Аслияб гьумералде

Балагьал тIаде цIалел пишаби

Балагьал тIаде цIалел пишаби

Ахираталда щивасул гIамал бихьун хIисаб-суал гьабун хадуб, квешаб гIамал гьабурал ритIизе руго жужахIалде. Къуръаналда сипат гьабураб кинниги, гьелъул агьлуялъе рукIине руго инсанасул пикру хадуб гъоларел гIадал вахIшиял тамихIал гьариял.

 

ЖужахIалъул агьлуялъе гьабулеб гIазаб букIуна щивасул гIамал бихьун, батIи-батIияб даражаялъул. ЖужахIалъул бищун тIад бугеб ккола «Жагьаннам» абулеб. Гьенире рехула жидер мунагьаздаса гIафву гьабичIел бусурбаби.

Хадусел руго «ЖахIим», «Лазза», «СагIир», «Сакъар», «ХIутIамат», «Гьавият» абурал даражаби. «Гьавият» абураб буго бищун ахада бугеб, гьенире абуни рехула мунапикъзаби.

ЖужахIалъул агьлуялъул квен-тIех. Гьениб гьабулеб гIазаб букIуна кутакалда квешаб, бухIи-цIороялдалъун жибги бугеб, унтизабулеб. Дунялалда бугеб цIа, жужахIалда бугелдаса анкьго нухалъ лъелъеги рехун, цIорозабураб бугин абула. ГIаси-пасикъазе гIазаб гьабизелъун жужахIалда рукIунел руго жидее сипат гьабидалго гIазаблъун кколел борхьал, загьру букIунеб буго закъум абун. «ХIамим» абураб гьалдолеб лъим букIунеб буго кIалалда аскIобе босидалго куц бежулеб. «Садид» абунги жо букIунеб буго гьекъезе кьолеб, жужахIалде рехаразул къаркъалаялдаса чвахун жиб бачIараб. Квен букIунеб буго «Гъассакъ» абун, рецI-хьвердалдаса гьабураб.

ГIазаб цIикIкIун букIинелъун, гьениве ккарасул тIом биццат гьабун, къаркъала кIодо гьабулеб буго 70 нухалъ. Бищун бигьаяб тамихI гьабулесулги хIатIазда гъоркь бакараб цIаялъ гIадалнах гьалдезабулеб буго. ТIахьазда хъвалеб буго цIороялдалъун гьабулеб гIазаб кутакаб букIунин жибго цIаялдалъун гьабулелдасагиян.

Аллагьас цIунаги щивав бусурбанчи гьениве ккеялдаса.

 

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...