Аслияб гьумералдеЧIикIаса КIудияв

1.
Дир рагIабазул дугIа,
МагӀу гӀадин, чвахула.
Хирияв устарасул
Хабаде щвараб мехалъ.
Каранда гьинал ракIалъ
Гьарула Аллагьасда,
Гьабги добги дуниял
Досул нуралъ цIегийин.
Дир хӀухьелалъул бухIи
АхIи балеб хутӀула,
ХутIараб гIумруялда
Досул бакъ рещтӀагийин.
Щибаб какил сагӀтида
Хъаравулал угьдула,
Устарасул баракат
Камун хутӀугегийин.
РекIеда сириги бан,
Соназул гъаргъарги бан,
Буго дица axӀулеб:
«Лаиллагьа илаллагь!»
Аллагь цо гурев гьечIо
Гьесул ракI гIагарлъизе
РекIелъ вуго дир устар.
2
ЧӀирчӀидулел руго
Каранзул хIанчIи:
- ЧӀикIаре, Чикаре,
ЧӀикIарейилан,
ЧIалгIун бугеб рекIел
КӀутӀи рагӀула:
«Аллагь, Аллагьилан»
Цого бакъангун.
Дун гӀедегӀун вуго,
ЧикIаб росулъе,
ЧӀикIаса КӀудияв,
Дур рухIалъ ахIун.
БухӀулеб, угьдулеб
Буго дир сарин,
СагIид Афанди, дур
Хабаде къулун.
Ракьалда кунчIарав
Аллагьасул цIва,
ЦIар дур ахIизе щвей
БукIана талихI.
ЧӀирчӀилел хутIана
Каранзул хIанчIи:
ЧIикIаре, ЧӀикIаре,
ЧӀикIарейилан.
РекIелъги рагӀулъги
МагӀуги ххулун,
Дур хабада цеве
Вуго эхетун:
Даимаб рецц Дуе,
БетӀергьан Аллагь,
Иллагьияв устар
Нижее кьурав.
3
Дие устарасул
ЧӀумал хутIана,
ЧӀунтараб дуниял
Данде бачине:
Бачана тушбабаз
Нилъеде балагь,
Бидулаца чІвана
Хирияв устар.
Дие устаррасул
ЧӀумал хутIана,
ЧІвадарухъабазе
Гуллбилъун ругел:
Бидуца белъараб
Гьаб гIасруялда
ГIассияб кьвагьиялъ
ЧІвана дир ватIан.
Иллагьияб гьими,
КунчIараб гьумер,
Дир ракьалъе кьураб
ТалихI букIана.
Беразулъ къалъараб
Къудратаб канлъи
Киналго цIунулеб
Къуват букIана.
Дица абулаан
КӀудиявилан,
КӀудиял мунагьал,
Ургъелал ине.
КӀутIбуз щурулаан
КӀудиявилан,
КӀудияб талихIалъ
ХӀикмат гьурщизе.
Дие устарасул
ЧIумал хутIана,
ЧІвадарухъабазда
ЧIвазе кIвечIо гьел...
ГӀумру магӀил цӀуна,
МугӀрул риххана,
Рохелги билана,
- ЧІвана дир устар.
4
Дихъе вас кIалъана:
«Дада, дадайин»,
Дуниял гьарулеб
Гьаракьги гьабун,
Гьаниб гIадамаца
Бицунеб бугин,
Нилъер Устар чІванин,
Гьеб уябищин?
Кин щварав лъачIого
Щвана ЧIикIаве,
ЧIван ватана устар,
Амма божичӀо:
Кинан чIвазе кIолев
Гьадинав инсан,
Инсанияталъе
Мисаллъун кьурав.
Гьале сардилъ устар
Вукъулеб сордо,
Сородулеб бугин
Ккола тӀолго ракь:
РакIалде бачIана
ГIарафат мегӀep
ГIадамал рихьула
ГьениргIан гIемер.
ГӀодулев вуго дун,
ГӀенеккунги чIун,
ГӀекколеб буго ракI
Балагьалъ чӀунтун.
ЧӀун бугилан ккана
ГӀумрудул сагIат,
Ссун анилан ккола
Ракьалда канлъи.
РакIалде бачIана
Ахираб дандчІвай,
(Дун вачӀун вукIана
РекӀеца ахIун),
Лъадиги лъималги
РукIана цадахъ,
Цадахъаб анищгун
Щвана ЧIикIаре.
