Аслияб гьумералде

Тушманлъун ккве кидаго

Тушманлъун ккве кидаго

Иблис буго Аллагьасул ﷻ амруялъе тIоцебе хилиплъараб малгIун. Гьелдаса хадуб БетIергьанас ﷻ гьеб жиндирго рахIматалдаса бачахъана ва ахир къиямасеб къо щвезегIан холареблъунги тана. Гьелдаса хадуб иблисалъ тIаде босана Адамил лъимер битIараб нухдаса къосинабиялъул иш. Жибго гьеб рахIматалдаса бачахъиялъе сабаблъун ккарабги буго, БетIергьанас ﷻ Адамие сужда гьабеян абидал, чIухIун чIун гурони, гьелъ сужда гьабичIолъи.

Аллагьас ﷻ рижарал махлукъатазул цояб бугелъул, жундуздаго гIадин иблисалдаги кIола батIибатIияб сурат кквезе, гьелдалъун Адамил лъималазухъе бачIинеги. Гьелъул хIакъалъулъ Аллагьасул ﷻ расулас ﷺ абун буго: «Жинал рикьун руго лъабго тайпаялде. Гьезул цо къокъаялъул руго куркьбал, гьезда кIола гьаваялда роржанхъизе. Цоги къокъа буго борхьалгун гьабзазул сипаталда ругел. Лъабабилел руго гIадамазда цадахъ рукIунел, гочарулел. («Румузул ахIадис» тIехь).

ГIемерисеб нухалъ иблисалъ сурат гьабула квешал чагIазул, гьединаб сураталдалъун бачIунебги буго гIадамазухъе. Амма гьелда кIолеб гьечIо аварагасул r сурат гьабизе. Бицуна аварагас ﷺ абунин: «Дун макьилъ вихьарав щив чи вугониги, гьесда лъай, хIакъикъаталдаги дун гьесда макьилъ вихьараблъи. Щайин абуни, шайтIаниблисалда кIоларо дир сипат-сурат гьабизе», - ян. ШайтIан бачIана киналго аварагзабазухъе, гьезда нахърилълъаразухъе, хIатта нилъер авараг - МухIаммадихъе ﷺ ва гьесул асхIабзабазухъе.

ЛъикIазухъе бачIунеб гIадин квешал чагIазухъеги бачIуна гьеб. Гьедин хьвадана иблис капурзабахъе, Аллагьасда иман лъурал битIараб нухдаса къосинаризе ва гьезие гьабулеб гIакъубагIазабалъулъ кумекги гьабуна. Хирияб Къуръаналда буго гьадинаб магIнаялъул аят: «ШайтIан буго нужедехун тушманлъи бугеб, нужее зарал гьабизе кидаго жибги ургъулеб. Нужеца гьеб тушманлъун ккве! Гьелъ жинда нахърилълъарал ахIула жужахIалъул бетIергьабилъун рукIунеб гIамал гьабиялде», - ян (суратул «ФатIир» 6 аят).

Абу-Гьурайратидаса бицараб хIадисалда аварагас ﷺ абулеб буго: «Нолъ-къаси дир как хвезабизе аскIобе бачIана цо гIифрит (шайтIабазул бищун чорокаб, сурукъаб, къабихIаб шайтIан). Амма БетIергьанас ﷻ гьелда данде дие кьуна къуват, дида гьеб кквезеги кIвана. Дие бокьун букIана радалиса нуж рачIиндал киназдаго бихьизелъун гьеб мажгиталъул хIубазул цоялда бухьине.

Амма дида ракIалде щвана Сулайман аварагасул дугIа (магIна): «Я дир БетIергьан Аллагь ﷻ! Дуца дир мунагьал чуре! Дуца ﷻ дие кье кIудияб гьунар ва ханлъи дидаса хадуб цогиясе букIунареб гIадаб. Мун ﷻ цIакъ цIоб гIатIидав, нигIматал гIемер кьолев вуго», - ян абураб (сурату «Сад» 35 аят).

Цинги дица гьеб нахъе хъамуна», - ян. Абу-Дардаица бицараб риваяталда буго: «Дир вац Сулайман аварагасул дугIа букIинчIебани, рогьинегIан гьеб хIобода бухьараблъун хутIилаан ва радалиса Мадинаялъул лъимал мажгиталде рачIиндал гьезда кIвелаан гьебгун расандизе», - ян.

Ибну ГIабасидаса бицараб хIадисалда буго: - Цо къоялъ мажгиталдаса къватIиве вачIунаго аварагасда ﷺ кIалтIа батун буго иблис. Аварагас ﷺ гьелда абун буго: «Гьай, нигIматаздаса бачахъараб! Щиб гьабизе бачIараб дир мажгиталъул кIалтIе», - ян. Гьелъ жаваб гьабун буго: «Дун Аллагьас ﷻ битIана гьанибе. Дуе бокьараб цIехе, дица жаваб гьабила», - ян.

