Аслияб гьумералде

Чакрил унти

Чакрил унти

Чакрил унти ккола инсанасул бидулъ букIине кколелдаса цIикIкIун къадаралда чакар букIиналдалъун загьирлъулеб гIузру. Гьелъие гIиллалъунги ккола цIекIгьаналъ букIине кколеб къадаралда инсулин тIубанго кьолеб гьечIолъи. Гьелъул хIасилалда бидулъ чакарги цIикIкIуна.

Чакрил унти букIиналъул гIаламатаздасан ккола: кIущ тIей гIемерлъи, черх загIиплъи, кидаго свакараб гIадаб хIал букIин, ургьисалаби унти, ракIалъулгун бидурихьазул унти бакки, кидаго къечон, кIал бакъван вукIин. Гьеб гIузру бугев чи жиндир заманалда тохтурасухъеги ун, гьес данде кколеб дарман гьабуни, унти гIемерго сах гьабизе кIола. Амма кьарияв чи сах гьавизе захIмалъула.

Унти тIатиндал ине ккола кардиологасухъе, эндокринологасухъе ва офтальмологасухъе. Гьезул балагьи чара гьечIеб буго унтиялъ захIмалъиялде рачинчIого рукIине.

Чакрил унти баккизе рез бугел сабабал:

– ирсалъе щвей;

– бета-клеткаби хвезариялъе сабаблъун кколел унтаби, цIекIгьанада рак унти лъугьин, хроническияб панкреатит ва цогидалги унтаби;

– вирусалъулал унтаби - краснуха, оспа, вирусалъулаб геппатит;

– гIемераб гьуинлъи кванай;

– вагъа-вачари гьечIолъи, гIемер кванай;

– стрессал ккей;

– ригьалде вахин. Гьелъулги букIуна кIиго батIияб тайпа: тIоцебесеб ва кIиабилеб даражаялъул. Кинаб батаниги тохтурас унтарасул ригьалде балагьун, унтул захIмалъи бихьун хъвала щивав чиясе дару.

Чакрил унтуе дару

Аслияб дарулъун ккола тохтурзабаз бихьизабураб кванил низам цIуни ва вагъа-вачари гIемер гьаби. Гьелдаго цадахъ хъаравуллъи кквезе ккола бидулъ бугеб чакаралъул къадаралда хадубги.

Алое вера

Гьеб тIегьалъул клетчатка хIалтIизаби лъикIаблъун бихьизабула чакрил унти бугезе. Гьеб хералда жаниб буго противовоспалителнияб къуват. Гьелъ асар гьабула чорхол хIал лъикIлъиялъе ва гьелъул хIасилалда чакарги жиндирго букIунеб къадаралде бачIине кумек гьабула. Инсанасул иммунитет цIикIкIиналъеги кIудияб кумек букIуна гьеб тIегьалъул.

МичIчIил кьибил

Бащдаб литр лъеде гъорлъе 25 грамм мичIчIил кьибилги рехун гьабураб чаялъ чорхолъ бугеб чакрил къадар дагьлъизабиялъе кумек гьабула. ГьитIинабго цIаялда тIад чанго минуталъ гьализеги тун, дагьаб цIоройдал цIцIвила ва гьекъела чай гIадин.

ЧIегIеркари (черника)

КIиго кIудияб гъуд цIураб чIегIеркарул бащдаб стакан лъелъе бала ва лъабго сагIаталъ тела. Цинги бащдаб стакан гьалараб лъелги тIаде тIун, тIалъелги лъун 15 минуталъ тела. Къойида жаниб лъабго стакан гьекъела.

Петрушка

МачIикьанго петрушка хIалтIизабиялъ чакар дагь гьабула.

Кресс-салат

Лъимгун цадахъ блендералъ ххенон лъугьараб жо рада-радал гьекъани, чакар дагь гьабула. Гьаб киналдаго цадахъ букIине ккола тохтурасул балагьи ва гьесул разилъи. Аллагьас унта-шукълъи рикIад гьабеги, сахлъиги кьеги киназего.

ГIАБДУЛЛАГЬ МУХIАММАДОВ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...