Дун унеб мехалда,
ЧIезеги гьавун,
Гьурмада рахъана
КӀудияс кверал:
- Кидаго букIинчIо
Дуниялалда
Гьелдаса талихIаб
ЛахIзат дие кьун.
Абуна КӀудияс:
- Дир вас, нилъее
ДугIа гуреб токIаб
Ярагъ гьечIилан.
Дица дуе дугIа
Гьабулеб бугин,
Гьеб къабул гьабеги
БетIергьанасин.
Гьанже дий хутIараб
ТалихIлъун буго,
ХӀикматав Устарги
Гьесул дугIаги.
- Огь, БетӀергьан Аллагь,
Досул баракат
Кидаго цIуне дир
Дагъистанилан.
5.
Устарасул сурат
Балагьун буго,
Балагьаб замана
Бигьа гьабизе.
Багьа гьечIелщиназ
Багьа гьабулеб
Гьаб нилъер гӀумрудул
МагIна цIикIкIана.
МагIилъ тIерхьун руго
ТӀелхалгун берал,
TIepxьapaб бакъ гӀадин,
Ана дир устар.
ТӀинкӀула гьаб магIу,
Бералъ рекӀелъе
МагIарулал, чІвана
ЧIикIаса СагIид.
БукIинчIо ракьалда
Додинаб гьумер,
Гьимидул берцинлъи
Борцине кIвечIеб.
ВачIин щаклъи буго
Ракьалде инсан,
Досул борхалъуде
Вахине кӀолев.
Досул гIадинан ракI
Лъилго кӀутӀичIо,
Досул гӀадинаб бакI
Лъилго букIинчIо.
КIудияв БетIергьан,
КӀудияв индал,
КӀутIбузда рекIана
РекIел щакърахин.
Гьарула, БетӀергьан,
Дагъистаналъе,
Досул баракат те,
Досул лъикІлъи те.
Дов вижун вукIана
Божилъи кьезе,
Божи гьечIеб дунял
Данде бачине.
Дида киданиги
КӀочон теларо
КӀудиясул кверал, -
Гъурмада хъварал.
Дир гӀумру цIунулеб
ГӀорхъилъун буго
КӀудиясул дугIа, -
Дий талихI кьолеб.
6.
«Дир квер гӀунтIулареб
ГIамбаралъул тӀегь,
T1аде дализабе,
Зоб-ракьалъул хан,
Хивалаз бухIараб
Дир хӀухьелалъе
ХIарпго гьечIеб рагӀул
Жаваб кье, Аллагь!»
Гьединан кIалъана
КӀудияв сардилъ,
Сородизе гьабун
Дир гьинал ракIгун.
Гьанже дун тӀуванго
Бесдаллъун вуго,
Меседил силсила
Сасун бихьула.
Дида КӀудиясул
РагIи рагӀула,
МагIна гӀумруялъул
Зобазда хъвалеб.
ГӀадаллъараб дунял
ГӀодой буссунеб,
ГӀадамазул чӀухIи,
ЧӀарлъун, чIаралеб.
Дида КӀудиясул
Гьаракь рагӀула,
Гьаб ракьалъул зобал
ГIагар гьарулеб.
Гьариги, бухIиги
РухIги, дир кечІги
КунчIизе даимаб
Канлъи бикьулеб.
Каранлъ хIайранлъидул
ХІор гьелчола дир,
ХIикматал беразул
Нурги цебе чӀун.
Досул гӀакълуялъул
Ралъдал рагIалда
ГIалам бакIарула
ГӀумру цIилъизе.
7.
Дун, щибго лъалареб
Лъимер гIадинан,
ГӀемерав сверана
Соназул рохьов.
Бихьараб лъачӀого,
Лъараб гьечӀого,
ЧIобого букIана
КӀетӀолеб дир ракI.
РакIалъ дун вачана
КӀудиясухъе,
КӀудияв гIезе мех
Щванин дуйилан.
Досда бер чІварабго,
ЧIаголъана дун,
Дуниял цIидасан
Бижанин ккана.
МагІнаялда жаниб
МагIна бахчарал,
МагIарул рагIаби
РагIана дида,
Дунялалда цоги
Дунял рагьулеб,
Гьунар гьаб ракьалда
Кьуна досие.
