калам букIиналда ракIчIезаби.

2. Аллагьасул рахъалдасан кинал тIахьал ва щал аварагзабазде рещтIарал?

Шис аварагасде 50 тIехь рещтIана. Идрис аварагасде 30 тIехь рещтIана. Ибрагьим аварагасде 20 тIехь рещтIана. Муса аваргасде Таврат рещтIана. Давуд аварагасде Забур рещтIана. ГIиса аварагасде Инжил рещтIана. МухIаммад Аварагасде Къуръан рещтIана. Аллагьас киназдаго ссалат-салам лъеги.

3. Аллагьас тIахьал рещтIиналъул хIикмат щиб?

Аллагьас тIахьал рещтIана халкъалда Живго лъазавизе, Жиндир камилал сипаталги берцинал цIаралги халкъалда лъазаризе. Жив цо вукIин, Жиндие гурони лагълъи гьабизе бегьунгутIи бицине, Жиндие гIибадат гьабизе кколеб куц халкъалда лъазабизе, инсанасул гIакълу хадуб гъоларел дунялалъулги ахираталъулги маслихIатал халкъалда малъизе, лъикIаб гIамал гьабуразе букIунеб кири-даражаялъул бицине, квешал гIадамазе букIунеб гIазабгIакъубаялъул бицине, хабалъ букIунеб жоялъулги, Къиямасеб къоялъ букIунеб жоялъулги ахираталда букIине бугеб бицине. Къокъго абуни, дунялалдаги ахираталдаги халкъ талихIабги битIарабги нухда тIобитIизе.

4. Къуръаналъул хIакъалъулъ щиб дуда лъалеб?

Къуръан ккола ТIадегIанав Аллагьасдаса рещтIарал тIахьазул ахирисеб тIехь. Гьеб рещтIана МухIаммад Аварагасде r. ТIоцебе ЛавхIул махIфузалдаса Лайлатулкъадриялъ цадахъго гъоркьияб зобалде рещтIинабуна ТIадегIанав Аллагьас . Гьениса ЖабрагIил малаикас дагь-дагьккун, хIажат бихьун, 23 соналда жаниб ссалатсалам лъеяв МухIаммад Аварагасухъе рещтIана. Гьелъул руго нусиялда анцIила ункъо сурат (басмалла), гьезул 28 - Мадинаялде гьижра гьабураб мехалъ, хутIарал Маккаялдаго рещтIана.

Къуръаналъул буго анлъазаралда анлънусиялда лъабкъоялда анлъго аят, анцIила ичIазаралда лъабнусго рагIи. Гьеб ккола ТIадегIанав Аллагь вукIиналъеги ссалат-салам лъеяв МухIаммад Авараг хIакъав авараг вукIиналъеги нугIлъи гьабулел хIужабазул бищунго кIудияб хIужаги мугIжизатги.

Ссалат-салам лъеяв Аварагасул заманалда рукIарал капурзаби, гьеб Аллагьасул калам гуро, жинцаго МухIаммадица ургъараб буго, яги гьесда гьеб цоги чияс малъулеб бугоян гаргадизе лъугьараб мехалъ, Къуръаналда анлъгогIанасеб аят бачIана, гьедин батани, нужецаги ургъе гьелда релълъараб цо гьитIинабгIаги сурат абун. Хадубги баян гьабуна тIолалго гIарабиял, гIажамиял, жинал, инсанал данделъун ургъаниги гьелъул цо сураталда релълъараб жо гьабун бажаруларилан.

Гьалеха гьеб къоялдаса хадуб жакъа къоялде щвезегIан 1400-ялдаса цIикIкIун сонал ана, амма жеги дунялалда вахъинчIо Къуръаналда релълъараб бищунго гьитIинаб суратгIанасеб яги кIиго хIуччгIанасеб жо ургъизе бажарулев чи. Гьелъул буго тIолабго инсаният гIажиз гьабулеб гIажаибаб пасихIлъиги, гъваридаб магIнаги, аза-азар сонал раниги гьеб басралъуларо, чанцIул цIаланиги тIоцебе рагIулеб гIадин гьуинлъула.

