Аслияб гьумералде

ГIайиб чIвазе гIедегIуге

ГIайиб чIвазе гIедегIуге

ТIоцебесеб сцена

Перемена. Лъималазул ахIихIур. Классалда цо партаялда сверухъ ракIарарал льимал. Релъа-рохун цоцалъ къацандулел.

Хамиз: йо, дудаги ВПР гьабун бажарилин абунищ мунги рагIи бицуней йигей?

Асма: Аллагьас кумек гьабуни бокьараб жо бажарула дихъа. Щай дуца гьедин абулеб?

Хамиз: Аллагьас кумек гьабулеб букIарабани мун цеего отличница йикIинаан. Аллагьасул кумек босизеги ботIролъ гIакълу букIине ккола.

Асма: Дур батила кIудияб гIакълу. Аллагьасе бокьани бокьараб букIуна, бокьичIони букIунаро. Аллагьасда кинабго лъала.

РахIмат: гьа, те ясал, къец. Аллагьасул кверщаликь буго киназулго иш. Аллагьас лъикIаб хъван батагийин.

Хамиз: Аллагьасул къадар - цо, нилъер - анкьгойин абула. Классалъул сси хвезабулеб буго Асмал цIалуца. ЦIалеха. Аллагьасде тIамун кинабгоги тун йикIинчIого.

Классалде лъугьун вачIуна староста.

Шамил: Ясал, росе нужерго ВПРал. Асмае кIийилаб ккун бугоха гьанжеги.

Асма: КIийилабищ?

Хамиз: КIийилабха! КIабакI! КIийилаб гуреб къимат босизе кIоларебха мун гIадал чагIазда.

Шамил: Те, ясал хабар. Химиялъул ВПР байбихьизе буго гьанже, нуж хIадурго рукIа.

ЦIурмил гьаракь бахъана. Киналго лъимал классалде рачIана. ТIаде щвана учитель.

Учитель: Ребята, здравствуйте. У вас сегодня ВПР по химии. Достаньте ручки, листочки для черновика. Остальное убираем с парты. Подготовтесь!

Лъимал жиде-жидер хIалтIабазде руссана. Дарс лъугIидал гьезул хIалтIабиги ракIарун учитель ана. Хамиз елъанхъизе жуяна.

Хамиз: КIийилалъул рохел щиб, кIабкIидадай бицина гьанжеги!?

РахIмат: Щай дуе гьеб хабар, Хамиз? Жеги нилъер гIемер руго ВПРал. Дурго кинаб къисмат ккелебали лъалищ дуда?

Хамиз: Валлагь, лъала. Биллагь, лъала. Яс йиго отличница.

РахIмат: Аллагьасде аманатин йикIа, гьаре. Дур отличниклъиялъулги хIуби бекулел хIалтIаби анин ракIарун.

Хамиз: Дир хIубал рекуларо. Маххул хIубал руго дир чармил болтаз бетоналда кьурарал.

КIиабилеб сцена

Классалде лъугьун ячIана учитель.

Учитель: Лъимал, гьале нужер химиялъул ВПРалъул хIасилал. Хамиз?

Хамиз йигищ?

Хамиз: Йиго. Щиб учительница?

Учитель: Дуе кIийилаб буго. Дида лъаларо мун бетIералъищ ургъулей йикIарай яги хIатIазищали. Амма дуе ккана кIийилаб. Лъеберго баллцин босизе кIоларей дуе щиб ккарабали дида лъаларо!? Класс буцIцIухIун чIана.

Хамиз: Дун, дун...

РахIмат: Аллагьасул хъвай бихьулищ, Хамиз. Сон мун елъанхъулей йикIана Асмада тIад.

Учитель: Асмае ункъилаб ккана. ЛъикI хъварал хIалтIабазда гьоркьоб буго Асмалабги.

Молодец,

Асма!

Учитель нахъе ана. Жиндирго хIалтIиги нахъе лъун староста кIалъана, жиде-жидер хIалтIабазде руссарал лъималазда: киданиги релъанхъуге чияр къварилъиялда тIад! Нилъерго талихIкъиналъ нахъа чияр къварилъи тIогьол квацIабилъун рихьизарулин. Гьединаб жо буго гIумру. Нахъа ккезе бугеб лъалареб.

Киналго руцIцIун чIана.

Сцена къана.

ПАТIИМАТ ХIАСАНОВА

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...