Щивав чи, тӀехь гӀадин,
ЦIалулаан дос.
Досул матӀуялъур
Рихьулаан нилъ.
Дов вукIана Устар
Нилъер рухIалъул,
ЯхIалъул, къадрудул
Ва къудраталъул.
Дос ракI гьурщулаан
Мунагьал гъине,
ГъветI гIадин, гӀадамал,
ГӀоде, дов гьечIо.
Буго добго дунял
Добго хӀалалда
ХIалихьалъиялъул
НакIкIазулъ бахчун.
Аниб буго дунял –
Гьоболасул рукъ,
Рукъ дос хисарабго,
Рохел лъугIараб.
Дир бидурихьалъан
Чвахула магIу,
МагIарулал, ссвана
ТалихӀалъул нур.
8.
Дица хъван букIана
НекӀого гIадин,
Гьеб жакъаги буго
Гьабулеб такрар,
Чlолев вуго цеве
Чlагояв устар,
Гьесие цIаличIеб
КечI хутIана дир.
«Дир устар –
ЧӀикIаса СагIид афанди,
Диналъул борхалъи,
РухIалъул хӀуби,
Бицун гӀорцIуларо,
Вихьизе ккола.
Вихьунги гӀоларо,
РагIизе ккола.
«ТIарикъат – дир рекӀел
ХIакъикъат буго,
Устарасул чIумаз
Кьураб нух буго», -
Дихъ валагьун вуго
ЧIагояв устар,
Гьесие хвел гьечIо,
Гьев чаго вуго.
9.
Каранда кIетӀолеб
РекӀел сагӀтида
«СагIид афандиян»
АхIулеб буго.
АхIи бан соролел
Ругел кӀутІбуца
«КӀудиявин» абун,
Щурулеб буго.
Щиб дица гьабилеб,
БетӀергьан Аллагь.
Балагьаб къо щвана
Дагъистаналде.
Тана нилъ Устарас,
Ана КӀудияв,
КӀудиял ургъелаз
Гъугъана зобал.
Дица дугӀаялъе
Рищулел руго
Бищунго хириял
РекӀел рагIаби.
РагӀула ахӀулеб
АхIулгохIилан,
АхIулгохI букIана
Устар чIвараб къо.
УхIудалъул рагъда
Хвел босаразда
Хадув ана устар –
Досий хвел гьечIо:
РукIина гIадамал
Дагъистаналда,
Рихьизе рачунел
Дов вихьанщинал.
Дир гӀумрудул сагIат
КӀетӀолеб буго,
«КӀудияв, КӀудияв,
КӀудиявилан,
КӀутIбузда бан буго
Даимаб сорой
«КIудияв, K1удияв,
КӀудиявилан!»
10.
КӀудияв вихьидал,
РекӀелъан кIанцIун
Баккараб ицц буго
Каранда хутӀун,
Гьелъ гьаб гIумруялда
Бугеб чороклъи
Чурула дир санал,
РацIцIад гьаризе.
Дос ракI къачӀалаан
Къебедас гӀадин,
PyxI лълъадарулаан
Чаран кинигин.
Дов вукIана Устар,
ТӀолго гӀасраби,
Сардилъ чирахъаллъун,
Сверухъ кунчIарав.
Дов вукIана шагIир,
ЦІвабзазул щакъи,
Шайихлъи бихьизе
Назмабалъ тарав.
Дагъистаналда тIад
ТӀибитIараб зоб,
Зигардулеб буго
Дов чIваралдаса.
11.
Дун, гӀансаги гӀунтӀун,
ГӀасрудал нухалъ
Устарасул чӀумал
ЦӀалулев вуго.
Дица КӀудиясде
КӀудияб рокьи
Ракьалда вукIаго
РекIелъ цIунила.
Ракьалдаса индал
Цадахъ босила,
Васиятги гьабун,
Анибги тела.
Дов вижун вукIана
Божилъи кьезе,
Божилъидул къудрат
Къоязда лъазе,
Гьадинав вукIине
Кколин инсанин
Инсанияталда
Бихьизабизе.
Гьанже захIмат буго
ХӀухьел босизе,
ХӀухьел досул цӀорон
ЦІорона дунял.
ЦIакъ къваридго руго
Берал рагьулел,
Берал дос къанщидал,
Къанщана заман.
