Аслияб гьумералде

ХIайранлъула, имам, дур къвакIиялда...

ХIайранлъула, имам, дур къвакIиялда...

ЧIухIун эхетарал мугIрузда цIехе:

Кин рухI кьун рагъарал дол магIарулал?

Гъваридал кIкIалазе суалалги кье:

Чан бидул гIор чвахун билбагIарлъарал?

.....

Сундуе гIолоха гьез гIумру кьураб?

Динул Ислам тIегьан, роцIун бачIине,

Дагъистан, гьаб ВатIан эркен хутIизе,

Капуразул зулму рикIкIад гьабизе.

.....

Шамилил рагъалъул нугIлъун букIараб

Хехаб гьуриялда бицине гьабе,

Щиб къо хIехьон, цIорон, ракъун ва къечон

ЦIунун щвезабураб нилъехъе Ислам.

.....

Чамазул беразда магIу ххулараб,

Хирияб ВатIанан, рухI босун араб.

Чалма къан, хеч босун мугIрул руччаби

Рагъул майданазда шагьидлъун хварал.

.....

ГIисинал лъималаз, багьадуралцин

Гьаризе гIажизал гьунарал ккурал.

Аза-азар солдат, кIудияб отряд

Дагьал муридзабаз гъурун лъугIарал.

.....

Къоло щуго соналъ рагъуе кьурав,

ХIайранлъула, имам, дур къвакIиялда.

Бищун божи бугел хияналъидал,

Чаранкьуру гIадин, къуркьичIев дуда.

.....

Щунусазар солдат вачIараб мехалъ,

Бералцин къапичIо, кьурун вуссинчIо.

«Щиб гьанже гьабилеб?» - гьикъа-бакъидал,

«КIиго къоялъ чIа», - ян буюрухъ щвана.

.....

Иман щулалъиялъ, рекIел къвакIиялъ,

Таваккал тIамиялъ иш билълъанхъана.

Июнь моцI, багIари, барщараб курак,

Кинги бана гIазу, накахъе щвараб.

.....

МагIарулал чIвазе ишана ккурал,

Байбихьана хвезе гIурус солдатал.

ТIеренаб ретIелгун рачIун рукIарал,

ЦIорой тIамун Бичас, гъурун лъугIана.

.....

ГIемерал солдатал холелги ругин,

Нахъе руссун лъикIин, ургъана сардар.

МугIрузул Дагъистан жахIабгоги тун,

Къулараб бетIергун, тушман лъутана.

.....

Дир хириял яцал, диналъул вацал!

Цо гьари буго дир, гIин гьелде тIаме:

ЯхI-намус рехараб пиша гьабуге,

Гьал нилъер умумул нечезаруге!

ХАДИЖАТ САЙИДМУХIАММАДОВА

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...