Аслияб гьумералде

Рецц-бакъ гьабизе бокьи

Рецц-бакъ гьабизе бокьи

Бахчараб ширкин абулеб гIамал ккола лъикIал гIадамазда бихьизелъун, гIамалал рихьизелъун, халкъалъ рецц гьабизелъун гьабулеб ишалда. Гьеб рекIел унтиялъ инсан вачине бегьула ахираталда кири щвеялдаса махIрум гьавиялде, гьабураб гIибадат чIобогояб, пайда жиндаса щвечIеблъун гьабиялде.

 

Гьеб гIамалалда абула «Рияъ» абун. Гьеб ккола чиясе, жинцаго гьарурал гIамалазул, лъикIлъиялъул, гIибадаталъул хIакъалъулъ гIадамазда рагIизе бокьи. Гьелъул аслуялда жаниб бахчунги букIуна чиясда жиндирго гIибадаталдалъун живго цогидазда цеве лъикIавлъун вихьизавизе гъира, гьезда жиндирго пишабазул лъикIал рахъал рихьизари. Цо нухалъ Аллагьасул Расулас ﷺ абун буго: «Дун бищунго хIинкъулеб жо буго нуж бахчараб (гьитIинаб) ширкалде ккеялдаса», - ян. АсхIабзабаз гьесда гьикъула: «Бахчараб ширк щиб жо кколеб, я Аллагьасул Расул ﷺ?» - абун. Гьелъие жаваб гьабун Аварагас ﷺ абула: «Бахчараб ширк ккола цогидазда рихьизелъун лъикIаб гIамал гьаби», - ян (ТIабарани). ХIадисалда хадубги абулеб буго: «Къиямасеб къоялъ гIадамазе гьабураб гIамалалъухъ кири кьолеб мехалъ, рихьдае лъикIал гIамалал гьарурал чагIазда ТIадегIанав Аллагьас ﷻ абула: «Нуж а дунялалда гьеб гIамал жидеда бихьизелъун гьабун букIарал чагIазухъе, балагье гьездаса нужеего щвезе кири бугищали! Нужеца гьезда гьаре нужерго лъикIал гIамалазул кири кьейилан. Гьездаса тIалаб гьабе кири», - абун.

 

Балъгоябги тIатарабги

Рияъги букIуна балъгоябги тIатарабги. Рагьараб, ай тIатараб рияъ ккола инсанас загьирго рихьуледухъ гIамалал гьари. Амма цIикIкIун хIинкъи бугеблъун ккола хасал гIаламатаздалъун жиб лъазе кIолеб балъгояб рияъ. Гьелъул бищунго кIудияб гIаламатги буго, жинца гьабураб гIамал гIадамазда бихьараб мехалъ инсан гьелдаса вохи. ГIемер рукIуна ракIбацIцIадго гьарурал гIамалал, жиб рияъ букIинги лъачIого, амма гьеб иш цогидазда бихьун лъараб мехалъ, гьелдаса жал рохи сабаблъун рияълъун гьеб гIамал лъугьараб. Гьеб рохелги ккола гьединаб иш бахчараб рияъ букIиналъул хIужалъун, щайин абуни, цогидазул пикрабазул ургъел букIинчIебани гьеб гIадамазда лъан хадуб гьев вохизе вукIинчIо.

Буго рияалъул цоги тайпа, гьелдасаги жиб бахчараб. Гьебги буго инсанасе жиндир гIамал цогидазда лъазе бокьунгутIи, амма гьесие бокьи гьабураб гIамалалъул хIакъалъулъ лъалез жиндие кIодолъи гьабизе, хIурматалда рецц гьабун, жив къабул гьавун, лъикIаб хъулухъ гьабизе бокьи.

 

БатIи-батIияб бакIалда рияъ

ГIибадаталъулъ. Гьеб рияъ ккола инсанас гIадамал ругеб бакIалда диниял ишазулъ мухIканлъи гьабизе байбихьараб мех. Гьеб загьирлъула кIал кквеялъулъ, как баялъулъ, хIеж борхиялъулъ, садакъа кьеялъулъ ва гь ц.

Загьирияб чорхол хIал хисизабиялъулъ. ГIемер гIибадат гьабулев чи живгойин кколедухъ гIадамазда жиндир чорхол хIал хисараблъун бихьизаби, хасго мажгит гIадаб бакIалда рукIун къватIире рахъунелъул.

Бицунеб хабаралъулъ. Гьединаб рияъ гIуцIун букIуна берцинал кIалъаяздаса, гIакъилал рагIабаздаса, гъваридаб лъай бугев чи живго вугин абун гIелмиял жал рициналдаса. Гьединаз гIадамал ругеб бакIазда Аллагь ﷻ рехсола, халкъалда цебе лъикIаб жо загьир гьабула, квешалдаса нахъчIвала, Къуръан цIалулелъул гьаракь берцин гьабизе хIаракат бахъула, жидерго лъай бихьизабизелъун бахIсазде лъугьуна.

 

ЛъикIал гIамалал рухIула

Рияъ рикIкIуна рекIел унтабазул бищун квешазул цояблъун. ЦIаялъ бакъвараб цIул бигьаго бухIулеб гIадин, рияалъги лъикIал ишал хвезарула, ТIадегIанав Аллагьасда ﷻ цере кири щвечIеллъунги гьарула. Жундуб ибну Зугьайрица Аварагасда ﷺ абула: «Я, Аллагьасул Расул ﷺ, дица Аллагьасе ﷻ гIоло цо лъикIаб гIамал гьабураб мехалъ, цинги цогиясда гьебги лъайдал, дун вохула ва дие гьеб бокьула», - ян. Гьесие жаваб гьабун Аварагас ﷺ абуна: «ТIадегIанав Аллагьас къабул гьабуларо Жиндир разилъи гуреб, цоги мурад жаниб бугеб гIамал», - абун (Абу Давуд). ГIубадат ибну Саматидаса бицунеб буго Аварагас ﷺ абунин: «ГIадамазда бихьиялъе гIоло как барав яги кIал ккурав чи вуго жиндир гIибадаталъулъ ширк бугев чи», - абун.

