Аслияб гьумералде

Витаминал ва гьезул баян

Витаминал ва гьезул баян

Витаминал руго инсанасе чара гьечIого къваригIунел жал. Гьез кумек гьабула черхалъул лугбазе, гьезул низам рукIалиде ккезабула. Витаминал гIунгутIиялъ рачуна батIи-батIиял унтабазде.

 

Квач-хинлъи халгьабун тIадчIей гьабизе ккола аслиял витаминазда. Хасго А, С, Д, Е, В, Р гIадиназда.

  1. А витамин. Гьеб гIолеб гьечIони тIомол хIал хисула, берзул канлъи загIиплъула, гIаммаб чорхол чIаголъи хола, иммунитет дагьлъула, вирусазде ва бактериязде дандечIей загIиплъула, кьижиялъул низам хола.

А витамин букIуна ччугIил нахулъ, хIайваназул тIулалъ, рахьдалъ ва гьелъул нигIматазулъ, гIанкIудал ханазулъ, ламадуралъулъ, авокадоялъулъ, брокколиялъулъ, хъабхъилъ ва къвалиялъулъ. ЧIахIиял чагIазе гьелъул цо миллиграммалъул къадаргIаги чара гьечIого хIажат букIуна.

  1. С витамин (аскорбиналъул кислота). Гьеб гIунгутIиялъ кьижизе бачIинабула, гIусаздаса би бачIуна, иммунияб система загIиплъула, тирха-кIичи дагьлъула. Гьединго рищалаби унтиги рикIкIуна аскорбиналъул кислота гIунгутIилъун.

С витамин батула цитрусазул пихъазулъ, гIинтIидулъ, хъапустIаналъулъ, микьиралъулъ, гIодобкариялъулъ, малинаялъулъ, чIегIераб смородинаялъулъ.

ЧIахIиязе щибаб къойил къваригIунеб С витаминалъул къадар ккола 75-90 мг.

  1. Д витамин. Бакъ гьечIел къояз халлъула гьеб витамин гIунгутIиялъ черх загIиплъулеб букIин. Д витаминалъ кумек гьабула кальций ва фосфор гIадал гIуцIаби чорхолъ росиялъеги.

Гьелде хIажалъи букIуна хасго гIисинал лъималазе, жидер лага-черхалъул къвакIи цебетIолеб гIужалда. Гьеб витаминалъул гIунгутIиялъ рачине бегьула рахит, остеопороз ккеялде, чорхол гIей нахъеккей гIадал захIматал унтабазде.

Гьеб дагьлъиялъ загIип гьабула иммунитет, бакьазда рукIине кколел химикиял гIуцIаби рихIунгутIиялде рачуна, рукьбигун цаби загIиплъула, гIемер квачалъул унти лъугьуна.

Витамин щола кьарияб ччугIидасан, нисо-хIаналдасан, гIакдал нахудаса, гIанкIудал ханаздаса.

  1. Е витамин. ГIураб къадар гьелъул чорхое щолеб гьечIони, стрессазде дандечIей дагьлъула, ракIалда чIей ва гIадалнахул хIалтIи загIиплъула. Е витамин рикIкIуна берцинлъиялъул жавабияблъунги.

Е витамин батула: чIалкIудан, хъапустIан, болгаразул пилпил (перец), ламадур, хъабахъ, брокколи, помидор, баклажан гIадал нигIматазулъ, гьединго хIайваназул тIулалъ.

Сордо-къоялъ къваригIунеб къадар – 10-30 мг.

  1. В къукъаялъул витаминал.

В1 витамин хIажат букIуна чорхол тирха-кIичиялъегун хIалтIул низам цIунизе.

В6 витаминалъ рукIалида чIезабула нервабазул гIуцIиялъул хIалтIи, депрессия ккезе толаро.

В9 витаминалъ чIужугIаданалъул черх цIунула гьорой лъугьиналдаса, гьединго, чара гьечIеблъун буго лъимер гьабизе йигеб мех гIадатияб куцалда иналъе.

В12 витаминалъ хIинцлъизабула херлъи хехго бачIин, черхги тириго чIезабула.

Гьеб витамин дагьлъиялъул гIаламатаздасан буго тIом хъахIлъи, берал чвахи, ракъван кIутIби кьватIи. Витамин щвезе ккани кваназе ккола гречка, арахис, чIалкIутIан, гIанкIодул тIул, кьер бугеб хъапустIан, чIегIераб чед, помидор, рахьдал нигIматал.

  1. Р витамин (рутин). Гьелъ цIунула чорхол клеткабигун бидурихьал. Гьеб дагьлъиялъ лъугьинабула бидурихьал кьвагьи, дабаздасагун магIазукъалахъа би бачIин, рас хIули, хIатIал унти, макьул низам хвей, загIипаб бугониги тункиялдалъун тIом хъахIиллъи лъугьин.

Гьеб буго хъапустIан, гъаран, укроп гIадаб гIурччинхарилъ, гIинтIидулъ, цIолболъ, бухIизабулеб перецалъулъ.

 

МухIаммад ГIалиев

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Якутскиялда «Лъаялъул сордо»

Якутскиялъул аслияб мажгиталда тIобитIана МухIаммад аварагасул ﷺ хIурматалда «Лъаялъул сордо» абураб цIаралда гъоркь тадбир. Гьелда гIахьаллъи гьабуна ДРялъул муфтияталда цебе бугеб регионалияб цебетIеялъул департаменталъул нухмалъулев АхIмад Надирбеговас ва гьесул заместитель ГIизраил...


ОРВИялде данде

Щибаб санайил дунял квачазе байбихьидал, цIикIкIуна вирусалъулаб инфекциялъ (ОРВИ) унтаразул къадар. Хасго гIадамал унтула хаслихълъиялдаса бахъараб ихдалил байбихьуде щвезегIан. Гьединлъидал гьеб заманалда жаниб кIвар бугеб жо ккола унтул аслиял гIаламатал лъай.   ОРВИ ккола батIи-батIиял...


Бусурбабазул тарихчи ва географ

ГIизудин ибну Шаддад ХӀалаби гьавуна Сириялъул ХIалеппоялда бугеб ХӀалаб шагьаралда, 1217 соналъул лъабабилеб зулхӀижа моцIалъ, гьижрияб 613 соналда. Тарихалъул ва географиялъул рахъалъ жиндирго хIалтIабазул кумекалдалъун ибну Шаддад вахъана жиндир гIасруялъул машгьурал тарихчагӀазул...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Якьадги росги   Дир якьадалъе бокьун букIана жиндирго квартира къачIан лъугIизабизе ва гьелъ нижеда гьарана кумек. Дир росас, дидаги гьикъичIого, хIажатаб гIарац къарзалъ кьуна. ЛъагIел ана ва гьеб гIарац нахъбуссинабизе гIедегIунев чиги гьечIо. Дир рос нечола ракIалде щвезабизе ва дида...


Суал-жаваб

Хабалъ ракIгъеялъул как кин балеб? ШафигIияб мазгьабалъул кIудияв гIалим Сайид МухIаммад Журданияс «ФатхIул ГIаллам» абураб тIехьалда хъван буго: «Гьел суннатал каказдасан ккола хабалъ ракIгъезабиялъул какги. Аварагас ﷺ абун буго: «Хварасе тIоцебесеб сордоялдаса захIматаб...