Аслияб гьумералде

Загiипаллъун рукiунге

Загiипаллъун рукiунге

Напсалъул хIисаб гьабиялде ахIулел гIемерал аятал ва хIадисал руго. Амма жакъа напсалъул гуреб гIарцул хIисаб цIакъго лъикI гьабулеб буго нилъеца. Лъабкъойилъе вахарав цо математикас хIисаб гьабун жиндиего чIезабун буго 21500 къоялъ гIумру гьабунилан. Цинги гьес абулеб буго: «Щибаб къойил цо-цо мунагь гьабун батанигицин дир ругел гIемерал мунагьалго щиб!?» - ян.

ЖАБИР МАЖИДОВ, «АС-САЛАМАЛЪУЛ» МУХБИР

Аварагас абуна: «Жиндирго напсалъул хIисабги хун хадуб букIине бугелъул пикруги гьабулев чи ккола гIакъилав, напсалъе бокьараб гьабулев чи ккола загIипав», - илан (Тирмизи).

«Бустанул ВагIизин ва Риязу СалихIин» абураб тIехьалда буго: «Аллагьасукьа хIинкъарав цо гIабидасул букIана гIадат кидаго цадахъ щакъитIел ва хъвазе хъарщи босулеб. КIалдиса къватIибе кинаб бугониги рагIи бачIиндал, гьеб хъорщодаги хъван, гьес абулаан: «Гьебго куцалда малаикзабазги хъвала гьеб», - илан.

Щибаб къойил маркIачIул какги бан, хъарщиялда хъварабги цIалун, гIодулаго гьес абулаан: «Ле, дир напс! Дуца пикру гьабе сиратIалъул кьодасан унаго хъорщода хъван бугелъул цIех-рех гьабулаго дуего букIине бугелъул!? Ле, дир напс! Кин дуда ракIалде кколеб, гьениб хъвараб кинаб рагIи сабаблъун дун жужахIалъуве рехизе вугев!?» - илан.

Щибаб къойил бадиса магIу лъугIизегIан, лъавудаса инегIан гIодулаан гьев. Лъавуде вачIиндал бацIцIадаб тIанчида гьеб кинабгоги хъван, гьес абулаан: «Я, дир Аллагь , Дур лагъасдаса тIаса лъугьа Мун, гьесда гурхIа», - ян. ХвезегIан гьеб гIамалги рехун течIо гIабидас.

Хун хадуб цо-цо гIабидазда лъикIаб хIалалъулъ макьилъ вихьун вуго гьев. Аллагьасда аскIоб щиб дуда батарабин цIехедал, гьес абуна: «Сахаватасдасан сахаватлъи гурони букIунаро!

Дунялалъул рокъоб гьабулеб букIараб диего хIисаб Гьес къиямасеб къоялъ гьабулеб хIисаб-суалалдалъун хисана. Гьаб ракьалда щибаб къойил дица тIураб магIуялъулги къиямасеб къоялъ дир къеч буссинелъун лъел гIоразде сверизабуна.

Гьединго ТIадегIанав Аллагьас сиратIалъул кьодаса довехун вахинавун, алжанги дие насиб гьабуна. Гьелде тIадеги, гIурхъи гьечIеб цIобалдалъун Живго вихьиги насиб гьабуна», - ян.

Хирияв аварагасдасан бицана: «Цо рагIи сабаблъун жужахIалъул цIадаве, Машрикъ-Магърибалда гьоркьоб бугеб манзилалъ вортизе бегьула инсан. Лагъасе алжан насиб гьабизе бокьидал Аллагьас гьесул мацI квешаб жо абиялдаса цIунула ва жиндирго гIунгутIабазде машгъул гьавун, цогидазде регIизе толаро», - ян (Бухари, Муслим).

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...