Аслияб гьумералде

Хехго къваригIун буго гIемераб гIарац

Хехго къваригIун буго гIемераб гIарац

Хехго къваригIун буго гIемераб гIарац

 

ГIайибалъул бутIрул нилъгоги рукIун, туристал какиялъ ккеладай ритIун?

 

Цо пуланав чияс цогидасухъа босула, жиндиего бугониги, васасе батаниги, мина базе ялъуни ах-хур гьабизе ракь. Заманалдасан гьеб ракь бухъа-хъвалаго ракьулъ гьесда батула меседил цIураб гулгун. Гьелдаса вохарав гьев уна жиндиего ракь бичарасухъе ва гьесда абула духъа бичун босараб ракьулъ жинда гьаб месед батанин абун. Жинца духъа ракь босун букIанин, амма месед босун букIинчIин, гьединлъидал духъе вачIун вугин дурго бечелъи нахъе кьезеян кIалъала гьев.

 

Ракь бичарас гьелдаса инкар гьабула, ва абула жинца дуе ракь бичун букIанин ва ракьулъ бугелъул бетIергьанги мун кколин абун. ПалхIасил, иш дагIбаялде ккола ва гьелъул хIукму къотIизе уна къадиясухъе. Гьезухъги гIенеккун къадияс гьезда цIехола нужер лъимал ругищилан. Цояс абула вас вугин, цогидас абула яс йигин абун. Гьедин батаниян абула къадияс, нужеца нужедаго гьоркьоб ригьин гьабе, ай дур васас гьесул яс ячейилан абун. Гьез гьедин гьабизеги гьабула. Гьезул наслабаздасан рахъуна халкъалъеги пайдаяб Аллагьасукьаги хIинкъараб гIел, ай гIалимзаби.   

Рехселин цоги лъугьа-бахъин. МагIарухъ кIиго вац вукIуна, гьаб заманалда сиялда бугеб, туристазулгун хIалтIиги гьабун бетIербахъиялда. Цояв вацасухъе рачIунел рукIарал туристазда дандчIвала цогидав вац. Гьес, жиндиего гIарац щвеялъул мурадалда, гьел рокъоре рачуна рега-рахъиналъе санагIалъабиги гьарун. Гьеб иш лъала вацасда ва гьев хъачIго кIалъала гьесда жинхъе рачIунел рукIарал туристал дуца рокъоре рачун ругинги абун. ПалхIасил, туристал сабаблъун кIиявго вац, кIиго бусурбанчи барщула.

Гьаб буго цо гIадатиябин абизе бегьулеб гьитIинабго мисал. Гьадинал мисалалин абуни жакъа цIакъго гIемерлъулел руго ва гьабсагIаталда щолеб бугеб дагьабго гIарцухъ яхIги, намусги, чилъиги бичулел гIемерлъулел руго. Гьеб киналъего гIиллалъун туристал кколин, гьел нилъее хIажат рукIинчIин гаргадула, хIакъикъаталда туристазда гьениб щибго гIайиб гьечIониги. Гьаб тIадехун рехсараб мисалалда абухъе, туристал сабаблъун гуро тIулбикьарал гурелги диналъул вацалги цоцалъ барщулел ругел. Гьел барщулел руго дунялалъул чорокаб, хведал цадахъ босулареб гIарацги боцIи-малги сабаблъун. Туристалин абуни гьукъизе нилъехъа бажаруларо. Гьеб буго хIукуматалъулго даражаялда гьабулеб бугеб кIудияб хIалтIи. Гьединлъидал нилъеда тIадаб жоги буго, чIечIого туристал какулел рукIинчIого, Нечавкаялдаса КIудияс абухъе, нилъго лъикI хьвадизе, нилъеца аскIор ругездаги тIаде рачIарал гьалбадеридаги берцинаб мисал бихьизабизе. Исламалда рекъон, шаргIалъул тIалабалги тIуразарулаго нилъ, ай бусурбаби хьвадулел рукIаралани, гIемерисел туристазги къабул гьабизе букIана нилъер дин, нилъер берцинлъиги нилъеца гьабулеб бацIцIадаб хьвада-чIвадиги бихьун.

