Аслияб гьумералде

Номофобия – ХХI-абилеб гIасруялъул унти

Номофобия – ХХI-абилеб гIасруялъул унти

Номофобия – ХХI-абилеб гIасруялъул унти

10-15 соналъ цебе телефоналъул унти абураб гIузру гIадамазда лъалебцин букIинчIо. Гьанжейин абуни нилъер тIолабго гIумру буго гьитIинаб телефоналда жаниб.

 

Хехаб вирусго гIадин, телефон кодоса биччазе кIолареб, гьелдаса ратIалъун бажарулареб унти тIибитIун буго чIахIияздаги гIисиназдаги гьоркьоб. Гьелда абула Номофобия абун.

Дунялалъул рагIалда вугев чиясдагицин, квалквал гьечIого кIалъан бажарулеб заманалда, аскIор гIодор чIун ругел цоцада рихьулареб ва рагIулареб гIаламатаб хаслъи буго номофобия абулеб унтул.

1876 соналъ тIоцебе баккараб телефоналда 200 метраялъ рикIкIаде гурони кIалъан бажарулароан.

Жакъайин абуни нилъер телефоналда жаниб  буго дунялалъулго библиотекабиги, гьединго кинематограф, радио, компьютер, сурат бахьулеб аппарат.

Къокъго абуни, хъатгIанаб телефоналъ инсанасул гIумруялда кверщел гьабун буго. Цебе умумуз къаси цIадухъе хьвадун, къад годекIанир цолъун гьарулел рукIарал данделъаби, гьанжесеб гIелалъ телефоналъул кумекалдалъун тIуран рукIуна.

 Цебесеб гIелалъ библиотекабахъ сваказегIан гIодор чIун, тIахьал цIалун, словарал хъирщун, цIаларал чагIазда, мугIалимзабазда, чIахIиязда  цIехон ралагьулел рукIарал  жавабал, гьанжейин абуни, рахIатаб бусадаги регун, кодобе телефонги босун балагьизе кIола.

 Ахираб заманалда гIемерисезул гIарз рагIула сундего регIулел гьечIин, хIатта гIагарлъиялде тIаде раккизецин.

Цебесеб гIелалде дандеккун гьалгощинал захIмалъаби, къварилъаби техникаялъ жидеда тIаса босараб, эркенлъи цIикIкIараб гIел сундего регIулареб гIаламат щибдай?

Телефон, гIемерал хIажатал тIуралеб аппарат, гIасруялъулго унтилъун кин букIунеб?

Статистикаялда рекъон, къойида жаниб инсан телефоналде ваккулев вуго 110 нухалъ. Гьеб ккола щибаб къойида жаниб 3 сагIат ва анкьида жаниб цо къо.

Телефоналъул кумекалдалъун инсанасе щолеб буго  жиндир ботIрода цадахъго хIалтIизе гьабун бажарулареб къадаралда информация.

Бихьаралъул, цIаларалъул, рагIаралъул гIемерлъиялъ бетIералъе захIмалъулеб буго гьеб кинабго ракIалда чIезабизе.

 Гьелдалъун нилъеда цо цIалараб, цогидаб цIалилалде кIочон толеб буго.

БатIи-батIияб информация кидаго кодоб букIиналъ зарал гьабула гIисинал лъималазецин.

Жакъа лъагIел бараб лъимадухъе эбел-инсуца кьола телефон, гьелде буссун лъимер чIезе букIине, жидерго ишал тIуразегIан.

 Бищун цебе гьеб ккола эбел-инсул гъалатI. ГьитIинаб къоялдаса нахъе телефоналде ругьунаб лъимер, кIудияб гIедал чIахIиязул кверщалидаса уна.

Тарбияги телефоналъ кьола  гьединал лъималазе, кинабниги рекIелгъейги гьелде букIуна.

Цебесеб гIел къватIибе, азбаралде гIедегIулаан, авалго цIун букIунаан расандулел лъималазул рохалилал гьаркьаз.

Гьанжесеб гIел жанибе гIедегIула, лъималазул къокъа бакIараниги, щивав телефонги гьурмада цебе ккун жинди-жиндир дунялалда рукIуна.

Гьединлъидал гьанжесеб гIел рагъа-рачари дагьаблъун гIолеб буго.

Цере цIороберал херал чагIаз гурони ралароан, гьанже гIисинал лъималазухъ балагье, гIемерисел руго цIороберал рарал.

