Аслияб гьумералде

Хваразе пайда цIикIкIараб

Хваразе пайда цIикIкIараб

ХIурматиял диналъул вацалгун яцал! Нилъ киналго руго хвезе рижарал чагIи. ЧIаго нахъе хутIулев чи гьаб дунялалда цониги ккечIо, нахъеккун ккезеги гьечIо.

Хвел тIаде щвей балагьуларо гIолохъанлъи-херлъиялъухъ, сахлъигун унтиялъухъ. Риччарал къоял лъугIарав чияс гьаб панаяб дунял тола. Гьеб заманалда лъугIун ккола дунялалда нилъер киналниги ишалги. Нилъ хутIула нилъерго гIамалалгун цадахъ. Гьеб буго бищун чара бухIараб заманги. Гьаб дунялалда рукIаго гIемер лъикIлъи гьабунги нилъехъа бажарулеб гьечIо, гIемер батIи-батIиял жалаз машгъулги гьарун, ракьул чохьонир ратулел руго. Гьеб мех ккола бищун захIматазул цояблъун.

Гьединлъидал устарзабаз, хIакъикъиял муршидзабаз нилъеда малъулеб бугеб гIага-бажарал, рукъалъул агьлуялъул чи хвараб заманалда гьезие пайда цIикIкIараб гIамал гьабейилан абун.

ТIоцебе 100 истигъфар гьабила, хадуб 100 суратул ФатихIа, ай алхIам цIалила. Цинги 10 суратул Ихлас, ай Къул гьува ллагьу цIалила ва 100 салатул ФатихIат цIалила. Хадубги 100 нухалда истигъфар гьабила. Гьелъул кири хварав чиясеги кьела.

Бажарани, бисмиллагун цадахъ, суратул ФатихIа цо хIухьлада цIалила. Гьединго лъабго Къулгьуги цо хIухьлада цIалила.

Лъиего балъгояб жо гуро, тагIзияталда гIададисеб каламалда, махсаро-хочIалда нилъ рукIунеблъи. Гьединаб бакIалда цIакъ рекъараб букIина гьаб цIализе. Щайгурелъул, тIоцебесеб заман буго хварав чиясе бищунго захIматаб.

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...