Аслияб гьумералде

Берда бихьулареб унти

«Нуж Аллагьасукьа хIинкъа, хIакълъунго, Аллагьасул гIазаб гIасияб буго»

Берда бихьулареб унти

Берда бихьулареб рекIел унти буго гъибат. Нилъеего бокьулареб бицунеб батула чиясда нахъасан. Аварагасул хIадис буго нужеего бокьулареб цогидаздасанги бицунгеян абураб. Гьедин бугониги гIемер бихьула гъибат гьаби.

Жеги гьеб ккола нилъер кIалдиб ругьунаб, гIемеразда жиб мунагьлъунцин бихьулареб, амма бищунго кIудиял мунагьазул цояблъун жиб кколеб. Хасго гьеб руччабазда гьоркьоб гIемерлъун буго. КIиго яги цIикIкIун чIужугIадан данделъараб бакIалда къанагIатги хутIуларо гьеб мунагь гьабичIого. ТIадаб жо гIадин бицуна мадугьалалъул ретIа-къаялъул, рукъалъул чороклъи-бацIцIалъиялъул, лъимазул гIадлу гьечIолъиялъул...

Щай нилъеца гъибат гьабулеб?

Жиндасан гъибат гьабулев вугесдаса жалго лъикIаллъун рихьиялъ, гьесдехун жахIда-хIусуд букIиналъ, гьес гьабулеб пиша жиндилъ гьечIин абун чIухIиялъ, иманалъул загIиплъи букIиналъ, цогидал гIодорегIан гьариялдалъун, напсалда жибго тIадегIан бихьиялъ. Гьаб кинабго Исламалъ гьукъараб, жиндаса рикIкIалъизе тIадаб буго.

Гъибат тезе ккани, щиб гьабизе кколеб?

Кинаб букIаниги, черхалъе гIадатлъун билълъараб жо тезе инсанасе захIмалъула. Кинниги, гIакълу бугев чияс мацI бокьа-бокьараб бицине тун, живго цIадаве рехиларо.

  1. ТIоцебесеб иргаялда, бичIчIизе ккола нилъ рижарав БетIергьанас амру гьабурабщиналъулъ пайда гуреб гьечIеблъи. Нагью гьабун гьукъаралъулъ зарал гуреб гьечIеблъи. Аллагьасул ццин бахъиналдаса хIинкъун, мунагьалдаса цIунун чIезе хIаракат бахъила.
  2. Пайда гьечIеб харбида хадур лъугьинаро. Щиб щолеб дуе, росдал харбал ракIариялдалъун? Гьелъул бакIалда дунял-ахираталъе мунпагIат бугеб гьабуни, лъикIаб букIина.
  3. РагIи абилалде ургъе, гьелъулъ пайдайищ, заралищ бугебали? Къиямасеб къоялъ гIамалал хъвараб тIехьалда дие мунагь бихьизе бокьилищ? Гьедин борцине рекъараб буго тIолабго калам.
  4. Цогидазул хIакъалъулъ щиб бугониги абизе бокьидал, дурго гIузраби-гIунгутIаби ракIалде щвезаре, гьезда тIад ургъе, камилаллъун аварагзаби гурого рижун гьечIелъул. Щивас жиндирго напсалъул хIисаб гьабуни, цогидазул бицине ирга щвезего щвеларо!
  5. Гъибат тезе кумек гьабила, дуда абизе ракIалда бугеб дудаго борцани, гьев чиясул бакIалда мунго лъуни. Нагагь дур хIакъалъулъ гьединаб жо абун бугин рагIани, кин дур хIал хисизе букIараб? Дуда гьеб квеш бихьулеб, абурасда дур ццин бахъунеб, гьесдехун рокьукълъи бижулеб батани, абичIого тела, нилъеего бокьулареб цогидазеги гьабугеян абун бачIараб хIадисалда гIамал гьабун.
  6. Гъибат гьабулеб рагIидалги, гьеб гьукъила, берцинаб каламалдалъун, мунагь букIин загьир гьабун ва гьелъулъ ругел балагьал рехсон. ГIенеккаразеги гъибат гьабулезеги бащадаб мунагь букIунелъул.
Абу Дардаица бицараб хIадисалда буго: «Жиндир диналъул вацасул намус цIунарав чиясул гьумер Аллагьас Къиямасеб къоялъ цIадудаса цIунила», - ян (Тирмизи).

