Аслияб гьумералде

Накалде ккезарулеб гьаракь

Накалде ккезарулеб гьаракь

ЖужахI буго ТIадегIанав Аллагьас гIаси-пасикъазе тамихI гьабизе бижараб бакI. Гьелъулъ бухIигун цIороялъ гьабулеб гIакъуба буго жиндир бицун рагIалде бахъинабизе кIолареб, тIахьазда рехсаралъул бицунагоги чиясда халатккун ботIролъе босизе кIолареб гIадаб, кутакаб. Дунялалда бугеб цIа абула жужахIалда бугелъул анкьго нухалъ лъелъеги рехун, свине гьабураб цо гьитIинабго бухIи бугин.

ЦIаялъ бухIизаби гуребги гьелъул гIазабалда букIунеб буго гIакъраби, борхьал, хьверд жаниб бугеб, гьурмада аскIобе босанигицин тIом бухIизабулеб лъим. ГIазабалъул унти цIикIкIинелъун гьенире ккаразул черх чанго нухалъ кIодо гьабулеб буго. Черх, тIом бухIун лъугIанщинахъе щибаб нухалъ гьеб цIи гьабулебги буго. Бищун бигьаяб тамихI гьабулесулги абулеб буго хIатIазда гъоркь лъолеб цIа бугин жинца гIаданиб нах гьалдезабулеб.

КагIб абурав асхIабас бицун буго: «Цо нухалъ ГIумар-асхIабгун цадахъ гIодор чIун ругеб мехалъ, гьес абуна: “Я КагIб, бице щиб бугониги, нижер ракIазулъ хIинкъи рещтIунеб, абадияб рукъги ракIалде щвезе”, - ян. Жаваб гьабун дица абуна: “Я муъминзабазул цевехъан, Къиямасеб къоялъ жужахIалъ угьун хIухьел биччалеб буго жиндир сасил кутакалъ аскIор рукIарал малаикзабигун аварагзабицин накабазде ккун сужда гьабизе лъугьунел.

ХIатта Ибрагьим аварагас абулеб буго: “Я Аллагь , цIуне дун цIаялдаса! Гьарула Дуда дир напс гIазабалдаса хвасар гьабеян”. (ЧIахIиял аварагзабазда гьеб хIал букIунеб мехалъ, гIадатиял гIадамал гIакълу-лъай тIагIун захIматаб хIалалда рукIунел ратиларищ? Аллагьас бигьа гьабеги гьеб къоялъул къварилъи, аварагасул шапагIат щун хвасарги гьареги!).

Гьелдаса хадуб ГIумар-асхIаб, бетIерги гIодобе дализабун, гIезегIан заманалъ сихIкъотIун чIана. Хадуб дица гьесда абуна: “Я муъминзабазул цевехъан, гьалъул хIакъалъулъ Аллагьасул тIехьалда хъвангойищ гьечIеб?!” - ин абун. ГIумар-асхIабас цIехана: “Щиб бакIалда хъван бугеб”, - ан. Цинги дица гьесие Къуръаналдаса цIалана (магIна):

“Дуца умматалъе бице, МухIаммад , къиямасеб къоялъул хабар. Щибаб напс жиндирго ургъел гьабун ва жиб гIазабалдаса хвасарлъизе бокьун бачIунеб. Гьеб къоялъ щибаб напсалъе жинца гьабураб гIамалалъухъ жаза гьабула ва зулмуги гьабуларо (квешлъи тIаде цIикIкIинабуларо, лъикIаб гIамалги мукъсан гьабуларо)”, - ян абураб аят» (сурату «Ан-НахIл» 111 аят).

Гьенир рукIунел руго цIакъ вахIшиял, жидер берал пириялда релълъарал, гьурмадаса цIа бачIунел, кодор маххул рахсалгун хIосал ругел, щиб Аллагьас тIадкъаниги гьеб гьабизе хIадурал тIом чIегIерал малаикзаби. Жанире гIаси-пасикъал рехизе бугеб лазаталъ жужахIалъуб рукIунел руго кутакал гьаркьал. ЖужахIалде ккаразда букIунеб хIалалъул Къуръаналда абулеб буго (магIна):

«ГIадамал жужахIалде рехараб мехалъ гьезда цIакъ квешаб, жинца кутакалда хIинкъизарулеб цIаялъул гьалделеб гьаракь рагIула. Гьеб цIа гьалдолебги букIуна жанир ругел гIадамалгун цадахъ. Ццим бахъун, тIутIун унеб хIалги букIуна гьеб жужахIалъул. Щибаб нухалъ батIи-батIияб къокъа жанибе реханщинахъе жужахI хьихьун ругел малаикзабаз абула: “Нужехъе Аллагьасул расул вачIинчIищ жинца нужее гьаб гIазабалдалъун хIинкъи кьолев”», - абун (суратул «Мулк» 7-8 аят).

