Аслияб гьумералде

ВагIзаби - гIагараб мацI цIуниялъеги кумек

ВагIзаби - гIагараб мацI цIуниялъеги кумек

Жакъа кIудияб кIваралъул ишлъун кибго лъугьун буго миллатал, гьезул культура ва мацI цIуни. Хасго кIудияб кIвар гьелъул буго жидерго пачалихъги гьечIел, чIахIиял пачалихъазул гьитIинаб бутIалъун ккарал, гIисинал миллатазе.

Щайгурелъул хIинкъи буго гьел тIуранго тIагIиналъулги. Гьеб нилъеда бихьулеб, бичIчIулеб жо ккола ва лъала миллат цIуниялъе мацIалъул бугеб кIвар. МацIал цIуниялъе пачалихъалъги гьабизе ккола къваригIарабщинаб ва гьабулебиланги рукIуна, амма гьелъул хIасил абизегIан лъикIаб бугилан мукIурлъизе рес лъилниги гьечIо ва букIинаро.

Школазда кьолел дарсалги, пачалихъалъул рахъалдаса миллатазул ихтиярал цIуниялъул ишилан гьабуниги, гIемериселъ рихьдае, бихьизегIанаб кумек жидер гьеб ишалъе кколарел жал руго. Абиларо кибго иш квеш бугилан. Ратула чанги, мугIалимзабаз жан кьун, ракI унтун дарсал кьолел ва лъималаз хIаракат бахъулел мисалалги. Амма гьеб буго ралъдада данде къулгIа ккураб гIадинаб жо. ГIамго босани гьеб иш, абухъего, квеш буго. Къойидаса къойиде гIодобеги кколеб буго рахьдал мацI хIалтIизабиялъул ва хадусел гIелазе цIуниялъул хIаракатги…

Халат гьабичIониги лъидаго бичIчIулареб хIал гьеб гуро. Глобализациялъги кутакалда кумек гьабулеб буго миллаталги хал- къалги журазариялъе, пачалихъал блоказде жанире рачиналъе, гьениб гIаммаб экономикаги культураги хIалтIизабиялде ккеялъе. Лъабабилеб гIиллалъун, нилъгIадал гIиссинал миллатазул мацI цIунунгутIиялъе кколеб буго гьеб пачалихъалъулаблъун букIунгутIи ва хIалтIизабиялъул чара гьечIолъи лъугIун ун букIин…

ГIиллаби жеги рехсезе бегьила, амма гьаздасанги бичIчIула бачIунеб заманалъ цо ургъараб ва кьучIаб хIалтIи гьабичIони рахьдал мацIал цIуниялъул рахъ тIубанго нахъе ккезе букIин. Гьеб цIунизе кумек гьанже цIалуларел газетазги, гIенеккулареб радиопередачалъги, гIадамал унареб театралъги дагьаб гурони гьабуларо. Щай абуни гьел киналго лъугьун руго жидер заман арал, асар гьечIел алаталлъун. Гьединлъидал батизе ккола цо кинаб букIаниги нух.

Гьединаб миллатги мацI цIуниялъе батулеб кумеклъун цо къадаралда, ккана мажгитал гIемерлъиги, щибаб авалалда гьел райги, гьенире гIолохъаби цIайги ва гIагараб мацIалда вагIза-насихIатал гьариги. Ахираб къого соналда жаниб нилъер республикаялда кигIан мажгитал рагьун ратаниги гьезда рекъон рахьдал мацI къабул гьабулел, гьеб лъазе хIажалъи бихьулеб ва хIаракат бахъулел гIолилалги цIикIкIана.

Хасго авар мацIалде, гьеб жидее рахьдалаблъун кколарел бакIазул гIолохъаби ва гьел гурелги, ругьун гьариялъе гIуна мажгитазул кумек. Гьединлъидал цIакъго кIвар бугеблъун лъугьунеб буго мажгитазул имамзабаз вагIза-насихIат лъикIаб, бацIцIадаб, гьуинаб мацIалда гьабиги. Гьеб рахъ абизегIан лъикI бугин абизе кIоларо.

ГIАЛИ МУХIАММАДОВ, МАХIАЧХЪАЛА

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...