ГIемерисезда рагIунги батила, рагIичIезе букIине бицунги тела Индонезиялде ислам бачIиналъул хIакъалъулъ бугеб цо бицен. Пуланав бусурбанчи вачIуна Индонезиялде даран-базаралъ. Гьеб заманалда Индонезиялъул халкъалда исламияб дин щиб жо кколебалигицин лъалеб букIунаро. Бусурбанчияс жиндирго кумекчи тола вичаризе, гьаб къайи пуланаб гIарцуде бичейиланги абун. Заманалдасан гьениве щведал, бусурбанчиясда кинабго къайи бичун ун батула ва кумекчияс гьесухъе, абуралдаса кIиго-лъабго нухалъ цIикIкIун, гIарацги кьола. Гьаб киса щварабилан цIехедал, кумекчияс бицуна дур къайи лъикIабги букIун жинца гьеб хираго бичанин ва гьедин цIикIкIун гIарацги щванин абун. Бусурбанчиясда рекъечIеб иш гьабун бугин дуцайиланги абун, гьес валагьула жиндирго къайи босарав ва гьесухъе тIадбуссинабула тIокIбоцIи ва гьарула гьесда тIаса лъугьайилан. «Ниж руго бусурбаби ва хIалалаб гурони нижее бегьуларо», - ян абун кIалъала гьев. ПалхIасил, гьеб хабар щола къираласухъе ва гьес, гIажаиблъи гьабун, тIаде ахIула даранчи.  

- Дуца гьабураб гIадаб иш киданиги нижеда рагIараб жо гуро. Гьелъул магIна щиб? - ян цIехола къиралас.

- Дун вуго бусурбанчи ва нижер исламияб диналъ хIарамаб жо гьукъараб буго. Даранги ва цогидаб ишги гьабизе ккола Аллагь разилъиялъул мурадалда. ЖамгIияталъе зарал кколебщинабги нижее бегьуларо. Гьединго бегьуларо тIад гIемераб жоги лъун даран гьабизеги.  Ниж руго щваралда гIей гьабун рукIунел чагIи, - ян жаваб кьола бусурбанав даранчияс.

Къиралас цIехола исламалъул хIакъалъулъ ва гьесги бицуна жиндаго лъалебщинаб. Гьесул ракIбацIцIалъиги хьвада-чIвадиги бихьун, къиралас ислам къабул гьабула ва дагь-дагьккун гьесул рагIияталда ругезги гьеб дин босула.

Жакъайин абуни Индонезия ккола бусурбабазул пачалихъ. Гьеб улкаялда гIумру гьабун ругезул 90-гIан проценталъ гьабула исламияб динги.

Гьеле гьеб гурищ жакъа нилъее хIажат бугеб жо. Туристалги какулаго, нилъеца щай инжит гьабулеб нилъерго ватIан - Дагъистан, гьелъул гIаксалда, гьезда цересан щай хьвадуларел гьезцин мисал босиледухъ. Мисал бихьизабизе бегьула ретIулеб ратIлидаса байбихьун. Гьабуге гьезда бихьун, сундул рахъалъ букIаниги, хиянат. Босуге гьезухъа, нужерго хъантIиги бихьизабун, кколареб гIарац кванихъги, рекIадухъги ва цогидалъухъги. Бичуге гьезие исламалъ гьукъарал гьекъолел, бухIулел ва цогидалги жал. Амма цIунулеб бугищха нилъеца гьеб кинабго? ГIемерисез цIунулеб гьечIин абуни, дун мекъи ккеларо. Щайгурелъул берда цебе бугелъулха кинабго.

Жакъа интернет цIун руго туристаз Дагъистаналъулги дагъистаниязулги бицунел видео-роликал. ГIемерисез беццулеб буго мугIрузул улка, реццулел руго гьалбал хириял, кумекалъе хIадурал нилъер гIадамал. Амма гьеб киналдего рагIад рехизабулел ишалги камулел гьечIо. Масала, МахIачхъалаялъул №2 базаралде щварав пуланав туристас ричарухъабазда абулеб буго нужерго чагIазе бичулеб багьаялде жиндиеги бичейин абун. Гьелдалъун бихьулеб буго нилъер ричарухъабаз-бусурбабаз дагьалго кепказухъ яхI рехулеб букIин. Гьеб буго цIакъ рекъечIеб иш.

