Аслияб гьумералде

КантIи кьеги щивасе

КантIи кьеги щивасе
Жиндирго гӀамалалда
МугъчӀвай гьабун чӀарасе,
ГӀамалал цӀалеб мехалда
Бергьенлъиго щоларо.
Аллагьасул рахӀматалъ
Бергьанани гурого,
Лагъасе цӀобго гьечӀо
БатӀиясул, хьул лъезе.
ТӀад ругезда нахърилълъун
Гьабе амру тӀубазе,
Сурат гьедин бахъани
Рихьдае букӀунарин.
«АтӀигӀу» - йилан абун
БитӀараб амру буго,
Амруялда нахърилълъин
Рияъ кколаро, бичӀчӀа.
Аллагьасда цебеги
ИтӀагӀат босун рилъа,
Цогидал урхъуледухъ
Ихласалдаги тӀубай.
Доб-гьаб ракӀалдеги ккун
Бокьухъе гьабичӀого,
ЧӀового хутӀиларо,
Сабруялдаги баче.

Эбел

Дир хирияй, хӀеренай, хӀурулгӀин гӀадай эбел,
Ургъалилъ дун вачӀани, гьеб бичIулей, дир эбел.
Рохел босун вачӀани, гӀахьал гьабулей эбел,
Нусго сон дица бани, гьебги дий кьурай эбел.
Дудаса халкъ Бижарав рази ватаяй, эбел,
Бахъанщинаб галиги, хӀухьел, бер балагьиги.
Дие гӀоло гьабураб кинабго квер багъари,
Аллагь жинда разияб аза-азарлъун хъвайги.
Дун гьитӀинаб мехалда рорчӀанщинал дур сардал,
ГӀоданщинаб мехалда берцин бицараб рагӀи,
Вакъарабго кваназе дие кьураб квен рикӀкӀун,
Аллагьас дур даража цIикIкIинабеги, эбел.

МУХӀАММАД НУРМУХӀАММАДОВ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...