Аслияб гьумералде

Питнаялдаса кин цIунилел?

Питнаялдаса кин цIунилел?

Питнаялдаса кин цIунилел?

Жакъа нилъ ругеб заман расги бигьаяб гьечIо. Нилъеда рихьулел ругелъулха балагьалги, къварилъабиги, рагъалги. Масала, коронавирус, терактал, ракь багъариял, кутакал гьурал рахъин ва цогидабги. Гьединал вахIшиял ишал ккун рукIинчIо цересел гIасрабазда. Къиямасеб къо гIагарлъидал гьединаб хIал букIунин гIемерал хIадисаздалъун Аварагас баянги гьабуна. Гьедин нилъее гIалимзабазги бицана.

 

Гьаб хабар хIинкъизаризе бицунебги гуро. Абизе бокьун буго, нилъер тIабигIат, гIамал-хасият хисулищин гьаб кинабго лъугьунеб мехалда? Гьабулищ гьелъул пикру, хIисаб-суал?

Нилъеда лъала нилъ къиямасеб къоялде гIагарал рукIин. Гьабгощинаб жо бихьун хадуб ТIадегIанав Аллагьасде ﷻ руссинчIони, цоги сунца нилъ руссинаризе кколел? Нилъер беццал ракIал сунца рорчIизаризе кколел? Гьединаб заман бачIиндал Аварагас ﷺ нилъ рехун течIо, гьелъие Аварагас ﷺ нилъее насихIатал гьарун тана. Щайин абуни, Аварагасе ﷺ нилъ рокьулел рукIун ва ургъел ккун Аллагьасда ﷻ гьарана жиндир умматалъе бигьа гьабеян, тIаса лъугьаян. Гьединав ХIабибасул уммат буго нилъер. Гьелъухъ щукру гьабизе ккола. Цогидал умматазе щвечIел хаслъаби нилъее щвана гIицIго МухIаммад аварагасе ﷺ гIоло. Жеги, нилъ хвасарлъула цогидал умматал гьалаг гьарурал чIахIиял балагьаздаса. Гьебго гIицIго Авараг ﷺ нилъеда гьоркьов вукIиналъ бугеб хаслъи ккола. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ абун буго, МухIаммад авараг ﷺ гьоркьоб бугеб къавм Жинца гьалаг гьабуларин. Гьеб нилъее Аллагьасдасан ﷻ бугеб рахIмат буго. Щайин абуни, Аллагьас ﷻ гьев халкъалде рахIматлъун витIиялъ.

Гьанже квешлъи ва балагьал тIаде рачIунеб мехалда бусурбанчияс щибха гьабизе кколеб? ЛъикIаб буго дин кквезе, ай Аллагьасде ﷻ руссине. Хасго Аварагасул ﷺ суннаталда нахърилълъине, гьесул ﷺ тIабигIат жиндилъ бессизабизе. Аварагас ﷺ нилъеда малъана кIудиял балагьал ва питнаби ккедал жиндир суннат кквеян. Абу Давудицаги Тирмизиясги бицараб хIадисалда буго, Аварагасул ﷺ вагIзаялъухъ гIенеккидал асхIабзабазул ракIал хIинкъанин ва бадиса магIу чвахханин. Цинги асхIабазабаз гьикъула: «Я Аллагьасул расул ﷺ! Гьеб ахирисеб вагIзаялда релълъун буго, гьабе нижее насихIат», - ян. Аварагас ﷺ абуна: «ГIемераб заманалъ гIумру гьабун хутIаразда рихьила кIудиял питнаби. Гьединлъидал нужеца щулаго ккве дир суннат ва халипзабазул нух», - ян.

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Аварагасда ﷺ лъазабуна гьесул умматалде захIматаб хIал, питна, квешлъи бачIине бугилан. Цинги Аварагас ﷺ нилъее насихIат гьабуна щулаго иман ккун чIаян.

