Аслияб гьумералде

ХIайваналъул бакIалде

ХIайваналъул бакIалде

ХIайваналъул бакIалде

Мехтел гьекъей буго гьаб заманалдаги жеги тIибитIун. Бичизе гьукъулин бицаниги, нилъеда бихьула гIемерисел тукабазда гьеб букIин, телевизоралдасанги гьабула гьелъие реклама.

 

Киназдаго бичIчIула гьекъолдиялъул зарал букIин, амма бугониги гьекъола. Гьекъел буго квешабщиналъул бетIер. Гьелъин гьебги гьелда хурханщинабги диналъ гьукъунги бугеб. Щайгурелъул, диналъ гIадамал цIунула заралияб жоялдаса. Гьайгьай, гьелъул заралалъул гIемер бицине бегьула, амма Аллагьасда ﷻ иман лъурав Къуръаналъул цо аяталъ кантIизавизе ккеларищ? Аллагьас ﷻ Къуръаналда абун буго (магIна): «Я, гьал иман лъурал гIадамал! Хамрги (мехтизарулеб жо), майсирги (гьоркьоб жо лъун хIай), жидее лагълъи гьабулел заналги, жидедалъун пал тIамулел чIоралги - гьеб кинабго буго мунагь бугеб, Аллагьас ﷻ хIарам гьабураб, чорокаб жо. Гьеб шайтIаналъул гIамалаздасанги ккола. Нуж гьел жалаздаса рикIкIалъе ва гьезда аскIоре къаге», - ян (суратул «Маидат», аят 90). Абу Муса ал-АшгIариясдаса бицунеб буго Аварагас ﷺ абунин: «Кинабниги мехтизарулеб жо гьукъараб буго», - ян (Муслим).

ГIабдуллагь ибну ГIумаридаса бицун буго Аварагас ﷺ абунин: «Мехтизарулеб жо буго кинабниги квещабщиналъул эбел…», - абун. Гьелде квещабщиналъул эбелин Аварагас ﷺ абурабги буго гьекъедал гьелъ цогиял мунагьал гьарияздеги рачунел рукIиналъ. Рехсараб хIадисалда хадубги абулеб буго: «Гьеб гьекъарасул бараб какги кIикъого къоялъ къабул гьабуларо. Гьебги чорхолъ букIун хвани, ислам бачIинегIан цебе букIараб жагьиллъиялъул заманалда хварав кинниги хола», - абун (ТIабарани).

Гьединго Абу-Гьурайратидасан бицун буго Аварагас ﷺ абунин: «Зина гьабурав яги мехтел гьекъарав чиясдаса БетIергьанас ﷻ иман нахъе босула ретIел габуралдаса бахъулеб кинниги», - ян. Как къабул гьабуларин абун тIадехун рехсей гьабураб хIадисалда бугелъе баян гьабун гIалимзабаз хъвалеб буго: как къабул гьабуларин абуралъул магIна бугин гьеб баравлъун вукIун гурони, кири щоларин абураб. Гьелъ, цо гьабураб мунагьалде тIаде кири щоларинги абун цоги мунагь гьабуге! Аллагьас ﷻ цIунаги!

 

Медицинаялъ щиб абулеб?

Диналъ гьеб дару гьабиялъул нияталда хIалтIизабиги гьукъун буго. Ваил ал-ХIазрамияс бицун буго: «Цо нухалъ ТIарикъ ибну Сувайд ал-ЖугIфияс Бичасул Аварагасда ﷺ цIехана хамруялъул хIакъалъулъ. «Я Аллагьасул ﷻ Расул ﷺ! Нижер ракьалда буго цIибил, нижеца гьеб сокги бахъун гьекъола», - ян. Аварагас ﷺ бегьуларин абун гьев гьелдаса нахъчIвана. ТIарикъица кIиабизеги абуна: «Дица гьеб даруялъе хIалтIизабизелъун гьабула», - ян. Гьеб мехалъ Аварагас ﷺ абуна: «Гьеб дарулъун гьечIо, унтилъун буго», - ян (Муслим).