Гьелъ бицен гьабула ТIадегIанав Аллагьасул кIодолъиялъул, хIалкIолъиялъул, Гьесул сифатазул, Гьесул цIаразул, гIакълиял хIужабаздалъун чIезабула Гьев цо вукIин. Гьединго гьелъ бицуна гIалам бижиялъул, зоб-ракьалъул, бакъ-моцIалъул, цIвабзазул, гьава-бакъалъул, цIадазул, ах-хуралъул, хIайваназул, гъутIбузул, мугIрузул, ралъадалгIоразул, инсан вижиялъул, гьелдалъун пикраби кантIизарула Аллагь вукIиналдеги, Гьев цо вукIиналдеги, Гьев хIалкIолев вукIиналдеги. Гьединго гьелъ бицуна хвел-хобалъул, алжаналда ругел нигIматазул, жужахIалда ругел гIазабазул, Къиямасеб къоялъул ахIвалазул, хун хадур цIидасан чIаго гьаризе рукIиналъул.

Гьеб кинабго хIакъаб букIиналде кантIизарула гIакълиял хIужабаздалъун. Гьединго бицуна хIарам-хIалаллъиялъул, ахIула лъикIал тIабигIатал кквеялде, квешал тIабигIатал рехун теялде. Гьединго бицуна Аллагьасе тIагIат-гIибадат гьабулеб куцалъул, как-кIалалъул, закагIат-сахIалъул, хIаж борхиялъул, ригьин-цIаялъул, даран-базаралъул, рекъел-маслихIаталъул, чIвай-хъвеялда сверун рачIунел хIукмабазул, къисас босиялъул, гъазаваталъул, чан гьабиялъул, лъимал хьихьиялъул, эбел-инсул адаб гьабиялъул.

Гьединго бицуна цересел аварагзабазул, гьез Аллагьасде халкъ ахIиялъул, некIсиял умматазул, ханзабаз зулму-хIал гьабиялъул, гьел Аллагьас гьалаг гьариялъул. Инсанасеги, гьесул хъизаналъеги, обществоялъеги заралиялги пайдаялги ишазул, ахираталдаги дунялалдаги гьоркьоб бугеб батIалъиялъул.

Къуръаналда гIемерал лъугьабахъинал руго цереккунго ккезе рукIин гьелъ рицарал, гьелъ рицухъе хадур ккезеги ккарал. Къуръаналда гIемерал гIелмиял хIужаби руго, анцI-анцI гIасраби ун хадусаги гIелмуялъул цIех-рехаз рагьизе ругел жалазде ишара гьабулел. Гьеб кинабго жоялъ нугIлъи гьабула Къуръан, я МухIаммад аварагас , ялъуни цогидав инсанас ургъараб гуреб, Аллагьасул рахъалдасан рещтIараб Гьесул калам хIакъаб букIиналъе. Гьелъул цониги рагIи гьереси гьабизе кIолев дунялалда цониги гIалимчи вахъинчIо. Къиямасеб къо чIезегIан гьеб хисизабизе кIвезе гьечIо. хирияб Къуръаналъ церехун рещтIарал тIахьазул хIукмуги, хIикматги, гIелмуги жанибе бачана. Къуръаналдалъун гурони, цере рехсарал тIахьаздалъун хIукму къотIизеги хIарамаб буго.

Черх чуризе тIадав чиясе яги хIайизалда йигей гIаданалъе черх чурун хадуса рацIцIалъун гурони Къуръаналда квер хъвазеги, гьелъул цо аятцин цIализеги хIарамаб буго. Какичури биххарав чиясе гьеб рекIехъе цIализе бегьула, гьесие гьелда квер хъвазе хIарамлъула, амма рекIехъе цIалулеб мехалъги какичурун вукIине хирияб буго.

Къуръан цIалиги бищун хириял гIибадатазул цояб ккола. МагIна бичIчIичIого цIаланиги гьеб цIалиялъул кири щола. Гьеб малъизеги ккола лъазабизеги ккола. КьучIаб хIадисалда буго: «Нужер бищун лъикIав чи жинца Къуръан малъулевги гьеб лъазабулевги чи вуго», - ян.

Къуръан цIалиялъул адабаздаса ккола каки чуриялда цIали, къиблаялдехун вуссун цIали, агIузу бахъи, сивак бахъи, Аллагьасул кIодолъи ракIалде бачIун, Аллагь кIалъалев гIадин цIали, Къуръан гIодоб ракьалда лъечIого цо дагьаб ракьалдаса борхун лъей, гьелдехун мугъ рехичIого чIей, гьеб цIалулеб мехалъ дунялалъул хабар тун гьелъухъ гIенекки, гIодове виччан, тартиб гьабун цIали, берцинаб гьаркьидалъун, берцинаб бакъаналдалъун цIали, хIарпал ритIун рахъи, тажвидалда цIали, магIна бичIчIун цIали, аятазе кколеб хIакъ кьей.

ХIАБИБ МУХIАММАДОВ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...