Аслияб гьумералде

Щивасда хасаб

Щивасда хасаб

Аварагасул хIадисалда буго лъикIлъиялде тIовитIулев чи лъикIлъи гьабулесда релълъун вукIунин абун. Гьелъул магIна кколин абун, хIадис-гIелмуялъул гIалимзабаз баян гьабула, кинаб бугониги лъикIаб гIамал гьабурасе щваралда релълъараб кири гьеб гьабиялъе жив сабаблъун ккарасеги щолин абураб, жинца гьабурасеги щибго мукъсан гьабичIого.

ЛъикIалдалъун амру гьаби ва квешалдаса нахъчIвай буго МухIаммадил умматалда хасаб гIамал, гьеб цогидал аварагзабазул умматазе букIинчIо. ТIадегIанав Аллагьас Къуръаналда баян гьабулеб буго лъикIалдалъун амру гьаби ва квешалдаса нахъчIвай бусурбабазда тIадаб иш букIин (магIна):

«Нужеда гьоркьоса цо къокъа букIа жидеца лъикIалде ахIулеб, лъикIалдалъун амруги гьабулеб, квешалдаса нахъеги чIвалел. Гьединал чагIи ккола ахираталда жидер кверщел батарал гIадамал», - абун (сура

«Алу-ГIимран», 104 аят). Хадусел аятазда буго:

«Нуж руго (МухIаммадил умматалъул муъминзаби), киналниги умматазда гьоркьоб, бищун лъикIаб умматлъун, лъикIалдалъун амруги гьабулел, квешалдаса гIадамал нахъеги чIвалел»,

- абун (сура «Алу-ГIимран», 110 аят). Гьединаб хиралъи буго лъикIаб-квешаб цогидазда малъун, гьел кантIизариялъулъ. Гьебги буго БетIергьанас МухӀаммад хира гьавун вижарав вукIиналъ, гьесул умматги тIокI гьарун букIиналъ. Амру-нагью гьабизеги ккола гIадалъ тIил кьабураб кинниги гуреб, дандияс къабул гьабуледухъ берцинго, рекъараб заман ва бакI халгьабун. ГIали-асхIабас абун буго бищун хирияб жигьад кколин лъикIалдалъун амру гьаби ва квешалдаса нахъе чIвайилан. ЧIухIизе ва хъачIлъизе бегьуларо нилъеда лъикIабги квешабги малъулеб бугони. Гьеб гьабизе тIадаб бугебго гIадин, нилъеца къабул гьабизеги ккола.

ГIумарасхIабас абун буго:

«Дир гIайибал рицарав чиясе дица Аллагьасда рахIму-цIоб гьарула», - ян. Аллагьас тавпикъ кьеги лъикIаб кквезе, квешаб тезе.

МУХIАММАД САЛМАНОВ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...