Аслияб гьумералде

Нуж чверде, черх щулалъила

Нуж чверде, черх щулалъила

Ахираб заманалда ссиялде бачIун буго черхалъул тирхи бачIинелъун ва свак чучизелъун кофе гьекъей. Гьелъ кумекги гьабулеб батила, амма бицен гьабизе бокьун буго цIорораб лъелъ чвердеялъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ.

Ралъдал рагIалда гIумру гьабун букIунеб морж ккола сахлъиялъул рахъалъ къуватаб хIайван. Гьелдаго релълъаравлъун лъугьуна гьоркьоса къотIизе течIого цIорораб лъелъ чвердолев чиги. Гьеб ишалде ругьунлъизе кватIунги букIунаро, хIатта гьитIинго лъималги бегьула ругьун гьаризе.

Щай цIорораб лъим пайдаяб бугеб?

Спортсменалгун хIалтIулел тохтурзабазгун физиотерапевтаз абула цIорораб лъелъ чвердеялъ черх щула гьабулин абун. Гьез абула гIодобегIанаб цIа-каналъ чорбазул бидул хIалтIи хисизабулин. Цинги гьелъ дандечIей гьабула гъая ккеялде, кумек гьабула унти бахъизе, ччорбазул хIал дагьлъизабизе ва гьезул дандекъан чIей лъугьине толаро.

ГIалимзабаз чIезабун буго цIорораб лъелъ чвердеялъ гIадалнах лъикIго хIалтIизабулин, чиясулъ хасият къвакIизабулин, цIодорлъи бачIинабулин абун. Гьединго гьелъ иммунитет щула гьабула, холестериналъул даража цо хIалалда чIезабула, бидурихьазул хIалтIи щулалъизабула, рахунел унтабаздаса, вирусаздаса цIунула, кьаралъизе гьукъула, нервабазулгун гьуърузул хIалтIи рукIалиде ккезабула.

Гьанжего гьанже гьелде ругьунлъулезеги лъикIаб буго хинаб лъедаса байбихьун, дагь-дагьккун цIорораб лъим тIаде тIун, черх гьелде ругьун гьабизе. БачIинахъего цIорораб лъим тIаде тIолеб бугони, гьелъ зарал гьабизеги рес буго.

Гьеб къагIида лъикIаб буго руччабазеги. Гьелъ тIом берцин гьабула, рас щула гьабула, гьеб цIвакизабула. Лъимаде ругеб заманалда гьедин гьабизе лъикIаблъун бихьизабун гьечIо. Лъим тIаде тIезе байбихьилалде цебе беццараб буго рекеризе, упражнениял гьаризе, ай ччорбал хинлъизаризе.

МУХIАММАДГIАРИФ КЪУРБАНОВ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...