Гьебго хIал буго туристазе сордо базе бакI кьеялда жанибги.

Дагъистаналде цIикIкIун туристал рачIине байбихьаралдаса батила 2-3 сон. ГIор щун букIаго цIул бахъун лъикIин абухъе батила, гьалаглъун руго цо-цо диналъул вацалгун яцал. Гьез кьурал гъурщаз бечелъилин абун гьединазда ракIалде кколеб батани, гьел мекъи кколел руго. КигIан гIемераб щваниги щиб боцIи, баракат лъечIони, жидедаго бадиб багъизе бугелъул. Щукру гьабичIеб нигIмат нахъе босилинги абун бугелъул, щукру гьабизе кантIулел гьечIо. КантIулел гьечIо къиямасеб къоялъ сундухъго жаваб кьезе ккезе букIиналдеги.

Пуланал туристаз бицана республикаялъул тахшагьаралда рукъ кколелъул бетIергьанчиясда жидеца цIеханин гьабизе бегьулеб-бегьулареб жоялъул хIакъалъулъ. Нужеего бокьараб гьабизе ихтияр бугин абунила гьес, заманалда гIарац кьей бугин нужеда тIадаб иш.

- БитIараб бицани, ракIалде ккун букIана гьес абилин хъалиян бухIизе, гIаракъи гьекъезе, зина гьабизе бегьуларин абун, - ян бицана гьез. Ва тIадеги жубана, гьедин абизе тIадаб гьечIищ бусурбабаздайилан абун.

Аллагьас лъикIаб хъван батаги.

 

 

МухIаммадхIабиб МахIатIов

2026-05-15 (ЗулкъагIида 1447 с.) №10.


Къурбан хъвей

Къурбан хъвеялъул хIукму   ШафигIиясдаги, АхIмадидаги, Маликидаги аскIоб къурбан хъвей муаккадаб суннат ккола, ай кIвар кьун тIадчIей гьабизе кколеб суннат. АбухIанифада аскIоб - шагьаразда, росабалъ гIумру гьабун ругел гIадамазда тIадаб буго. («РахIматул...


ХIарамалъул ракь

Макка-Мадинаялъул хиралъилъун нилъее гIела, жиндие гIоло кинабго махлукъат бижарав Авараг ﷺ тIад хьвадараб, гьев вукъараб ракьлъун букIин.   Нилъеда бихьулеб буго жакъасеб къоялъги ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Макка-Мадинаялъул агьлу хьихьун бугеб куцги, гьениб гьанжелъизегIан цIунун бугеб...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Дун цIакъ нечон йикIана     Дун гьаризе гIадамал рачIараб къоялъ, гьезда дандчIвай гьабурав дир эмен, дагьав гьекъон вукIана. Цинги гьес байбихьана вукIинесев дурцасда хурхун махсараби гьаризеги. Дун цIакъ нечон йикIана. Гьанже дун абизе бокьарасул эбелалда кколеб буго лъикIаб гуреб...


КIудияб гIидалъул байрам

Ассаламу гIалайкум ва рахIматуллагьи ва баракатугьу, хириял диналъул вацал ва яцал!   РакI-ракIалъ баркула нужеда тIаде щвараб Къурбаналъул байрам. Гьеб баракатаб къоялъ нилъеца кидаго ракIалде щвезабула Ибрагьим аварагасул тIадегIанаб мисал, гьесул ТIадегIанав Аллагьасе ﷻ букIараб...


Суал-жаваб

ХIежалъ гIисинал ва чIахIиял мунагьал чурулищ? ГIемерисел гIалимзабазда аскIоб хIежалъ гIисинал мунагьал чурула, амма кIудиял мунагьал ва гIадамазул хIукъукъал чуруларо. Бухари ва АхIмадица бицараб хIадисалда буго: «ХIеж гьабураб мехалда жинца абичIони квешаб рагIи ва гьаричIони фискъуялде...