Нилъер диналъ бихьизабула киналго гIамалал гIицIго Аллагьасе ﷻ гIололъун, Гьев разилъуледухъ гьаризе. Гьединаб, цогидаздаса бихьиялдаса бацIцIадаб, ракI Аллагьасда ﷻ бухьун гьабураб гIамалалдагун къасдалда абула ихласилан.

 

Кин цIуни гьабилеб?

Гьелъул зарал бичIчIи. Рияалдаса цIуни гьабизе ккани, бичIчIизе ккола гьеб унтиялъ гьабулеб кIудияб зарал. Лагъасда рияалъул зарал лъараб, гьелъ жиндир ракI согI гьабулеб букIин бичIчIараб мехалъ ва Аллагьасда ﷻ цебе жиндие щвезе букIараб ажру-кириялдаса махIрумлъизе вукIин лъайдал чиясе бигьалъула гьелдаса цIунизе.

Гьелъул аслаби лъай. Рияалъул аслабаздасан буго гIадамазда гьоркьоб жиндиего къимат, тIалъи букIине бокьи. Гьеб кьучIги гIуцIун букIуна лъабго бутIаялдаса: 1. Рецц-бакъ гьабизе бокьи. 2. Какидал гьеб рихин. 3. Цогидазухъ бугелде хьул лъей.

Гьаб лъабабго батиялъ бихьизабула инсанасда жиндилъ рияалъул гIамал букIин. Гьелдаса даруги ккола цогидазул реццалъ хIакъикъияб пайда жиндие кьолареблъи, какиялъ зарал гьабулареблъи ва кинабго лъикIлъигун нигIмат щвей цохIо Аллагьасда ﷻ бараб букIунеблъи бичIчIи.

Рияъ буго щивав чиясул рекIелъ чIараб гъветI. Санаде вахун заман банагIан инсанасда гьеб гъветI къотIизе кколеблъи бичIчIичIони, гьеб щибаб къойил гIолеб букIуна, гьелъул кьалбалги щулалъула, цинги гIураб къоялъ тIубанго гьеб рекIелъа бахъизе захIмалъула. Гьединлъидал рияалъул гъветI къотIизе ккани, къваригIуна къуватги, къеркьейги, сабруги. Цинги чара букIунаро кин гьеб гьабилебали лъаялдасаги. Гьеб малъизе гьелъие кумек гьабулезул цояздасан руго тIарикъаталъул машаихзаби. Гьезул тарбияталде гъорлъе лъугьун гIамал гьабизе лъугьиндал бигьалъула къеркьей гьабизе, гIамалалъулъ ихлас цIунизе. Гьедин гьабураб Аллагьасги ﷻ къабул гьабула.

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-08-01 (Сафар 1448 с.) №15.


Аварагасул ﷺ сира

Кинаб илагьияб хIикмат букIараб Аварагас ﷺ Макка рехун тезе ккеялъулъ?   Маккаялдаса Мадинаялде Аварагас ﷺ гьижра гьабиялъул хIикматаздасан ккола бусурбабазе дин загьир гьабизе цо шагьаралда яги улкаялда толеб гьечIони, гьезги дин цIунизе гIоло, ватIаналдаса цоги бакIалде гьижра гьабизе...


Дир гьитIинабго насихIат

Нилъер жаниса рахъ дабагъ лъугьиндал, Хвел-хобалъул хIисаб дарулъун ккола. Дуниял течIого хун унел чагIаз, ГIемераб гъапуллъи нахъе хъамула.   ХъантIун тIагIаталъе цере кколеца, Каранда нилъер ракI хIалтIизабула. Гьунар гьезул гIадин гIечIонаниги, Нилъерго кIарчанлъи...


Алмахъалда - мажлис

Казбек районалъул Алмахъ росулъ тIобитIана цолъиялде ва умумул ракIалде щвезариялде халкъ ахIараб мажлис. Гьениб бицана Дагъистаналъул тарихалда алмахъаз лъураб бутIаялъул, Кавказалъул рагъул заманалда алмахъаз бихьизабураб бахIарчилъялъул ва гьел кидаго Шамил имамасда цадахъ рукIиналъул...


ХIикматал махлукъатал

Квокка Квокка ккола унго-унголъунги гIажаибаб ва цIакъ хIикматаб хIайван. Гьелда абула «Ракьалда бищун талихIаб хIайваниланги». Гьаб ккола кенгуруялъул хъизамалдаса гьитIинабго хIайван. Гьелъул кIодолъи-гьитIинлъи буго гIага-шагарго рукъалъул катил гIадаб. Черхалъул халалъи: 40-54 см,...


ГIинкъал гIадамалги кIочон толаро

ГӀинкъазул ва гIинда бакIазул ТӀолгороссиялъул жамгӀияталъул Дагъистаналъул регионалияб отделениялъул вакилзаби, гьелъул председатель АсхӀаб Госенакаевасул бетӀерлъиялда гъоркь, щвана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиясухъе. Данделъиялда гьалбадерица ракӀ-ракӀалъулаб баркала...