Аслияб гьумералде

КъабихIал пишабазул улбул

КъабихIал пишабазул улбул

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ инсан кIодо гьавуна. Аллагьасул ﷻ къуват бичIчIарав чияс квешлъабиги гьаруларо, гьев вуссуна Аллагь ﷻ лъаялъул гIелму тIалаб гьабиялде.

 

Аллагьас ﷻ инсан хIикматаб къагIидаялъ вижана. Чиясул анатомия лъазабурасда бичIчIула живго жиндасаго вижизе рес гьечIеблъи. Аллагьас ﷻ нилъ рижана Жив лъазе. Аллагь ﷻ лъазе кIола сахаб ракIалда. Унтараб ракI Аллагьасдаса ﷻ рикIкIалъулеб букIуна.

Нилъеда жаниб нафсги квешал тIабигIаталги руго. Имам Гъазалияс хъван буго, инсанасулъ ункъо сипат бугилан: жанаваразул, хIайваназул, шайтIаналъул ва хIакимчиясул. ХIаким ккола нилъер гIакълу. Гьел сипатал рекIелъ руго. Гьединлъидал инсанасулъ данделъула болъонги, гьойги, шайтIанги, гIакълуги. Болъон ккола шагьват, гьой - ццим бахъин, шайтIаналъ нилъеда жаниб бугеб болъонил шагьват багъаризабула, жанаваралъ ццим бахъинабула. ГIакълуялъин абуни хIаракат бахъула шайтIан нахъчIвазе.

Болъонил шагьваталъе нилъ мутIигIлъани, раккула гьадинал сипатал: чороклъи, исрап гьаби, рияъ, нич гьечIолъи, хъантIи, бетIерлъи, хIасад, чияде рокьукълъи. 

Гьведулаб ццим бахъиналъе инсан мутIигIлъани, загьирлъула гьадинал сипатал: живго берцин вихьи, чIухIи, чияда тIад велъанхъи, гIадамал гIодорегIаналлъун рихьи, квешлъи гьабизе, зулму тIибитIизабизе бокьи.

ШайтIаналъе мутIигIлъани раккула гьал сипатал: гукки, хIилла, рекIкI, мекълъи. Гьел киназдаго тIад кверщел гьабуни, Аллагьас ﷻ кьола гIелму, хIикмат, якъин. РакI бацIцIад гьабиялъул нух цIакъ халатаб буго ва сахгьабиялъул нухги цIакъ гъваридаб буго. РакI бацIцIад гьабулеб гIелму ва гIамал гIадамазул гъафлаталъ тIубанго рехун тун буго, ай гьезда нафс кIочон тана дунялалъул берцинлъиялъ.

Имам  Гъазалияс «ИхIъяу  гIулуму-ддиналда» хъван буго гьелъие дару гьабулеб нух. Нилъеца гьезул лъабго къабихIаб сипат рехсела, щайгурелъул гьаб заманалда факъигьзаби (гIалимзаби) унтун руго нилъеца рехсезе ругел унтабаз. 

Нилъеца гьелдаса цIуни гьабизе ккола, гурони гьелъ нилъер нафс цIакъ гьалаг гьабула. КъабихIал сипатазул улбул ккола: хIасад, рияъ, гIужбу (живго жиндаго берцин вихьи). ХIаракат бахъе гьал сипатаздаса дурго ракI бацIцIад гьабизе. Гьездаса вацIцIалъизе кIвечIони, цогидал квешал сипатаздаса вацIцIалъизе кIвезего кIоларо.

ХIасад баккула барахщиялдаса. Барахщарав чи барахщула Аллагьасул ﷻ нигIматазда. Гьел нигIматал Аллагьасул ﷻ къудраталдалъун гурищ, Жинцаги лагъзадерие кьезе ругел. ХIасад гьаби ккола, пуланасе Аллагьас кьун ругел нигIматал, масала, гIелму, боцIи, бечелъи, жиндие захIмалъи. Гьесул рекIее хIалхьи щоларо гьесдаса гьеб нигIмат тIаса ун гурони. Гьелъин Аллагьасул Расулас ﷺ абун бугеб: «ХIасадалъ кванала киналниги лъикIлъаби, цIаялъ цIул бухIулеб гIадин», - ян. 

ГIабдуллагь ибну МасгIудица абун буго: «Нужеца Аллагьасул ﷻ нигIматазде тушманлъи гьабуге», - ян. Аллагьасул ﷻ нигIматазде лъица тушманлъи гьабулебин аскIор рукIараз гьикъидал, гьес абула: «Аллагьас ﷻ Жиндир цIобалдаса гIадамазе кьуралде хIасад гьабулел чагIаз», - илан. 

Имам КъуртIубияс хIасадалъе баян гьабулаго абун буго: «ХIасадалъул магIна буго, чияс жиндехун хIасад гьабулесдаса Аллагьас ﷻ кьураб нигIмат тIаса ине хьул гьаби», - ян.