Канлъукълъи гуребги, аутизм гIадал, кватIун гаргадизе байбихьи, психикаялдагун лъай-гIакълуялда хурхарал унтаби, батIи-батIиял гIунгутIаби гIалимзабаз рикIкIуна телефоналъул «баракаталдалъун» щвараллъун.

РухIияб рахъ босани, нилъер лъимал руго эбел- инсул бербалагьи дагьаллъун яги щвечIеллъун гIолел. Гьелъул хIасилалда лъимал лъугьунел руго рахIму гьечIеллъун, эбел-инсул, гIагарлъиялъул ва гьудул-гьалмагълъиялъул къимат гьечIеллъун.

Ахириял баяназда рекъон, сордо-къоялда жаниб гIемерисез, хасго хIалтIулел ругел эбел-инсуца лъимергун кIалъазе ва гьелдехун бугеб бербалагьи загьир гьабизе балеб заман 12 минут буго, гьелъулги аскIор гIодор чIун лъимералъул бадире ралагьун, каранде къан кIалъазе балеб заман дагьабги мукъсанаб буго, ай 3-7 минут.

Аллагьас сордо-къоялда жаниб кьураб 24 сагIаталъул 12 минут кьолеб буго гIемерисез, бищунго кIвар бугеб рахъалде - Аллагьас аманат гьабун жидехъе кьурал лъималазе.

Инсанасул гIумруялъе телефоналъе гIоло кколел заралал гIемерал руго. Цоги жоялъул бицинчIониги, телефонал сабаблъун кколел ругел авариязухъ балагье.

ГIемерлъани даруцин загьру бугин абула магIарулаз. ГIадамасе кумекалъе, инсанасул гIумру бигьа гьабиялъе ургъараб телефоналъул, мекъи хIалтIизабиялдалъун бугеб зарал цо макъалаялдалъун бицун лъугIиларо.

Аллагьас щибаб хIухьел рикIкIун кьураб заман гIадада биччаге. ГIакълу кьун Аллагьас кIодо гьарураз, гIакълуялда тIаме гIумрудул къоял!

 

Аминат МухIаммадова, ДГИялъул студентка

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


ГIибадат гьабизе рес

ХIурматиял бусурбаби, гьале тIаде щвана хаслихълъиялъул къоял. БагIарараб рииги тIаса ун, гьогьомиялъ кверщел гьабуна ракьалда. Гьайгьай, сордоги кIодолъана, къоги саламатго гьитIинлъана. ГIибадат гьабизе заманги лъикIаланго эркенлъана.   БагIарараб риидалил гьитIинаб сордо бугеб мехалда...


Цоцазе мисал

Нилъер хъизам букIине ккола сахлъи бугеб щулияб жамгIияб гIуцIилъун. Рокъоб гIадлу гьечIони, хъизан-лъималаз гIумру гьабизе гьечIо исламалда рекъон, бажаризе гьечIо гьел лъикIал бусурбабилъун лъугьинарун.   Аслияб масъала буго Аварагасул ﷺ уммат гьоркьоса къотIичIого цIикIкIунеб хIал...


Бусурбабазул тарихчи ва географ

ГIизудин ибну Шаддад ХӀалаби гьавуна Сириялъул ХIалеппоялда бугеб ХӀалаб шагьаралда, 1217 соналъул лъабабилеб зулхӀижа моцIалъ, гьижрияб 613 соналда. Тарихалъул ва географиялъул рахъалъ жиндирго хIалтIабазул кумекалдалъун ибну Шаддад вахъана жиндир гIасруялъул машгьурал тарихчагӀазул...


ГIадамал данде гьарулеб ифтар

Щибаб хамиз къоялъ мажгиталъур данделъула гIадамал кIал биччазе. Анкьида жаниб тIоритIулел ифтарал гIуцIула «Инсан» фондалъ, гьелъие кумек гьабула волонтераз.   Нижеца гара-чIвари гьабуна «Инсан» фондалъул вакил Мурадилгун ва цIехана гьелъулги волонтеразул...


Авараг ﷺ лъай – гьев вокьи

Аллагьасул Аварагасде ﷺ бугеб рокьиялъ гьесул асхIабзабазул ракIазулъ хасаб бакI кколаан. Гьеб рокьи гьез загьир гьабулаан рагIудалъун ва пишабаздалъун гуребги Аварагасул ﷺ къадру цIунулел, гьесул лъикIлъаби рицунел, гьесул тIокIаб гIамал-хасият беццулел шигIрабаздалъунги.   АсхIабзабазда...