Аслияб гьумералде

Цо къатIрагIаги бачIине биччай…

Цо къатIрагIаги бачIине биччай…

Насафи абурав гIалимчияс «Нузгьату риязалда» хъвалеб буго: «Къиямасеб къоялъ мунагьал гIемерлъарав лагъ вачIунила Аллагьасда цеве. ЦIадирабазда лъун лъикIал гIамалаздаса гьелги бакIлъун хIукму гьабун гьев жужахIалде рехеян амру щолила.

Гьедин ругеб параялъ, досул берзул тIелхалъул цо расалъ абулила БетIергьанасда : «Я БетIергьан! МухIаммад аварагас абуна Аллагьасдаса хIинкъун цо лахIзаталъниги гIодарав чиясе жужахI хIарамаб бугин.

Дун буго Дудаса хIинкъидал бадиса бачIараб магIуялда цадахъ тIун букIараб рас. Дуда гьеб лъала», - ян. Гьелъие жаваб гьабун Аллагьас тIелхалдехун абула: «Дуца Дида щайха цинги шапагIат гьарулареб?» - ан абун.

Доб расалъ абулила: «Дудаса хIинкъунха, я хирияв БетIергьан », - ин. Цинги Аллагьас жиндир рахIму-цIобалдалъун дов чиясул киналго мунагьал чурула ва жужахIалдасаги хвасар гьавула. Цинги ЖабрагIил малаикас ахIула балагьейин, пуланав чи цо расалъе гIоло хвасарлъанин», - абун.

КъуртIубиясул тафсиралда буго: «ЖабрагIил малаик цо нухалъ аварагасухъе вачIиндал, гьесда гьенив ватула гIодулев чи. ЖабрагIилас аварагасда гьикъула гьев щивилан. Аварагас абула пуланав чи вугин. Цинги ЖабрагIил малаикас абула жинда Адамил наслуязулъ рихьанин киналниги гIамалал, цо гIоди хутIизегIан. Аллагьас гьеб гIодиялъул цо магIуялдалъун жужахIалъуб бугеб тIубараб гIор свинабулин абун.

«Таргъибу ва Таргьибуялда» хъван буго, Байгьакъияс бицараб риваятилан хIадис. Гьелда абулеб буго, цо нухалъ аварагас хутIба гьабулеб букIанин. АсхIабзабазда гьоркьов гIодов чIун вукIарав цояв лъугьанин гIодизе.

Цинги аварагас абуна асхIабзабаздехун: «Гьав чиясул гIодиялда релълъун Аллагьас мунагьалги чурула щивав муъминчиясул, жиндир мунагьал мегIергIан кIудиял ратаниги», - ян.

Гьебги бугин малаикзабаз БетIергьанасда гьесул мунагьал чуреян гьарулеб букIиналъин. Цо нухалъ Аллагьас Муса аварагасде вахIю гьабун абун буго Жиндир тIадегIанлъиялдалъун гьедун абулин мунагьаздаса пашманлъун гIодулезе алжан бугин абун. БетIергьанас нилъ гьареги хIакъикъияб куцалда шаригIат цIунараллъун ва мунагь кканщинахъе гьелдаса ракI гурхIун гIодулеллъун.

ХIАБИБ МУХIАММАДОВ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...