Мехтизарулеб жо гьекъеялдалъун лъугьунел гIемерал унтаби рехсон руго тохтурзабазги. ХIасан Шамси абурав тохтурас рехсон руго гьеб хIалтIизабиялдалъун лъугьунел унтаби. Гьес абулеб буго мехтел гьекъеялдалъун чиясулъ раккулин мукъулукъалда, риссиялда, бакьазда, тIулада рак унти, бакьазулгун квен бигьинабиялъул гIадлу хвей, язва лъугьин, гIемер туалеталде хьвадизари, бавасур лъугьин гIадал захIматал унтаби.

Гьеб хIалтIизабулесул тIулал хIалтIи нахъе ккола, хадубккун цирроз унтиги лъугьуна, импотенция лъугьинабула, инсульт, инфаркт гIадал унтаби ккола. Руччаби лъимер гьабизе кIолареллъун лъугьуна.

Гьелдаго цадахъ, гьеб хIалтIизабиялдалъун инсан ккола хIайваналъул даражаялде. Гьес байбихьула кIалалде рачIарал хъубалщинал рагIаби абизе, загIипасда кьабизе, рокъоб лъимал-хъизаназе тIагIамбахъи гьабизе. Цинги хадусеб къоялъ живги щибго букIинчIеб гIадинаб ххвелги гьабун вукIуна. Амма аскIор рукIаразул гьесдехун цебе гIадаб бербалагьи хутIуларо.

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Авараг ﷺ лъай – гьев вокьи

Аллагьасул Аварагасде ﷺ бугеб рокьиялъ гьесул асхIабзабазул ракIазулъ хасаб бакI кколаан. Гьеб рокьи гьез загьир гьабулаан рагIудалъун ва пишабаздалъун гуребги Аварагасул ﷺ къадру цIунулел, гьесул лъикIлъаби рицунел, гьесул тIокIаб гIамал-хасият беццулел шигIрабаздалъунги.   АсхIабзабазда...


Кванил адабал

Кваназе байбихьилалде цин кверал чурила, гьелъ кванида баракат лъола, цинги «Бисмила» бахъила ва абила: «Аллагьумма барик лана фима разакътана ва къина гIазаба ннари», - абун. Кваналев чиясул ниятги букIина диналъе къуват бачIинеян абураб. Гьединаб ниятгун кванани, квенги...


Президентас ХасмухIаммадида баркана

Россиялъул президент Владимир Путиница баркана Дагъистаналъул хӀурматияв инсан, 95 сон тӀубарав ХасмухӀаммад Абубакаровасда гьавураб къо. Дагъистаналъул кӀудияв эменин абула гьесда гьев лъалел чагӀаз. Гьесул гӀумру буго къвакӀиялъул ва исламалъе хъулухъ гьабиялъул мисаллъун. Гьес гӀумру гьабуна...


Цоцазе мисал

Нилъер хъизам букIине ккола сахлъи бугеб щулияб жамгIияб гIуцIилъун. Рокъоб гIадлу гьечIони, хъизан-лъималаз гIумру гьабизе гьечIо исламалда рекъон, бажаризе гьечIо гьел лъикIал бусурбабилъун лъугьинарун.   Аслияб масъала буго Аварагасул ﷺ уммат гьоркьоса къотIичIого цIикIкIунеб хIал...


Ракьулъ бижулеб гIурдахIан

Камъат (гIараб мацIалда факъгI абунги лъала, гIурус мацIалда трюфель) ккола ракьулъ бижулеб кваназе бегьулеб гIурдахIан. Хасго гьеб гIемер батула ГIагараб Машрикъалъул ва Шималияб Африкаялъул авлахъазул гIатIилъабазда, гьениб гьеб загьирлъула цIад бан хадуб. Гьеб гIажаибаб ракьалъул нигIматалъе...