– Аварагас ﷺ гьелда цIехон буго, щай дуца дир уммат жамагIат-как базе рачIиналдаса нахъчIвалеб абун. Иблисалъ абун буго дур уммат мажгиталде индал дида сири бала. Какдаса гьел нахъе инегIан гьеб хIал тIасаги унароян.

– КIиабизеги цIехон буго аварагас ﷺ щай дуца дир уммат гIелму тIалаб гьабиялдаса, дугIа гьабун гьелъие данделъиялдаса нахъчIвалел абун. Гьелъие жаваб гьабун малгIуналъ абун буго гIелму цIализеги, дугIа гьабизеги дур уммат данделъидал дун гIинкълъулин, бецлъулин, гьеб хIал дида тIасаги унарин дур уммат гьениса рихха-рикьун инчIого.

– Хадубги цIехон буго аварагас ﷺ щай дуца гьел Къуръан цIалиялдаса нахъчIвалел абун. Гьеб мехалдаги абун буго иблисалъ, Къуръан цIализе дур умматалдаса цонигияв лъугьиндал, дун цIадабе рехараб тIухьигIадин биун унин абун.

– Жеги цIехон буго аварагас ﷺ щайин дуца гьел гъазаваталдаса нахъчIвалел абун. Иблисалъ жаваб гьабун буго, гъазаваталде гьел рахъаралдаса нахъруссун щвезегIан дир хIатIазда маххал ралин. Садакъа кьезе гьез къасд гьабидал, бетIералда тIад хъухъадироги лъун, цIул хъухъалеб гIадин дун тIаса гъоркье хъухъалин.

Умматалъ гьалги гьазда релълъарал цогидалги лъикIал гIамалал гьаризе къасд гьабидал, захIмалъаби щолел ругелъул, кинаб жигарха малгIуналъ бахъилареб нилъ гьелдаса нахъчIвазе ва квешаб гьабизе гьесизаризе?! Аллагьас ﷻ къуват кьеги бусурбабазе щибаб лахIзаталъ лъикIабщинаб гIамал гьабизе ва квешалдаса цIунун чIезе! Амин!

МУХIАММАДГIАРИФ КЪУРБАНОВ

2026-09-01 (РабигIул аввал 1448 с) №17.


Камиллъарав авараг

Нилъее мисаллъун ва шаригIат малъизелъун Аллагьас ﷻ витIарав чи вуго хирияв МухIаммад авараг ﷺ. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абун буго (магIна): «Аллагьасул расуласда буго нужее, я муъминзаби, берцинаб нахърилълъин…». (Сура «ал-АхIзаб», аят 21).   Нужеца...


Курми росдал къо

Курми росулъ тӀобитӀана росдал къоялда хурхун байрамалъулаб тадбир. Гьеб къоялъул аслияб лъугьа-бахъинлъун букӀана щивав чияс жидерго къуват, гьунар, бергьенлъи босизе бугеб гъира бихьизабизе рес кьураб спортивияб къец. Гьелдаса хадуб киналго гьалбал кваназаруна ва цо-цо церехъабазе кьуна...


ХIузуралъул нух

БетIергьанас щивав бусурбанчиясда тIадаблъун гьабун буго сордо-къоялда жаниб щуго как бай. Гьебги ккола диналда жаниб чара гьечIого лъалеб жо. Лъимералъ анкьго сон байгун гьелда как базе малъейин, анцIго сон байдал, кIарчанлъи гьабуни тамихI гьабейинги абун буго Бичасул аварагас ﷺ.   Цоги...


Рокъоб мавлид гьабиялъул даража

Абубакр Сидикъас абуна: «Мавлидалъе цо диргьам жинца кьурав чи Алжаналъув дир гьалмагъ вуго», - абун.   ГIумарица абуна: «Аварагасул ﷻ мавлид жинца кIодо гьабурав чи, ислам чIаго гьабурав чи вуго», - ян. ГIусманица абуна: «Мавлид цIализе цо диргьам жинца кьурав...


Мисал босула

Бищун талихIавлъун ккола Аллагьас ﷻ тIадкъарал хIукъукъалги тIуралев, хирияв Аварагасул ﷺ суннатги цIунулев ва исламалда рекъон хъизан-агьлуялъе тарбияги кьолев чи. Лъимералъ тIаса бищулеб нух бараб букIуна эбел-инсуда.   ГIемер абулеб рагIула, эбелалда яги инсуда релълъарав вугин абун....