Аслияб гьумералде

Цо-цо гьукъарал пишаби

Цо-цо гьукъарал пишаби

СихIру ккола, цIваби ракки-тIерхьиналъул хIисабалда рекъон, батIибатIиял магIданазул хаслъабиги лъазарун, гьездаса жиндие сихIру гьабизе бокьарав чиясул суратги гьабун, цIваби раккулел, тIерхьунел гIужазул халги ккун, цинги инсан капурлъулел рагIабиги хIалтIизарун, гьезул кумекалдалъун шайтIабиги ахIун, жиндие сихIру гьабурав чиясул чорхолъе батIибатIиял хIалал рачIинари, гьев унтизави, гьесда бугеб жо гьечIеблъун, гьечIеб жо бугеблъун бихьизаби, рос-лъади ратIа гьари гIадал халкъалъе заралиял жал гьари.

СихIру гьаби ккола бищун чIахIиял мунагьазул цояб, гьеб хIалтIизабиялдалъун инсан капурлъула. Гьезухъе хьвадулел гIадамазеги, гьезиего гIадаб, мунагь букIуна. Гьездаго релълъараб гIадаб жо ккола палихъабазухъе, жундул кIалъалел гIадамазухъе хьвади, телевизоралдасан рихьизарулел гороскопазда божи.

Аллагьас цIунаги гьелдаса. ЧIухIдае гIоло ретIел ретIиги какараб пиша ккола.

ХIадисалда буго: «Цо чи ретIелги ретIун, чIухIун вилълъунаго, ракьулъе тIерхьун ана», - абун.

Дарай ретIиги бихьиназе хIарамаб буго. Дунялалда дарай ретIарал бихьиназ ахираталда гьеб ретIине гьечIо. Гьединго бихьиназе хIарамаб буго меседил рахас, сагIат, баргъич ва цогидал меседил тIагIелал хIалтIизаризе.

Чияр лъимер жиндираблъунго гьабиги чIахIиял мунагьаздасан ккола. Жиндираллъун гьарунин абун, гьел жиндираллъун рукIунаро, гьезие ирсалъул бутIаги щоларо, чияр яс яслъун ккурав чи гьелде балагьизеги, гьел цо рокъор рукIинеги хIарамлъула. Чияр васасде балагьизе, гьевгун цо рокъой йикIине чIужугIаданалъеги хIарамлъула.

Гьелъухъги балагьичIого цо-цо бусурбабаз гьеб хIарамаб жо гьабулеб буго. Жиндир эмен гурев, цогидав чиясул вас вугилан абулев чи куфруялде гIагарлъулиланги буго хIадис. Кинго бегьуларо лъимералъе жиндир гуреб фамилия, инсул цIар кьезеги.

ШаргIияб гIузру гьечIого, бокьун лъабго рузман тарав чиясул ракIалда Аллагьас мунапикълъиялъул мугьру чIвала, гьесул ракIги бецIлъула ва хъачIлъула, гьесул ракIалъе гьабураб вагIза-насихIаталъ пайдаги гьабуларо.

Гьединал гIадамал алжаналдеги унаро, гьезие жужахI букIунилан абураб магIнаялда тIоритIел гьабулел хIадисалги руго.

Бусурбабазул гIайибазда хадур лъугьунел гIадамазда хадур малаикзаби лъугьуна. Гьедин гIайибал цIехолел гIадамал Аллагьас ракьулъ жанир рахчун ругонигицин халкъалдаги суризарула.

АсхIабзаби ккола аварагзабазда хадусел, бищун Аллагьасе хириял, Аллагьасул вализаби. Гьезул садакъаде кьураб бащдаб сахIалда, цогидаз садакъаде меседил мугIрул кьуниги, гьебцин бащалъуларо. АсхIабзабазде хьандолел гIадамал Аллагьасул нагIанаялъе хIакълъула. Авараг вокьарал чагIазе гурого асхIабзабиги рокьуларо, гьев рихарав чиясе гьелги рихуна.

Аллагьасул Къуръаналъги Аварагасул хIадисазги реццарал асхIабзабазда гIайиб чIвалел, ГIали асхIабасдаги МугIавиятидаги гьоркьоб ккараб жоялъе жидеда берцин бихьухъе хIукму къотIулел гIадамал ккола жидер гIакълуги лъайги кIалагъоркье сверарал бидгIачагIи.

Аллагьас гьеб пишаялдаса цIунаги бусурбаби. Гьанире щвезегIан гьал чIахIиял мунагьал росана Загьабиясул «Кабаир» абураб тIехьалдаса.

Аллагьасул макруялда божун вукIин абула мунагьалги гьарун, цинги Аллагьас виччан тараб мехалъ, гьелъул ургъелги гьабичIого, Аллагьасукьаги хIинкъичIого, Аллагь гурхIулев вугиланги абун, квешаб гIамалалда даимлъиялда.

Хирияб Къуръаналда буго: «Аллагьасул макруялда божун рукIунаро, гIицIго махIрумаб, гьалаглъараб къавм гурого», - абураб магIнаялъул аят.

ХIадисалда буго: «Аллагьас залим виччан тола, цинги тохлъукьего ккола. Хадув гьевги ворчIуларо», - абун.

Хирияв Аварагасги кидаго Аллагьасда гьарулеб букIана: «Я, Дуе бокьухъе ракIал сверизарулев Аллагь, Дуца дир ракI Дур диналда чIезабе», - абун.

АРСЛАНГIАЛИ ГIУМАРОВ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...