ХIасад гьабулев чи гьаб дунялалда кидаго гIазабалда вукIуна. Гьесда жаниб гурхIел абураб жоги букIунаро. Щайгурелъул, чIаго вугебгIан заманалда нигIмат бугел гIадамал гьесда сверухъ камизе гьечIо. Гьеб мехалъ гьесул кидаго букIине буго гьездехун хIасад гьаби. Ахираталда гьеб гIазаб жеги цIикIкIараб ва унтараб букIуна. ХIасадалъ тIаде цIала щуго балагь: 1. ТIагIат хвезабула. 2. Мунагьалги квешлъабиги гьарула. 3. Сваказавула ва ургъел чIвазабула. 4. РакI бецIлъизабула. 5. Нахъе ккола, ай жиндирго мурадазде гьев щвезе гьечIо. 

Нагагьлъун дуда халлъани гьеб къабихIаб пиша, бацIцIад гьабизе лъугьин цIикIкIун рекъараб буго къанагIатал суалазе жавабал ралагьиялдаса ва къацандиялдаса.

Рияъ ккола балъгояб ширкин абулеб жо. Аварагас ﷺ хIадисалда абуна: «ГьитIинаб ширкалдаса нужеца цIуни гьабе», - ян. АсхIабзабз гьикъула, гьитIинаб ширк сунда абулебилан абун. Аварагас ﷺ жаваб кьола гьеб рияъ кколин абун. Рияъ гьабула гIадамазда гьоркьоб къадру-къимат щвезелъун. Машгьурлъи бокьи ккола гIадамал гьалаг гьарулеб жо. Гьелъ нилъер лъикIал гIамалал рухIула. Къиямасеб къоялъ рихьдае жо гьабулев чи ахIула гIодорегIанал цIараздалъун.

ГIужбу, чIухIи ккола рекIел унтаби. ГIужбу ккола жиндирго лъикIал гIамалал кIудияллъун рихьи. Жеги гIужбу ккола цогидав чиясдехун хIакъираб бералъ балагьи. Гьелъул асар мацIалдеги бачIуна ва гьес абула дунго-дунилан, ай иблисалъ абурабго гIадин: «Дун гьесдаса лъикIаб буго», - ян. Мажлисазда гьелъул асар баккула, гьединасе бокьула кивго цеве вукIине, тIадегIанлъи щвезе.

 

МухIаммаднаби АхIмаев

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Якьадги росги   Дир якьадалъе бокьун букIана жиндирго квартира къачIан лъугIизабизе ва гьелъ нижеда гьарана кумек. Дир росас, дидаги гьикъичIого, хIажатаб гIарац къарзалъ кьуна. ЛъагIел ана ва гьеб гIарац нахъбуссинабизе гIедегIунев чиги гьечIо. Дир рос нечола ракIалде щвезабизе ва дида...


КIудиял мунагьал

МацIихъанлъи гьаби ккола цо чияс абураб жо цогидасда бицин, гьелъ жинда бицарав чиясул жиндаса бицарав чиясдехун дагьабниги рокьукълъи, ракIхвей бижизабулеб бугони. Къуръаналда мацIихъан какун вуго. ХIадисалдаги буго мацIихъан Алжаналде лъугьинарин абун.   Гьел ккола Аллагьасул бищун ццим...


Аллагьас ﷻ цIунула

Балагь, рекIее хIалхьи толарел ахIвал-хIалал ва захIмалъаби тIаде рачIуна нилъер щивасде. Гьаб дунялалъул рукъ гьедин гIуцIарабги буго. Амма нилъер гIумруялъул аслулъун бугеб мурад ва гьаб дунял жидее щиб бакI бугебали бичIчIи бугез дандчIварал къисматалъул киналго захIмалъаби къвакIун хIехьола....


Жиндаго тIад хIалтIи

Нилъеца гьарулел гIамалал ритIарал ругищали яги чиядехун гьабулеб гIамалалъулъ тохлъи биччалищали пикруго гьабулищ нилъеца? Мекъи рукIин лъалищ, къабул гьабулищ, гьеб битIизабизе хIаракат бахъулищ?   Гьайгьай, гьелъул пикру гьабизе ккела. Лъазе ккола аварагзаби хутIизегIан, гунгутIабаздаса...


Авараг ﷺ лъай – гьев вокьи

Аллагьасул Аварагасде ﷺ бугеб рокьиялъ гьесул асхIабзабазул ракIазулъ хасаб бакI кколаан. Гьеб рокьи гьез загьир гьабулаан рагIудалъун ва пишабаздалъун гуребги Аварагасул ﷺ къадру цIунулел, гьесул лъикIлъаби рицунел, гьесул тIокIаб гIамал-хасият беццулел шигIрабаздалъунги.   АсхIабзабазда...