12.
РекIел кӀутIи рагIула,
- КӀудияв, КӀудиявин.
КӀутIбузда сири бала:
- КӀудияв, КӀудиявин.
КӀудияв гьечlеб гIумру
ГӀицIаб авлахълъун буго,
КӀудияс дунял тедал,
Дандерижи билана.
Дов-алжаналъул ахикь,
Ахирзаманалда - нилъ,
Дов-ГӀаршалда гIагарда,
ГӀадалаб ракьалда — нилъ.
Амма досул хӀухьелалъ
ХIал кьурал чӀумал руго,
РикІкIунаго цIалулел,
ЦIар Аллагьасул угьун.
Досул камиллъи буго
Канлъи нилъее кьолеб,
Каранда рекIел КагIба
ГIадамазе рагьулеб.
13.
ХӀикматалъулги хIикмат
БукIана КӀудиясулъ,
КӀудияб дунялалда
Дов гIадав вижиладай?
Досул гIадатлъи, гIамал
ГӀадамаз босанани,
Сахлъилаан мунагьаз
Унтараб ахирзаман.
ЖахIдаялъ жужахI кьурал,
ЧӀухиялъ цIа рекIарал,
ЧIалгIаде гIумруялъул
ГӀемерал къоял арал.
Досул азбаралда нилъ
Данделъун рукIунаан,
РукIана КIудиясе
Нилъ киналго ращадал.
Вирд босулеб досул рукъ,
Рокъоб КIудиясул нур,
Нуралъул дару кьезе
Данде вачӀунев шайих...
Гьениб кьвагьи бахъана,
Бихъ-бихъун дунял араб, —
Къилбаялдеги вуссун,
Кьижана нилъер устар.
Мукъадисаб рокъобе
БорчIана квешаб илбис –
Дагъистан бесдаллъараб
Лъана гIассияб кьагьи.
Кьвагьи гIагарда букIин
КӀудиясда лъалаан,
РакIалде щвезе гьаре
Гьанже досул рагIаби.
«Дир рокъове дун чIвазе
ВачIарав тушмангицин
Дица чӀезавиларо,
ВачIине тейин абе.
Аллагьасда цебе гьес
Кьезе те гьелъул жаваб», -
Гьадинаб борхалъуде
ВахинчIо жеги щивго.
14.
Дун гьесухъе унаан
РакI пашманал лахIзатаз,
Щибниги гьикъичӀого,
Гьадинго вуцIцIун чIезе.
Амма дида лъалаан,
Лъаларин дида ккараб,
Дир кьечӀел суалазе
Кьолаан дос жавабал.
Дир рекӀелъ букIунаан
БикIардулеб цо суал:
- КӀудияв, щиб гьабилеб
Гьаб квешаб заманалда?
- Квешлъун гуреб
лъикIлъизе
ГьечIин заманайилан
Абулаан КӀудияс, –
РекIел зикру бачейин.
Нилъер ярагъ - дугӀайин,
ДагIба рикІкIад гьабейин,
Замана квешлъанагӀан,
РакI бацIцIадго цӀунейин.
Гьанже квешал чагӀазул
Кверщаликь бугин дунял:
– ЧІвалел гьелги рукӀинин,
Рукъулел нилъ хутӀилин.
...Огь, дий хIажат бугеб куц,
ХӀикматаб досул гьумер,
Гьурмадаса бецIцIулеб
БацIцIадаб диналъул нур.
Огь, дий хӀажат бугеб куц,
Берцинаб досул гьумер,
Алжаналъул кьер бугеб
Аллагьасул нур бугеб.
Досул мурид вукIана
Мунагьал гӀемерав дун,
Дун гьанже бесдаллъана,
Мискинлъана, лъай ана.
Амма дир рекӀелъ бикIун
БукIина досул сурат,
Досул дугӀаялъ вуго
Дунялалда дун цIунун.
Дихъ досул чӀумал руго,
ЧӀумазул гӀумру буго,
Дихъ досул тӀахьал руго,
ТӀахьазул зобал руго.
...Дун муридлъун хутӀана,
Хирияв K1yдиясул,
Досул баракат камун
Тоге Дуца, БетӀергьан.
2012 соналъ хъвана,
2015 соналъ цIидасан
тIад квер бахъана.