Малаикзабазул суалалъе жаваб гьабун гьез абула вачIанин. Амма дунялалда жидехъе вачIарас малъараб босунгутIиялъ ва гьелда гIамал гьабунгутIиялъ гьезие сунцаго кумек гьабуларо. Аллагьас насиб гьабун батугеги цониги муъминчиясе гьеб къоялъул къварилъи ва жужахIалъул гIазаб. Бухарияс рехсолеб буго авагас гIемер такрар гьабулаанин абун Къуръаналдаса гьаб дугIа:

رَبَّنَا آتِنَا فِي الدُّنْيَا حَسَنَةً وَفِي الْآخِرَةِ حَسَنَةً وَقِنَا عَذَابَ النَّارِ

«Раббана атина фи д-дуня хIасанатан ва фил ахирати хIасанатан ва къина гIазаба н-нар»,

магIна: «Я нижер БетIергьан! Дуца нижее дунялалдаги ахираталдаги лъикIлъи кье, жужахIалъул гIазабалдасаги цIуне», - ян абураб. ХIалкIун хIаракат бахъила нилъецаги гьесда нахърилъун гьал рагIаби такрар гьаризе! БетIергьанас щивасул рухI бахъи иманалда ккезабеги ва гьабулеб гIамалги ихлас жиндилъ бугеблъун гьабизе тавпикъ кьеги.

Амин!

МУХIАММАДГIАРИФ КЪУРБАНОВ

2026-07-15 (Сафар 1448 с.) №14.


Сахлъиялъе зарал гьечIеб тIагIам

Инсанасул сахлъи бараб буго квана-гьекъолеб жоялда. Гьаб заманин абуни буго кванилъ химия гIемерлъараб мех. Гьединлъидал цIакъ захIмалъулеб буго экологиялъул рахъалъ рацIцIадал кванил нигIматал ралагьизе. Ленинкет поселокалда гIумру гьабун вугев Шамил районалъул Гьоориса ХIасаница рагьун буго...


25 нухалъ такрар гьабе

Ризкъи гIатIилъиялъе ругел сабабазул цIехолел чагIи гIемер рукIуна. Бищунго аслияблъун ккола жиндир заманалда как бай, ай киналго арканалги адабалги тӀуразарун.   Гьединго ризкъи тIаде цIалеблъун ккола зухIаялъул как бай, хасго кьижилалде цебе сура «ВакъигӀат»,...


РакI - инсанасул рагъул майдан

Исламалда тарбия кьеялъул бищунго кIвар бугел масъалабазул цояб ккола рекIел ургъел гьаби. РакIалъ чIезабула Аллагьасда цебе лагъасул хIакъикъияб хIал, гьесул къасдал, ракIбацIцIалъи, цогидаздехун ва жидерго БетIергьанасдехун бугеб бербалагьи. Инсанасул къватIисел ишал ккола гIицIго жаниб бугеб...


Ингердахъ - руччабазул мадраса рагьана

Гьал къоязда мадраса рагьиялда хурхун рохалилаб мажлис тIобитIана ГIахьвахъ районалъул Ингердахъ росулъ.   Мунагьал чураяв Цевехъанил вас АхIмадица, жиндирго инсул букIараб мина кьуна мадраса базе. Гьеб цIигьабун базе хIаракат бахъана гьелъул байбихьуда имамлъун вукIарав Къурбанил...


«Юсуф» сура

ТIадегIанав Аллагьас хирияб Къуръаналда абулеб буго (магIна): «Дуца бице, Авараг ﷺ, дурго къавмалъе Юсуф аварагас жиндир эмен ЯгIкъуб аварагасде абураб: «Я, дир эмен, дида бихьана макьилъ анцIила цо цIва ва бакъги моцIги. Дида гьел рихьана зодоса гIодореги рещтIун, дие сужда...