Аслияб гьумералде

ТIаса лъугьин

ТIаса лъугьин

ТIадегIанав Аллагьасул руго гIемерал цIарал. Гьездасан ккола Ал-Гъафур, ай кинабго жоялдаса тIаса лъугьунев абурабги. Гьеб цIар Къуръаналда 70-ялдасаги цIикIкIун нухалъ рехсонги буго. ТIахьаздаги рехсон буго, ракI-ракIалъ тавбу гьабуни, Аллагьас чIахIиял мунагьалцин чурулин абун.

ТIадегIанав Аллагьасул Сахаватлъиялъул хIакъалъулъ пикру гьабидал халлъула Аллагь нилъеда гурхIулев вукIин ва Гьесие нилъ рокьулел рукIин. «Ан-Нур» сураялъул 22-абилеб аяталда буго (магIна):

«Нужее бокьун гьечӀищ Аллагьас нужер мунагьал рахчизе ва нужеда Гьев гурхIизе? Гьеб нужее бокьун батани, нужецаги гӀадамазде гурхӀел гьабе ва гьездаса тIаса лъугьа! ТIадегIанав Аллагь вуго мунагьал рахчулев ва гурхIулев», - ян.

ТIадегIанав Аллагьцин гурхIулевлъун ва тIаса лъугьуневлъун вугев мехалъ сунца нилъее квалквал гьабулеб цоцаздаса тIаса лъугьине!? ГIалимзабаз баян гьабуна рекIелъ ракIхвей ва ццимгун вугев чиясе гьелдаса зарал букIин. ГIемер халлъула, яц-вацалцин барщун рукIуна. Гьеб кутакалда мекъаб иш буго. Умумуздаса нилъехъе бачIана: «Дуцаго гьабураб лъикIлъи ва дуе гьабураб квешлъи кIочон те», - абун. ТIаса лъугьине тIоцебе гали лъурав чиясул Аллагьас рекIелъ тIадагьлъи, гIаданлъи бижизабула ва гьесул динги щула гьабула. Къуръаналда буго (магIна):

«…Жиндие гьабураб квешлъи тIаса лъугьун тани, жинца гьев чиясулго рекъелги гьабуни, гьесие кьолеб ажру Аллагьасда тIад буго. Гьебги цIакъ кӀудияб ажру ва кири букIуна…», - ян (сура «аш-Шура», аят 40).

Цо ханасул букIун буго анцIго гIалхул гьве. ГъалатI ккарал хъулухъчагIазе гIазаб гьабун тIаде риччалел рукIун руго гьес гьаби. Цо къоялъ, мекъаб пикру хъулухъчияс загьир гьабидал, ханасе гьеб кутакалда бокьичIо. Цинги гьес буюрухъ кьуна гьев гьабзазда цеве рехеян. Хъулухъчияс абуна: «АнцIго соналъ дуе хъулухъ гьабуралъухъищ дуца дие гьеб гIазаб кьезехъин бугеб? Гьарула, кье дие анцIго къо, цинги рехе дун гьабзазда цеве», - ян. Ханги гьелда разилъула.

Гьаби хьихьун вукIарав хъаравуласде аскIовеги ун, хъулухъчияс гьарула гьеб анцIго къоялъ гьезие хъулухъ гьабизе жив тейин абун. Хъаравуласги изну кьола. Цинги гьеб анцIго къоялъ хъулухъчияс байбихьула гьабзазе квен кьезе, чвердезаризе ва цогидалги хъулухъал гьаризе.

АнцIго къо индал ханас буюрухъ кьола хъулухъчиясе тамихI гьабеян абун. Амма гьабзазда цеве рехидал, киналго гIажаиблъун хутIула. ГIалхул гьаби хъулухъчиясул хIатIал чIикIизе журан руго. Цинги ханас абула: «Дир гьабзазе ккараб щиб?» - илан. Хъулухъчияс жаваб кьола: «Дица гьабзазе анцIго къоялъ гурони хъулухъ гьабичIо, амма гьезда гьеб кIоченчIо. ТIубараб анцIго соналъ дуе хъулухъ гьабуниги цо гъалатI дир ккедал, дуда гьеб кIочана», - ян. Ханасда жиндирго гъалатI бичIчIула ва хъулухъчиги эркен гьавула.

ЖАБИР МАЖИДОВ, «АС-САЛАМАЛЪУЛ» МУХБИР

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...