КигIан кIудияб квешлъи ва питна бугеб заман бугониги, нилъеда кIочон тезе бегьуларо нилъ сундуе рижун ругелали. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абухъе, нилъ рижана Гьесие ﷻ гIибадат гьабизе.

Гьединго питна багъарараб заманалда гьабулеб гIибадаталъул кири цIикIкIун щола гьижра гьабураб мехалъ щолеб гIадин. Гьижра цIакъ захIматаб жо буго. Масала, жидерго мина-рукъги тун къватIире рахъана Маккаялда рукIарал бусурбаби Мадинаялде. Гьеб хIакъикъат бичIчIарав чияс гIибадаталде кIварги кьола. Имам АхIмадица «Мусналда» бицана захIмалъи тIаде щведал Аварагас ﷺ каказда тIадчIей гьабулаанин абун. ГIакъилал гIадамаз абула: «Гьаб гIумру дагьаб заманалъул жо буго, гьединлъидал, тIобитIе гьеб Аллагьасе ﷻ мутIигIлъиялда», - ян.

Абу СагIид Худрияс бицараб хIадисалда буго: «ТIаде бачIине буго цо заман, бусурбанчи боцIи-малгун, цIад балеб бакIалда унеб, гьебги жиндирго дин цIунун балагьаздаса», - ян (имам Бухари). Гьеб хIадисалъул магIна кколаро магIарде яги рохьове ун ватIа кIанцIун чIаян абураб. Гьелъул магIна ккола дагIба-къецаздаса, питнабаздаса ватIачIей лъикIаб бугин абураб. ШаригIаталда рекъон гIадамазулгун гьоркьоблъи гьабизе кIоченеги бегьуларо.

Аллагьас ﷻ тавпикъ кьеги нилъее пикруги гIумруялъул хIисабги гьабизе ва динги щулаго кквезе.

 

Шамил МухIаммадов

2026-07-01 (МухIаррам 1448 с.) №13.


Нужее баяналъе

«Салул гамайилан» сунда абулеб? – Вараниялда. Аварагзабазул рикIкIен рехсараб аят щиб? – Сура «ан-Ниса». Щиб сураялъулъ кIиго нухалъ басмала рехсараб? – Суратул «ан-Намлалда». Адам щиб къоялъ вижарав? – Рузман...


Телефоназул унти

Жиндир хIакъалъулъ гIемер бицунеб унти ккола телефоназда нилъ рараллъун рукIин.   Нилъер лъималги цIакъго унтун руго гьеб унтиялъ. Гьединаб унти букIин загьирлъула: Смартфоналдаса ри-кӀкӀад ругеб мехалда яги гьеб кIочон хутIани ургъалабазулъе ккей. Телефоналде гIемер халгьаби. Цо-цояз...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Кин кумек гьабилеб?     Дир вац захIматго унтун вукIана. Гьанже дагьабго мадар бугониги гьев хIинкъун вукIуна. Цо-цо мехалда хIухьел цIазе захIмалъула, паническиял атакаби лъугьуна. Кин дица гьесие кумек гьабилеб?   ГIали, МахIачхъала   ГIалимчиясул жаваб Бокьараб...


Рецц-бакъ гьабизе бокьи

Бахчараб ширкин абулеб гIамал ккола лъикIал гIадамазда бихьизелъун, гIамалал рихьизелъун, халкъалъ рецц гьабизелъун гьабулеб ишалда. Гьеб рекIел унтиялъ инсан вачине бегьула ахираталда кири щвеялдаса махIрум гьавиялде, гьабураб гIибадат чIобогояб, пайда жиндаса щвечIеблъун гьабиялде.   Гьеб...


ГIолохъанал гIалимзабигун дандчIвана ГIолилазул форум

Гьал къоязда Хасавюрт шагьаралда тӀобитӀараб, Саидбег Даитовасул цӀаралда бугеб къецалда бергьарал гӀолохъанал гӀалимзабазегун хӀафизазе гьоболлъи гьабуна Дагъистан республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Данделъиялда шайих АхӀмад-афандица баркана щварал бергьенлъаби ва бицана диналъе...