Аслияб гьумералде

РахIатал къояз къваридал лахIзатал кIочонге

РахIатал къояз къваридал лахIзатал кIочонге

КIудияб ВатIанияб рагъда Бергьенлъи босаралдаса ана 76 сон. Гьелъул гIахьалчагIи цIакъго дагьал гурони чIагоги гьечIо.

Гьездаго цадахъ гьелъул захIматал къоял ракIалде щвейги цебеса унеб буго. Жакъасеб ракълил къимат лъазе ккани гьеб балагьулаго бихьараб захIматги лъазе ккола. Рагъда ругел солдатазе гуребги гIадатиял гIадамазеги букIана кIудияб къварилъи.

Хасго рагъ щвараб бакIалда кинабго бихха-хочун рукIалиде ккезабизеги саламатаб замана бана. КIудиял камиял ккаралъулха. Гьелде тIаде ракъиялъги букIана хIал гьабулеб.

ГьабсагIат Россиялда машгьураб рагIи буго Ленинградалъул «Блокадаялъул чед» абураб. Ленинград сверун ккуна 1941 соналъул 8-абилеб ноябралда ва тIубанго эркен гьабизе кIвана 1944 соналъул 27-абилеб январалда.

872 къоялъ сверун ккун чIезабун букIана гьеб. Рагъ байбихьилалде гьенив вукIана лъабго миллион чи. Гьеб лъугIун хадув хутIана 557 азарго чи. ГIемерисел хвана ракъун. Гьениб машгьураб чедалъул 500 грамм кьолеб букIана сордо-къоялъе рагъухъабазе, цехалъул хIалтIухъабазе - 375 грамм, захIматалъул хIалтIухъабазе - 250 грамм, гIадатиял гIадамазе ва лъималазе - 125 грамм.

Блокадаялъулаб чедалъул гIуцIиги букIана гьадинаб: пищевияб целлюлоза – 10 %, жмых – 10 %, обоялъул хIур – 2 %, ханждал хъапал кIутIараб хIур – 2 %, хвоя – 1 %, чIахIа-махIаго ххенараб пурчIинадул ханжу – 75 %.

ГъотIол хъалалъул гьабун ханжу ва цогидалги гьединал жал журанги гьабизе кколеб букIун буго чед. Гьебги хасаб карточкаялъухъ гурони щолебги букIинчIо.

Чед гьабизе рес гьечIеб заманалда жибго ханжу кьолеб букIана гIадамазе. КIиго сордо-къоги балаан гьеб щвезе иргаялда чIун. Балагьеха жакъа бугеб хIалалдеги. Нилъер рощнол къалал чадил цIун руго. Хасго гIолохъанаб гIелалда гьелъул къимат лъалеб гьечIо.

Гьеб буго кутакалда хIинкъараб иш. Бокьараб заманалда нилъедеги рачIине рес буго гьелдасаги кIудиял балагьал. Гьел рачIиналъе сабабги чед инжит гьаби, нигIмат исрап гьаби ккезе рес буго.

Аллагьас тавпикъ кьеги нигIматазе щукру гьабизе! Амин!

ГIАБДУЛЛАГЬ МУХIАММАДОВ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...