Аслияб гьумералде

Огь ЭРКЕНЛЪИ, эркенлъи…

Огь ЭРКЕНЛЪИ, эркенлъи…

Огь ЭРКЕНЛЪИ, эркенлъи…

Инсанасул гIумруялда жаниб кинабго бугеб къува-кIвар тIаде кьун балагьулеб жо ккола эркенлъи. Гьелъул магIна щибха кколеб, гьеб буго кинабгIаги тIаде балагьиялдаса жив хвасарлъи. Сундаго ва лъидаго бараб жо жиндир букIунгутIи. Эркенлъи тIалаб гьаби абураб рагIиялда гъоркье бачунеб буго кинабниги хIалихьалъигун квешлъи.

 

ГьитIинаб лъимадул бетIералде жанибе бугIулеб буго мун кколин цогидаздаго ващадав чи, дур ругин ихтиярал ва эркенлъи. Гьел хвезаризе лъиего ихтияр гьечIин. ХIатта эбел-инсуцаги цIунизе кколин дур ихтиярал. Дур гIорхъаби цIуничIони хIал гьабунги тIалаб гьабизе кколин дуца. Гьел горелги гIемерал маргьаби руго западалъул политикаялда инсанасул ботIролъе лъугьинаризе хIаракат бахъулел.

Инсанияталъул гIадлу хвезабизе ккани бищунго бигьаяб алатлъун гьезда батун буго эркенлъи абураб рагIи инсанасул пикруялде гъорлъе бугIи. Гьеб гурищ нафсалъегун щайтIаналъе къваригIарабги. ЩайтIабаздаса батIияб жо гьеб пикру кьолезулги бати щакаб буго. Жиндирго «ихтиярал» цIунизе хIаракат бахъулев чиясе къваригIуна эркенлъи. Гьеб балагьулаго уна гьесул тIубараб гIумруги.

Щив чи кколев инсан? Гьеб суал кьуни цебесеб пикру биххула нилъер. Инсан ккола Аллагьас Жиндиего лагълъиялъе вижарав загIипав лагъ. ХIакъикъаталдаги лагълъун вугев чи хан вугинги ккун гаргадизе ва паччахIлъун хIазе лъугьани щиб кколебали лъаларев чи нилъеда гьоркьов гьечIо. Гьелъул бищунго гьитIинаб бутIаги ккола кигIан кутакалда ханин абун гьес хIаниги гьесул хан вахъунаревлъи. Гьелде тIадеги кинабниги гъинги гьесул жинда тIад гIадамал релъулеб учузабго пишаги букIунеблъи.

Гьебго хIал букIуна эркенлъи балагьулев чиясулги. Гьесдаса язихъав, янгъизав ва гIодовегIанав чиги вукIунаро. Щайгурелъул гьечIеб ва букIунареб жоялда дагIба балев чи кколелъул гьев.

Эркенлъи щвани бокьарав чиясул жавабчилъи уна. Гьев вукIуна гьаваялда боржунеб хIинчI кинниги сундулго гIорхъи ва гIадлу биларавлъун. Хадусеб гIумруялъул цебетIейги гьесулъ букIунаро. Щайгурелъул гьесул сундасаго хIинкъи, яги нич ва нахъчIвай хутIун гьечIелъул. Жиндирго эркенлъи балагьулаго гьес къурбанлъун гьарула жиндирго эбел-эмен ва тIубараб гIагарлъи.

Исламияб диналъул цIадирабазда гьеб пикру борцани мекъаб рахъалдехун гурони цIаларо. Щайгурелъул исламалъ тIалаб гьабула инсанасул напсалъул эркенлъи ва хIалихьатаб ихтияралда тIад малги чIун БетIергьанасе гьеб мукIур гьаби. Эркенлъи тIалаб гьаби ккана гьанже исламалъул тIалабаде данде рахъин. Гьединлъидалин эркенлъи тIалаб гьабулеб жамгIияталъул ссигун гIадлу-низам биххулеб.

Амма инсанас сабру гьабуни жинда хадуб бугеб хъаравуллъигун тIадал жал тIураялда гьесул нафс лъадарула, чорхол тIалабал, ай рахIат балагьи дагьлъула, Аллагь жинда тIад вукIиналъе мукIурлъизе байбихьула. Гьайгьай тIубараб исламияб динго гурищ гIуцIун бугеб инсан Аллагьасе мутIигI гьавизелъун, БетIергьанасе хIелизе, жиндирго загIиплъи бичIчIизе.

ХIасил гьабун абуни, бакътIерхьул улкабаз нилъер гIаламалда жаниб лъолеб бугеб эркенлъи тIалаб гьабиялъул пикру мекъаб букIин бусурбабазда бичIчIизе ккола. Гьаб заманалда телефоназдаса ва цогидалги алатаздаса инсанасда жанибе цулеб буго мекъаб пикру. Гьелде нилъ кантIичIони, гIун бачIунеб гIелалда гьеб бичIчIизабичIони хадусел наслаби щибго гурел чIахIил гIакIваялдасаги пайда гьечIеллъун лъугьине рес буго. Аллагьас кумек гьабеги кинабниги лъикIабщиналъе.

 

 

Сайпула МухIаммадов

2026-09-01 (РабигIул аввал 1448 с) №17.


Минскалда тIобитIана халкъазда гьоркьосеб форум

Беларусь Республикаялъул тахшагьар Минскалда тӀобитӀана «Механизмы укрепления межкультурного взаимодействия и духовно-нравственных ценностей на международной арене» абураб цIаралда гъоркь халкъазда гьоркьосеб форум. Исламияб маданияталъул, гӀелмуялъул ва лъай кьеялъул фондалъул...


Тафсир агьлуялъул маяк

Имамзабазул, хасго чIахIиял гIалимзабазул къимат лъала гьезул таржама гъваридго лъазабидал. Гьелдаго цадахъ имам вокьизеги вокьула. Амма лъаларев чи вокьизе кIоларо. Аварагас ﷺ абухъе, гIалимзаби ккола гьесул ирисилал. Щайгурелъул, Аварагас ﷺ жинда хадуб тола гIелму. Гьел ккола гьеб ирс босулел ва...


Мавлидазул моцI

ТIадегIанав Аллагьас нилъер умматалъе кьураб кIудияб рахIматалдасан ккола нилъ МухIаммад аварагасул ﷺ умматалдаса гьари. Нилъ гьесул умматалдаса Аллагьас ﷻ гьариялдалъун гьевги кIодо гьавун, нилъее кьуна гIемерал бигьалъаби, цересел умматазе рукIинчIел.   Масала, Муса аварагасул шаргIалда...


Аварагасул ﷺ гIумру щай лъазабилеб?

Аварагасул ﷺ бицунелъул гIенеккун ругеб мехалда нилъер къасд букIине бегьуларо гIицIго харбихъ гIенеккун ругеб гIадинаб. Ниятгун къасд букIине ккола Аварагасул ﷺ хIакъалъулъ рехсолел сипатаздалъун нилъее лазат щвей, ай гIишкъуялда гIенекки ва гьеб рекIелъе биччай. Аварагасул ﷺ бицунаго нилъ гьесде...


Мисал босула

Бищун талихIавлъун ккола Аллагьас ﷻ тIадкъарал хIукъукъалги тIуралев, хирияв Аварагасул ﷺ суннатги цIунулев ва исламалда рекъон хъизан-агьлуялъе тарбияги кьолев чи. Лъимералъ тIаса бищулеб нух бараб букIуна эбел-инсуда.   ГIемер абулеб рагIула, эбелалда яги инсуда релълъарав вугин абун....