Аслияб гьумералде

Щиб жоха кколеб талихI?

Щиб жоха кколеб талихI?

Щиб жоха кколеб талихI?

Гьеб суалалъе щивав чияс кьела жиндирго гIакълу-лъаялда борцун, пикруялда рекъезабун жаваб. Амма хIакъаб жо буго Аллагьасде бугеб божиялда ва ракьалда бекьараб лъикIлъиялда жаниб букIин талихIалъул кIул.

Гьеб кIулалдаса битIун пайда босарасда жакъа дунялалдаги метер ахираталдаги хвасарлъиги батила.  БетIергьанасукьа хIинкъиялъулъ жидеда талихI бихьулелги руго, хIакъикъаталдаги жидер ракIазда нур барал, абадияб рукъалъе гIоло дунялалъул чIаголъиялдаса пайда босизе лъарал гIадамал.

Аллагьасукьа кин хIинкъилел абун ибну МасгIудида цIехедал, гьес абун буго: «Аллагьасукьа хIинкъиялъ инсан хвасар гьавула захIмалъи-къварилъабаздаса, ризкъиялъул рагьабиги гьесие рагьула ракIалдаго гьечIеб рахъалдасан», - абун.

Аллагьасукьа хIинкъи ккола жинда хадуб гIодобегIанлъи гьечIеб тIадегIанлъи. Муъминчиясда тIадаб буго жив вижарав Халикъасукьа нечезеги, хIинкъизеги, хIарамалдаса рикIкIалъизеги. ХIарамалдаса рикIкIалъарав Аллагьас хIалалаб кьун бечедги талихIги гьавула. Дагьаб хIалалаб лъикIабги бугелъулха, БетIергьанасдаса машгъул гьабулеб, гIемералдаса.

ТалихIалъул кIул дурго кверщаликье ккезе бокьун батани, тIалаб гьабе пайдаяб гIелму, гIемер цIалдей ва дур рекIелъ рукIун ккун букIараб пашманлъиялъ мун рехун тела. ГIелмуги лъайги буго къимат гьабун бажарулареб бечелъи. Жагьиллъиялдаса кIудияб язихълъиги, хъаркIаслъиги, бецIлъиги гьечIо. ГIелму ккола канлъи, лъавукълъи - бецIлъи. Лъайги тIалаб гьабизе ккола кIиябго рукъалъе хIажатаб. ЦохIого-цо динияб гIелмуги лъазабун чIани, дунявияб  магIишат нахъе ккелин абулелги камуларо. Гьединазда бичIчIизелъунги батила, ХIасанул Басрияс абун буго: «Дица Къуръаналда, 90 бакIалда, цIалана Аллагь жиндир махлукъаталъе ризкъи кьезе гъоркье чIарав вугин абун.

Цо бакIалда батана, шайтIаналъ хIинкъи кьолеб бугин нужее нуж мискинлъулин абунги. Нилъ щаклъулел руго Садикъасул, ай битIараб бицунев Аллагьасул 90 нухалъ абураб рагIиялда, цо нухалъ нилъер тушманалъ абуралдаги божун», - ян.

ТалихIавлъун вукIине бокьани тIадчIей гьабе тавбуялда, гIасилъуге Аллагьасде. Аллагь лъаларезул гIумру-яшав букIуна тIад берцинаб хъал бугин кканиги жаниса турараб ва махIцараб гIечалда релъараб. 

Цоги ТIадегIанав Аллагьас нилъее рахIматлъун кьуразул цояб ккола тавбу. Тавбуялде хIажалъуларев чиги вукIунаро. Нилъ киналго гьитIинабниги кIудиябниги мунагьазукье ккола. ХIалтIи гьабизегIан цебе алат хIадур гьабулебго кинниги диналъул ишазул байбихьудаги тавбу гьабун черх къачIазе ккола. Тавбу гьабун черх къачIачIони, гьабураб гIамалалъул пайда кколаро. Тавбуги гьабичIого мунагьаз цIураб хъубаб черх Аллагьасда цебеги чIун щиб бугониги жо гьаризеги нечезе ккеларищ?

Тавбу къабуллъизе ккани чара гьечIого лъабго жоги къваригIуна: гьарун арал мунагьаздаса пашманлъи, тIокIалъ гьел мунагьазде вуссунгутIи, мунагь гьабичIого тезеян къасд гьаби. Къуръаналда абулеб буго (магIна): «Нужеца Аллагьасе тавбу гьабе, нужеего талихI щвезе», - абун.

 

мухIаммад Салманов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...