Аслияб гьумералде

Унел руго къоял

Унел руго къоял
Унел руго къоял, рабигIул-аввал,
Къиматаб, хирияб дур шагьруялъул.
ТIерхьун унел гьале, дур моцIрол къоял,
Рогьел рехилалде цIваби кинниги.
Мавлидал ахIулел, ХIабиб веццулел,
ХIасратав авараг  цеве тIамулел.
ТIолго дунялалъе канлъи бакулеб,
Кан босун витIарав, хирияв Расул.
Свалат-салам битIун ТIагьа рехсолел,
ТIадегIанав Аллагь кIодо гьарулел.
Гьайбатаб нуралъул рессун гьарурал,
Авараг  вижараб хириял сардал. 
МархIабайин ахIун ХIабибил уммат,
ХIалкъваялде руссун, руссен гьабулел.
Гьаб ислам-дин босун нижее кьурав,
Вокьулев, дур Расул, алхIамдулиллагь.
РачIа гIодор чIезин гор свериялда,
ГIищкъуялъ бухIулеб битIизин салам.
Салам, салам, салам, хирияв ТIагьа,
Дур агьлулъун рати, алхIамдулиллагь.
Свалат битIун бицен гIемер гьабизин,
Зодихъ бакъ гIадинав аварагасул.
Гьесул гIумруялъул, гIагарлъиялъул,
ГIагарал, хириял асхIабзабазул.
Мавля йаса ахIун, ахIи гьабизин,
ТIагьал шапагIалъи нилъейго щвезе.
Щукру Аллагьасе ракI-ракIалъ кьезин,
Вокьулев ХIабибгун рахъине хьулалъ.
Гьарурал мавлидал къабул гьареги,
Къудратав Аллагьас кодор росаги.
Гьарарабщиналъе бачараб Амин,
Аминзабаз щвалде щвезе гьабеги.

ПАРИХАН МАЖИДОВА

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...