Къуръаналда Аллагьас абулеб буго (магIна): «Нужеца цоцазе кумек гьабе лъикIлъиялъулъ ва Аллагьасукьа хIинкъиялъулъ. Амма кумек гьабуге мунагь гьабиялъулъ ва тушманлъиялъулъ. Нуж Аллагьасукьа хIинкъа, хIакълъунго, Аллагьасул гIазаб гIасияб буго», - ян («Маидат», аят 2). Кинго гъибат гьукъизе бажарулеб гьечIони, гьеб мажлис тун, нахъе ина.

7. Даимго Аллагьасда гьарила иман щулалъи. Мунагьал тезеги гIибадат гьабизеги къуват кьолев Гьев гурони гьечIелъул.

МацIалъе жиб гьуинаб, ахираталда кьогIлъи кутакаб гьаб мунагь тезе киназего тавпикъ кьеги.

Хадижат Хизриева

2026-08-01 (Сафар 1448 с.) №15.


Тушбабаздехунги букIана гIафву

Аварагзабазул тIабигIа-таздасан ккола хIилму ва гурхIи. Аллагьас ﷻ Аварагасдехун абулеб буго: «Дуца гIадамаздехун гьабулеб гIамалалъулъ бигьаяб, хIеренаб нух тIаса бище ва жагьилал гIадамаздасаги вусса», ай гьез гьабуралда релълъараб ахIмакъаб гьабугейин ва гьезул рагIи-гIамал гIадахъги...


ГIинкъал гIадамалги кIочон толаро

ГӀинкъазул ва гIинда бакIазул ТӀолгороссиялъул жамгӀияталъул Дагъистаналъул регионалияб отделениялъул вакилзаби, гьелъул председатель АсхӀаб Госенакаевасул бетӀерлъиялда гъоркь, щвана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиясухъе. Данделъиялда гьалбадерица ракӀ-ракӀалъулаб баркала...


БагIараб пилпил

БагIараб пилпилалъулъ букIуна капсаицин абураб жо. Гьеб сабаблъун букIуна кIал бухIизабулеб тIагIамги. ГIалимзабаз цIех-рех гьабуна капсаициналъ инсанасул черхалъе гьабулеб асаралъул.   Чакрил унтиялъе гьабулеб асар Капсаициналъ кумек гьабулеб батана чорхолъа цIикIкIун инсулин бахъизе. Цо...


Алмахъалда - мажлис

Казбек районалъул Алмахъ росулъ тIобитIана цолъиялде ва умумул ракIалде щвезариялде халкъ ахIараб мажлис. Гьениб бицана Дагъистаналъул тарихалда алмахъаз лъураб бутIаялъул, Кавказалъул рагъул заманалда алмахъаз бихьизабураб бахIарчилъялъул ва гьел кидаго Шамил имамасда цадахъ рукIиналъул...


Къарзалъе щиб бугониги кьей

Къарзалъе гIарац кьей хирияб ишги нилъер Аварагасул ﷺ суннатги буго. Амма налъи бецӀи ккола тӀадаб жо. КигӀан ритӀухъав вукӀаниги, налъи бецӀизегӀан яги къарз кьурав чи тӀаса лъугьинегӀан, гьеб тӀаса кколаро. Гьединлъидал, бусурбанчиясе рекъола кIванагIан къарзалъе жо босичIого тезе, чарагьечIеб...